«Миллат данде къалеб гIарцул къадиро»

 «Миллат данде къалеб гIарцул къадиро» — гьадин абулеб буго Залму Батировалъ, Суракъат Асиятиловасе сайгъат гьабун хъвараб цо кочIолъ.Халкъияй шагIиралъул гьелго рагIабаздалъун къимат кьелаан дицаги, тIолалго магIарулал цого пикругун цого бакIалде данде ракIарулеб авар мацIалъул фестивалалъе. 
Гьединаб байрам нилъер букIинчIо ва цоги гьечIо. Цояз абизе бегьула гьеб кечI-бакъан жубараб тадбиралъищ мацI цIунулебин, цогидал рекъечIого рукIине бегьула шапакъатал кьезе рихьизарурал цIаразда, лъабабилел — тIубанго рикIкIадал, гьелъул кIварго гьечIел. Амма руго гьенире щвечIого чIезе кIоларелги магIарулал. 
Байрамалъул сурат: разиял гьурмал, гьудулзабазда балеб къвал, гIемеразул къвалакь авар мацIалда рахъарал тIахьал, газет-журналал, гIинда чIвалеб гIагараб мацIалъул калам. Зурмил къвакъвай, къолол двари, кьурдул сверулъ тириго бахъулеб некIсияб расен. БакI-бакIалдаса рагIулеб тIармил накъит, гьунар тIокIал кочIохъабаз чIаго гьарулел халкъиялгун миллиял бахIарзал — Бахтика, Хочбар, Шамил, ХIажимурад, щущахъ биххизабураб Надиршагьил бо, бухIи цIикIкIараб АхIулгохI.
 
Буцараб тIохол махI, бикьулеб чIер, чIагIдал бакIалда гьекъолеб тIохол лъама, къелдерил хIунтIер, хунздерил гьалилгIатIал хинкIал, гъунисезул тIутI. Кинабго рехсон хIал кIвеларо. Жидерго азбаралда гIадин эркенго, миллияб ратIлилъ рекерахъдулел лъимал. Гьел гIуна фестивалалда цадахъ, ругьунлъана ТубхIатил гьайбатаб «Алипбаялдаса» мухъал рищизе, гьезда лъала магIарул мацIалда кечI цIалулел гурезе гьаниб рагIи букIунареблъиги. ГьитIичазулъ гъира цIикIкIунеб буго къец бан рахьдал мацIалда цIи-цIиял кучIдул лъазаризе. Гьаниб буго магIарул рухIги махIги, миллаталъул гугьарги, горсверулъ къадруял гIадамалги. Гьаб тадбиралъ ахIулел руго гIаркьалаби цIилъулеб хIалалъ кьалбал беэнлъизаризе. Гьанир гьечIо мацI цIунизе кколин гьарулел чIорогоял кIалъаял, чIамучIаб рецц-бакъ, гьаниб рещтIун буго магIаруллъи.
Гьаб байрамалъ къватIире рахъинарун руго гъансинир рукIин кIочарал кIодол хъабалаби, гормендаби, магIида басралъарал тIингъал, буртаби ва бухараби. ГIолилазулъ бижулеб буго цIияб гъира — жидер логол роцада цIиял чухъабигун хъабалаби рукъизе, миллияб ратIлилъ матIуялда цебе свери бахъизе. 
 
Гьудуллъи щулалъулеб буго, жиде-жидер бокI­ни­ре руссун анцI-анцI сонал арал райгазетазул коллективазул. Гьенибго — мухбирзабаз бицунеб гIа­ммаб махщалил хабар, дандбалеб пикру, бикьулеб ургъел. Гьале миллияб аслу рагьулеб руцIцIен, тIокIаб гугьаралъул гъансито.
Жидер хаслъи цIунарал, гьунарал гьарзаял районал: ЧIарада, Шамил, Хунзахъ, Унсоколо, Лаваши, Гъуниб, Гумбет, ГIахьвахъ, рикIкIадал ЛъаратIагун ЦIунтIа, ЦIумадагун БежтIа — тIолабго магIаруллъиялъул халкъиял гьунарчагIи рещтIараб сухIмат. Халкъалъул рекIелъа аваданлъи тIубан бачахъани гIадамал мукъсанал, хъантIарал, тавакаллъи гьечIеллъун лъугьуна. ГIунгутIабиги тIокIлъабиги нилъе-нилъерго хьагинир гьалдон роцIцIунарелъул. БатIатIун щибаб мухъ чIани тIатунаро цIиял гьунарал, мисаллъун рехсезе къадруял цIарал, пайдаял ишал. 
Жидер миллаталъул рухIияб ирсалъул къимат лъалес хIурмат теларо цогидазул культураялъулги. Росу-ракьалъул гIадат-гIамал лъалес, гьелъул хIурмат гьабулез мугъ свериларо инсул ракьалде, рахьдал мацIалде.