ЦIумазул улкаялдаса шагIиралъул юбилей

 

24 июналда Авар театралда тIобитIизе буго Дагъистаналъул халкъияй шагIир Сабигат МухIамадовалъул юбилеялда бан гIуцIараб тадбир.

ШагIир ва хъвадарухъан Сабигат МухIамадов гьаюна 1962 соналда ЦIумада

районалъул Инхокъвари росулъ. ЛъугIизабуна ДГУ ва хIалтIана Гъизилюрт районалъул централияб библиотекаялда.

ГьабсагIаталда хIалтIулей йиго Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб Республикаялъулаб миллияб библиотекаялда.

Сабигатица «Дун — маг1арулай» абураб цIаргун тIоцебесеб кечI хъвана 15 сон бараб мехалда. 1979 соналдаса нахъе гьелъул кучIдул рахъана ЦIумада районалъул «Колхозчи», республикаялъул «БагIараб байрахъ» газетазда ва «Гьудуллъиялда».

1992 соналда «Кьурда тIегь» абураб цIаралда гъоркь къват1ибе биччана тIоцебесеб

тIехь. Гьелда хадубго, ай гьебго соналда, Дагъистаналъул тIахьазул издательствоялъ къватIибе биччана «Рокьи»абураб шигIрабазул мажмугIги.

Гьелдаса хадубги къватIире рачIана «Эбел», «ЦIумазул улка», «ГанчIида бараб как», «Пикрабазул нухлулал», «ШагIиралъул балъголъи», «РекIел рекелал»,«Хасалил бакъ», «ТIерхьунареб бакъ.

КучIдул ва поэмаби», «Гъамбулат-афандил иллагьияб ракI», «БухIараб гьури»,«Цо гъалалъул балъголъи», «Цо медалалъул кIиго рахъ», «Ахирисеб дандчIвай», «Кавказалъул кьуру», «Яц» абурал тIахьал.

«Х1акъикъат» газеталъул коллективалъ Сабигат МухIамадовалда баркула юбилей ва гьарула щулияб сахлъигун творческиял бергьенлъаби.