Финансазул министр

 

    ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Сергей Меликовасул Указалдалъун хъулухъалда тасдикъ гьавуна финансазул министр Юнус СагIадуев.

   ГьанжелъизегIан рехсараб идараялъе гьес заманаялъ нухмалъи гьабулеб букIана.

   «ХIакъикъат» газеталъул коллективалъ ракI-ракIалъ баркула гьесда гьеб хъулухъ ва гьарула хIалтIулъ бергьенлъаби.