Юбилейгун

 

   РФялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат, Казбек районалъул Буртунай росулъа Сайгидпаша ГIумахановас гьал къоязда тIубала 60 сон. БатIибатIиял хъулухъазда хIалтIулелъул, Сайгидпаша дагъистаниязда лъана тIаде босараб иш ракIбацIцIадго гьабулев, рагIи билълъарав нухмалъулев ва кIвахI лъаларев жамгIияв хIаракатчи хIисабалда. Хасго гьесул гьеб хасият загьирлъана Хасавюрт шагьаралъул бетIерлъун вугеб мехалда. Доб хIалуцараб заманалда гьев гурев цоги бокьарав чиясда тIадеккун букIарабани шагьаралъул ва хасго гьелда сверухъ лъугьараб гIорхъолъа борчIизе хIадурараб ахIвалхIалалъул жавабчилъи, щакаб жо буго иш нухда бачун бажаризе букIин. Гьесда кIвана цIакъго кIвар бугеблъун лъугьун букIараб республикаялъул северияб зона парахалъиялда чIезабизе ва гьелъул хIасилалда тIолабго Дагъистаналъул цолъи цIунизе.

   Миллаталъул цевехъан хIисабалда магIарулазул цолъи ва гъунки щула гьабиялъеги Сайгидпашал гIуна гьунаргун махщел. ДРялъул хIукуматалда ва парламенталда хIалтIулеб заманалдаги гьев тIалъиялъул «рагIдукь» чIечIо. РакIчIараб буго Пачалихъияб Думаялъул депутатасул хъулухъги гьес Дагъистаналъул ва дагъистаниязул мурадал тIураялъе хIалтIизабизе букIиналда.

   Гьавураб къоги баркулаго, «ХIакъикъат» газеталъул редакциялъ гьарула гьесие щулияб сахлъи ва хIалтIулъ икъбал.