Халкъалъул цолъиялъулъ къуват цIикIкIараб буго

 ХIурматиял магIарулал!

РакI-ракIалъ баркула нужеда республикаялъул халкъал цолъиялъул къо. Гьаб байрамалъ щулалъизабула халкъазда гьор­кьоб гьуинлъи ва цолъи.

 

 Дагъистаниял, щиб заман бачIаниги, кидаго цадахъ рукIана Россиялъул цогидал халкъалгун ва кIудияб бутIа лъуна па­чалихъ социалиябгун экономикияб, рухIиябгун маданияб рахъалъ цебетIезабиялъулъ ва гьеб щулалъизабиялъулъ. Рагъ­даги ракълилаб заманалдаги къотIизе течIо нилъер халкъаз цоцазе гьабулеб кумек ва гIагараб ВатIаналде бугеб рокьи. Нилъер миллатазул хаслъи — гьеб ккола нилъер чIухIи, ва гьелъ квербакъула Дагъистан цебетIеялъе.

 

 Дагъистаналъул халкъаз, ВатIаналде къо ккедал, бихьизабуна бахIарчилъиялъул, гъункиялъул ва цолъиялъул мисал. Нилъер умумуз тарих цIунана ясбер гIадин ва ракIчIола ха­дубккун гьезул мисалияб нухдасан ине нилъерги таваккал гIеялда. Гьеб цIунизеги, ракIалде щвезабизеги, гьелъул би­цинеги кидаго тIадаб бугониги, гьаб байрамкъоялъ цоги ну­халда ракIалде щвезабула ва гIун бачIунеб гIел ахIула гьелъие ритIухъаллъун рукIине.

 

 РакI-ракIалъулаб баркиялда цадахъ гьарула нилъее кина­зего, ай Дагъистаналъул тIолалго халкъазе, ракълилаб ва талихIаб гIумру.

 

 РЕДАКЦИЯ