Дагъистаналъул къадруяв вас

 

КIудияб улкаги биххулеб, халкъалде рещтIунел балагьалги цIикIкIараб заманалда Дагъистаналда гIуцIана Конституциялъулаб суд – республикаялда законалъул тIалабал тIуразариялъул мурадалда. Гьелъул председательлъун тIамуна Казбек районалъул Алмахъалдаса Салман ХIажимухIамадов.

 

 

Салман гьавуна 1939 соналъул 15 январалда. Хасавюрталъул педучилищеги лъугIизабун, хIалтIана Калининаул росдал школалда учительлъун ва хадубккун – директорлъунги. 1968 соналда лъугIизабуна Д. И. Курскиясул цIаралда бугеб Саратовалъул юридикияб институт. 1968-1971 соназда хIалтIана рехсараб институталъул административиябгун советияб ва финансазулаб правоялъул кафедраялда преподавательлъун ва гьенивго цIалана аспирантураялда. 1971-1974 соназда вукIана ДАССРалъул прокуратураялъул цIех-рехалъул отелалъул прокурорлъун, 1974-1985 соназда – Гъизилюрт шагьаралъулгун районалъул прокурорлъун, 1985-1992 соназда – ДАССРалъул прокурорлъун, 1991-2009 соназда – ДАССРалъул Конституциялъулаб судалъул председательлъун.

1997 соналда С. ХIажимухIа-мадов мустахIикълъана «РФя-лъул мустахIикъав юрист» абураб цIаралъе. Гьесие кьун руго «ХIурматалъул гIаламаталъул» орден ва – «ЗахIматалъул ветеран», Жуковасул, «Россиялъе ритIухълъиялъухъ ва хъулухъа-лъухъ» абурал медалал.

 

Араб гIасруялъул ахирисеб 10 сон букIана бищунго захIматаблъун: биххизабуна СССР. ЖамгIиябгун политикияб формация хисулеб заманалда, цIад бан хадуб гIурдахIан кинигин, гьарзаго цере раккула батIи-батIиял масъалабиги. 1994 соналда байбихьана Чачаналда рагъ. Гьелъ кIудияб зарал гьабуна экономикаялъе. Республикаялъул гIумруялда ккана хIинкъарал лъугьа-бахъинал, масала, 1998 соналда хIалбихьана Пачалихъияб Советалъул мина бахъизе. 1999 соналда рукIана халкъазда гьоркьосел террористазул къокъабазулгун рагъал, республикаялда рижана миллиял фронтал ва гьезулъ загьирлъулеб букIана миллатчилъи. Шагьараздагун районазда букIана хIалуцараб ахIвал-хIал. Гьеб жеги гьелегьинабизе жигар бахъулаан такъсириял къокъабазги. ХIажат букIана Дагъистаналда Конституциялъул тIалабал цIуниялде кIвар кьезе. Гьедин гIуцIана Конституциялъулаб суд (КС). 1991 соналъул 27 декабралда Салман ХIажимухIамадовасда тIад къана цIи гIуцIараб КСалъе нухмалъи гьаби.

С. ХIажимухIамадовасул нухмалъиялда гъоркь КСалъул судияз хал гьабуна кIигокъогоялдаса цIикIкIун хитIабалъул. Гьел рукIана гражданазулги, батIи-батIиял идарабазулгун гIуцIабазулги рахъалдаса. Гьезул гIемерисезда тIасан хIукмаби гьаруна хитIабчиясул рахъги ккун. Гьединал хIукмабазе хIажалъулаан махщалил тIокIлъи гуребги, политикияб гIакъиллъиги.

 

ТIадаб борч тIубалаго, Салманица гIемерал сапарал гьаризе ккана республикаялъул районаздегун шагьараздеги, Россиялъул регионаздеги. Щвана гьев къватIисел улкабаздеги. РФялъул КСалъул вакилзабигун СШАялъул Верховный Судалъул вакилзабигун букIараб дандчIваялда Америкаялъул судияс кьуна Басаевасул хъачагъазул хIаракаталъул хIакъалъулъ суал. Бихьулеб букIана СШАялда гьесул ишазул рахъкколеб букIин. Салман ХIажимухIамадовас бицана бугеб хIакъикъат: СШАялъул СМИязда гьесул кIалъаялъе лъикIаб къиматги кьуна. 1999 соналда, ДРялъул Пачалихъияб Советалъ халкъалъухъе ярагъ кьезе кколин абураб пикру загьир гьабураб заманалда, С. ХIажимухIамадов гIемер дандчIвалаан Казбек районалъул жамагIатгун. Гьесул жигараб хIаракаталъул букIана цо мурад: халкъазда гьоркьосеб терроризмалъе нух къай, республикаялда парахалъи цIуни. ЖамагIатазулгун гIуцIарал дандчIваязда гьесда цадахъ рукIана Зикрула Ильясов, Сайгидпаша ГIумаханов, ХIаписат ХIамзатова, ЗайнулгIабид Ярагъиев, АхIмад ва МухIамад Коргъолоевал, Тимур ва ХIажимухIамад ХIажимухIамадовал ва цогидал ракьцоял. Гьезул рагIухъги гIинтIамун, жамагIат цокIалго бахъана хъачагъазде данде. Ва тушманасе гьукъана Казбекалъул ракьалдасан нух.

 

 

Гьудулзабаз бицуна

Салман вуго гIажаибаб къисматалъул ва гIадатияб хасияталъул инсан, сабурав, гIадамасулгун хабар рекъезабизе лъалев, жавабчилъи тIокIав магIарулав. Пагьмуяв юрист, кIвахI лъаларев хIалтIухъан, пачалихъияб пикруялъул хIакимчи, пасихIаб каламалъул гIакълучи ва, Дагъистаналъул халкъалъул яхI-намусалде рекъонкколареб иш гьабулеб бихьани, кьварараб рагIи абун, гьелде дандечIолев, махщелгун бажари бугев гIуцIарухъан. Живго вецци рихарав, хасго бадибе рецц бокьуларев. «РечIчIаралъув къалев, къаралъув хIажатавлъун ватулев» — гьедин абула магIарулаз С. ХIажимухIамадов гIадинав бихьинчиясда.

 

«Дир гьудулзаби» абураб ХIасанбег ХIасанбеговасул тIе-
хьалда хъван буго: «Щибаб моцIалда цо нухалъниги ниж унаан тIабигIаталдаса лазат босизе. Цадахъ вачунаан машгьурав композитор Майиндур ТIалхIатовги. Гьес пандрида бакъналги рачун, ахIулаан кучIдул. ЧанцIулго ана Салманил ватIан Алмахъалде. Цоцазде ругьунлъарал нижеда кIочонаан нижерго хъулухъалги ригьги. Махсараби гьарулаан, цоцазе «хIиллаби» ургъулаан, амма цониги нухалда ккечIо цадахъ вугесул ракIхвезабиялъул хIужа – барщизе бегьилин ракIалдецин кколароан нижеда. ШагIир ва драматург Уильям Шекспирица абун буго: «ГIицIго унго-унгояв гьудуласухъа бажарула жиндир гьудуласул загIиплъи хIехьезе», — ян. Нижеца цоцазул адаб гьабулаан – къадруялъулги гIунгутIабазулги. Машгьурав полководец Александр Суворовас абухъе-го, нижер букIана «ракIбацIцIадаб бухьенги цоцазда кIалъалаго, гьереси бицунгутIиги». Нижер хъизамаздаги гьудулзабаздаги лъалаан, кинал гьудулзаби ниж ругелали», — ян.

 

 

«Дагъистаналъул интеллигенциялъул конгресс» абураб жамгIияб гIуцIиялъул председателасул заместитель ГIабдула МухIамадовас гьадинаб пикру загьир гьабуна: «Салман вуго тIабигIаталдеги сапараздеги рокьи бугев инсан. Цо чанго соналъ цебе дицаги, Салманицаги, КIулзеб росулъа чанахъан ГIалицаги, БацIадаса Исрапилицаги ЦIияб сон дандчIвана Буйнакскиялъулги Хасавюрталъулги шагьранухазда гьоркьоб бугеб рохьоб. РакIчIун абила: цохIо Салманида лъала Таргъу-мегIералъул кинаб бакIалда жеги рижулел ругелали даруял хурдул. Дица диего гIемер кьола суал: кин гьесухъа, цеве-ккун республикаялъул прокурорлъун хIалтIарав чиясухъа, бажарараб тIабигIаталъе ритIухълъи цIунизе ва гьебгIан вацIцIадавлъун вукIине?! Рохьоб акациялъул гъветI чIарав чи гьев гурони лъаларо дидаян бицунаан Шамил МухIамадовас (Пачалихъияб Советалъул председатель МухIамадгIалил вацас)», — ан.

 

ХIалтIуе, гьабулеб ишалъе ритIухълъи цIунизе, гьелде чорхол жанги жигарги буссинабизе бигьалъула, хъизан-рукъалъул иш парахатго бугони. Гьеб рахъ, жиндаго тIаде босун, ракIбацIцIадго тIубазабуна Салманил хъизан Мадинатица. Гьелъул таваккал гIуна кIиго васги цо ясги, лъикIаб тарбияги кьун, инсул адаб-хIурмат гьабулеллъун куцазе. Васал Идрисги Тимурги ана инсул нухдасан – гьел кIиялго руго юристал. Яс хIалтIулей йиго тохтурлъун.