Баракатаб батаги 2022 сон!

 

 

ХИРИЯЛ МАГIАРУЛАЛ!

  Ахиралде щвана 2021 сон. Кинабха гьеб букIараб нилъее ва Дагъистаналъул цогидалги халкъазе? Гьеб рахъалъ хехго рекIелъе бачIунеб аслияб пикру загьир гьабуни, баракат бахъараб сон букIанин абизе бегьиларо. Нилъер миллаталъулги гIемерал сахал васалги ясалги, коронавирусалъул унти ккун, дунял тун араб соналде дандеккун, гьеб унти дагьабго нахъбекизабизе бажарараб сонгIаги букIана. ГIадамазулъ рекIел щулалъи цIикIкIана, гIумруялде шавкъ бижана, БетIергьанасе щукруги гьабун, бигьаяб гьечIониги, букIинеселде божилъи гьабизе рес щвана. ТIубараб гIасру ана ва мустахIикъаб къагIидаялда дандчIвай гьабуна Советияб Социалистияб Дагъистаналъе автономия кьураб лъугьабахъиналда. Нилъ чиясул ракI къварид гьабулел тIабигIиял балагьазде, балагьаразул бербахилаб бечелъиялъул къорикье ккечIо, инсанасул напс хIакъирлъулеб къварилъи-мискинлъиялдасаги цIунана къисматалъ. Россиялъул Федералияб бюджеталдаса бищунго гIемер гIарац щваразда гьоркьоб букIана унеб бугеб соналъ Дагъистанги. Гьедин ва нилъерго мисалияб хIалтIул хIасилалда дагьабго лъикIлъана гIумру гьабиялъул даражаги. ГIадада гуре лъул магIарулаз абулеб: «Меседалдаса меседил кверал лъикIилан». ЛъикIаб рахъалде хисулеб бугин абизе бегьула миллаталъул адабияталдехун бугеб бербалагьиги. ТIаде щвараб цIияб соналда магIарулаз кIодо гьаризе руго Къудукьа Мусалав гьавуралдаса 370 сон, ЦIадаса ХIамзат гьавуралдаса 145 сон, Машидат Гъайирбеговалъул 95 сон, ГIадало ГIалиевасул, ГIабасил МахIамадил ва Фазу ГIалиевалъул 90 сон тIубай гIадал ва цогидалги миллаталъе кIвар бугел лъугьа-бахъиналги. Жидер рухIал алжаналъур ратаял СайидмухIамад-хIажил, СагIид-апандил ирсги цебе бачунаго, да гъистаниязул гIумруялъулъе дин гъва ридго лъугьиналъе, инсанасулъ иман тIинкIиялде АхIмадхIажи шайиха сул бетIерлъиялда гъоркь гъеж гурараб хIалтIи гьабуна Дагъистаналъул муфтияталъги. ЦIияб 2022 соналда киналго дагъистаниязе, магIарулазе гьарула жалго разияб сахлъи, талихIаб гIумру, хIалтIулъ ва цIалулъ бергьенлъаби. Биччанте цIияб соналъ щивав магIаруласулъ цIияб гъира бижизе миллаталъул мацIги, яхIги, махIги, гIамалги, гIадатги ясбер гIадин цIунизе.

 КIудияб адаб-хIурматгун бетIерав редакторасул ишал тIуралев Зикрула ИЛЬЯСОВ