Юбилейгун

   Гьал къоязда 65 сон тIубана Республикаялъул бетIарасда цебе бугеб коррупциялде данде къеркьеялъул управлениялъул начальникасул заместитель, халкъалде бищун гIагарав чиновник, кигIан тIадегIанаб хъулухъалде ваханиги гIамалхасият хисичIев, яхI-намусалда хIур хъвазе течIев, гьитIиназул адабги кIудиязул хIурматги цIунарав, «ХIакъикъаталъул» кидагосев гьудул, магIарул газеталъул коллективалъул божарав гьалмагъ ЛъаратIа районалдаса ГIалибег ГIалиевас.

     Гьесулги гьесул ишазулги бицинчIониги лъала щивав чиясда.

    РакIбацIцIадав, ритIухъав, къварилъи ккаразе кумекалъе вортулев, гIатIилъиялда ругезда хьолбохъ ватулев инсан гьев вукIин дагъистаниязда бихьана ва лъала.

     Халатаб гIумруги, щулияб сахлъиги, хадубккунги халкъа­ лъе лъикIлъи гьабизе къуватги гьарулаго, тIолалго цIалдолезул цIаралдасан «ХIакъикъат» газеталъул хIалтIухъабаз ракI- ракIалъ баркула ГIалибегида балугълъиялде вахин.

   Гьарула хIалтIулъ икъбал ва талихIаб гIумру.