Гумбет районалъул цIияв бетIер

 

 

   Гумбет районалъул нухмалъулесул ишал тIуралевлъун тIамуна Гъалип Гъалипов. ГьанжелъизегIан районалъе нухмалъи гьабурав ХIажимурад МухIамадов вищана Халкъияб Собраниялъул депутатлъун.

 

Гъ. Гъалипов ккола Гумбет районалъул Килалъ росулъа. ЛъугIизабуна ДГУялъул физикаялъул факультет. ХIалтIана росдал школалда физикаялъул учитель- лъун. Гьелдаса хадув хIалтIана республикаялъул Энергосбыталъул компаниялда, цо заманалда вукIана гьелъул нухмалъулевлъунги.