Суратчи, журналист, хъвадарухъан

Гьанжеялдаса щуго соналъ цебе анкьабилеб декабралда, Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб Республикаялъул миллияб библиотекаялда тIобитIана Россиялъул Хъвадарухъабазул ва Россиялъул Журналистазул союзазул член, ДРялъул культураялъул мустахIикъав хIалтIухъан, суратчи, хъвадарухъан НигIматулагь НурмухIамадовас 80 сон баялъул хIурматалда данделъи. 

 

Юбилярасул бицунаго мацIазул, литератураялъул ва искусствоя-лъул институталъул директор, профессор МухIамад МухIамадовас абуна «БагIараб Байрахъалъул» щибаб номералда рукIунаанила гьес рахъарал рекIее асар гьабулел суратал. «Гьединго НигIматулагьил кIудияб гьунар буго очеркал, макъалаби хъвазеги. Дагъистаналдаго рагIизабуна гьес рагъул бахIарзазулги, хIинкъи-къай лъаларел полициялъулазулги, гIадатиял гIадамазулги гIемерал цIарал. НигIматулагьил асаразулъ, хасго суратазулъ бихьулеб буго нилъер халкъалъул гIумруги тарихги», — ян бицана М. МухIамадовас.
«Молодежь Дагестана» газета-лъул хIалтIухъан Марат ХIажиевас абуна, редакциялъул архивалда ругел НигIматулагьил суратал рихьидал, гьесул махщелалъ гIажаиблъизавунила жив. «Жакъа гьел суратал ккола нилъер халкъалъул тарих. Щибаб сурат буго цIакъ ургъун бахъараб, тIубараб сюжет», — ан кIалъана М. ХIажиев.
Академик, медицинаялъул гIелмабазул доктор Шамил ГIумаровас бицана НигIматулагьица жиндир хIакъалъулъ хъван букIанила очерк. БитIараб бицунев ва хъвалев, ракIбацIцIадав, тIекъаб жоялда тIад рекъолареб гIамалалъул инсан вугила НигIматулагь.
Хъвадарухъан, журналист МухIамад ГIабдулхIалимовас абуна 50 соналъ хIалтIанила жив НигIматулагьида цадахъ магIарул газеталда. Гьесие хасиятаблъун кколила гьабулеб иш рагIа-ракьанде щун гьаби. «Гьев щвечIеб росу, вахинчIеб борхалъи, лъугьинчIеб кIкIал Дагъистаналда хутIунго батиларо. Гьесул суратал руго балагьарасе асар гьабулел ва гIадамазул рекIелъе лъугьунеб къагIидаялда рахъарал.