ЧIурмутIалда кIудияб гIазул ва ккараб заралалъул хIакъалъулъ

 

КIудияй яц ячIун йикIана магIарухъа. Гьава-бакъ кин бугеб магIарухъилан гьикъана инсуца, кидаго гIадин. Цо лахIзаталда интернеталдасан дунялалъул бокьараб бакIалда гьава-бакъ лъазе кIолел нилъее хасиятаб жо гуро гьеб. Гьедин нилъеда кинабго лъала. Эменин абуни, жиндирго тIахьалгун, газеталгун, харбалгун доб гIасруялдаго хутIун вугоан.

 

— МагIарухъ хинлъун буго, кидаго букIинчIеб гIадин хинлъун буго. БоцIиги буго жеги мучIдузде гъолеб, рокъоб течIого. РоцIцIарал бакъул къоялги руго, моцIроца гвангъарал сардалги руго. Мех-мехалда гIодорлъуда ралел цIадалги, мугIрул тIогьиб гIазуги — йилан бицунеб букIана яцалъ.

 

— Декабралда цIад расги лъикIаб жо гуроха, риидал гIазу базеги бегьула гьеб мехалъ. ГIадада гуро умумуз абулеб букIараб «хаселалъ хасалилаб гьабураб лъикIилан». Эмен сихIкъотIун чIана. Дида бичIчIичIо, кинаб хурхен букIине кколеб декабралда бараб цIадалги рииялъулгияли.

 

— Гьениб бугеб хурхен щиб, щай декабралда бараб цIадалъ риидал цIорон букIине кколеб? – илан лъугьана дун.

 

— Цо нухалъги букIана гьедин… НусгогIан соналъ цебе. Санайил рукIун руго гIазу бачIел хинал хаселал. Тохлъукьего гьава-бакъги хисун, сентябралъул бакьулъ бан буго гIазу… росдал харабаздацин жеги гьединаб бихьун букIинчIеб гIадаб.

 

Гьеб букIана жеги тIабигIат тIегьалеб гIуж. Чуялгун гIи-боцIиги мугIрузда бугеб, рехъабиги мучIдузда ругеб заман. Цин рана хехал, халатрахъарал, цIорорал цIадал, хадуб тIаде гIазуги бан, цIорона кинабго дунял. Тохлъукьего гьединаб гьава-бакъалде хIадурун букIинчIо Анкьракь. Зобги ракьги батIа бахъизе бажарулареб, гIазул океаналъул бакьулъе ккарал чагIи гIадин, щиб гьабилебали лъаларого хутIун рукIана гIадамал. ТIун рачIунел гIансазул гьаркьаз гьоркьоб къинабулеб букIана боцIи-панзалъул гIергIедиги, чуязул хIихIидиги, чахъабазул гьаркьалги, гIадамазул кумек гьарулеб ахIиги.

 

РагIа-ракьан гьечIого балебго балеб букIана гIазу. Мех-мехалда магIардаса гIурухъехун рачIунел гIадамал дандчIвалаан, къаси-къаси росабалъ данделъун, гьеб ракIалдаго гьечIого бачIараб балагьалдаса кин рорчIилелали, дандбалеб букIун буго гIадамаца…

 

Анкьракьалъул мугIруздаса гIиял рехъабиги чуялги хасел тIамизе ЦIоралде, Алазаналъул жаниблъиялде ине кколаан. Гьеб соналъ гIазуца нухги къан, КIудияб Кавказалъул мугIрул балалъан ЧIурмутI батIа гьабуна дунялалдасаго. Чанго къоялдасан щуго жамагIаталъул вакилзабиги данделъун хIукму гьабуна ЦIоралде нух рагьизе, гурони кинабго гIи-боцIи, чуял ва гIухьби гьенирго гIунун хвеялда хIинкъи букIана.

 

ГIазу рехулел бугьнал, рахханалги кодор ккун рахъана гIадамал тIабигIияб балагьалде данде. Гьез бацIцIад гьабураб, тIеренабго сухъмахънухдасан цо-цоккун, галиги лъун – рукIкIада хадуб кунгIадин — рачIине лъугьана гIиял, чуял ва гIадамал ЦIоралъул рахъалдехун унел чIедерал сухъмахънухал ккун. Парсаздаса тIун, тIино гьечIеб гъварилъуде тIерхьунел рукIана цо-цо чуял, хутIарал, жидерго нухда цере рилълъунел рукIана. Киналниги Анкьракьалъул гIиял рехъабазул бащдабгицин щвечIо ЦIоралде, гьенир цIорон хванщинал чахъаби ЧIурмутIалъулги ЦIоралъулги ракъарал бацIазухъе ва циязухъе щвана кваназе.

 

Дида гьеб бицун букIана мунагьал чураяв ГIали-вацица (Губур- ГIали абулаан гьесда ЧIурмутIалда -ресалда вугев, къадру-къимат бугев чи вукIана), гьесие гьеб гIазу бараб заманаялъ букIун буго 30 сон. Гьеб букIун буго I920 абилеб сон — йиланги абун эмен лъалхъана.

 

Дир беразда цере паркъолел рукIана гьитIинаб мехалдасаго лъалел бакIал. Дие захIмалъулеб букIана цебе чIезабизе, кин гьел чIедерал сухъмахънухаздасан, цояб рахъалда тIаде ралагьун кьураби, цогидаб рахъалдасан тIино гьечIел кIкIалал, риидалгицин ине хIинкъарал бакIаздасан, гьеб кIудияб гIазулъан, гIиял рехъабиги, чуялги, гIадамалги аралали. Цо тарани – тIино гьечIеб гъварилъуде рортулел бакIал руго гьенир.

 

— Щибха ккараб?… Кинаб рахъалдасан доз ЦIоралде нух бахъараб? — йилан гьикъана дица, гьебго харбиде эмен вуссинавизелъун.

 

— Бищун захIматаб, МашкалкIкIал абураб мугIрул габурлъиялдасан бахъана доз нух. Борхатаб бугониги, гьеб бищунго къокъаб нух букIана. Гьеб хIукмуни гьезул битIараб букIана, амма гIемераб зарал ккечIого гьенисанги рорчIичIоха гьел.

 

Губур ГIалица бицунаан, ТIасияб Колодаса МашкалгIурухъе лъугьунаго, гIи чIанила, цо багъаричIого. Бадибе пулеб буран, гьоркьосакъотIи гьечIого парсахъан тIолел гIансазул гьаракь… нахъасан рачIунезда кинго бичIчIизе кIолеб букIинчIо, щай чIун ругелали. Ккун рукIана цIакъ захIматаб, чара къосараб бакIалде – цере рилълъинеги хIинкъараб, нахъ руссинеги рес гьечIеб, гьеб бакIалдаго чIани гIунун хвезеги бегьулеб. Гьедин, гIумруги хвелги къеркьолеб букIана чанго сагIаталъ ва рехъен дагь-дагьккун цебе билълъине лъугьана. Гьеб хехлъиялда рачIунел ругони, габурлъи бахине жеги сордоги-къоги къваригIине букIана, жеги бащдаб нухги тун букIинчIо. МашкалгIурухъе щолаго бичIчIана- щай добгощинаб заманаялъ чIезе ккун рукIаралали. ТIеренаб сухъмахънухалъул рагIаллъабазда хварал чахъабазул гохIал рукIана.

 

МаркIачIул бер рукIкIунеб букIана. РукIкIиналде, ахирисеб рухIги кьун, рачIинел рукIана гIадамалги, гIиялги, чуялги, кьурукь лъугьараб цо нохъогIадаб бакIалда сордо базейилан. Гьеб букIана бураналдасаги рахчун сордо базе бегьулеб бакI.

 

Рехъалъа борчIараб чахъу битIун ккезабизеян кьурул рагIалде кIиго гали тIамурабго, Губур ГIали тIаде ккола цо гIодов чIарав чиясде. Бащдал рагьухъего бералгун, гIунун хун вукIуна гьев.Татухун гIодов чIарав цIорон ватилаха. Церехун унезде гьаракь гьабула ГIалица, гьанив цо чи хун вуго, лъалхъейилан.

 

— Мун нижеда хадув вилълъа, гьесда хадур нилъ метер тIадруссина, гурони, нилъ рехъенгун цадахъ гIунула гьанир къаси, — йилан жаваб кьола гьесие Кьанада жамагIаталъул чияс. Гьев битIаравги вукIуна, щиб кумек гьабилеб хварасе, чIагоялгицин хIалица рагъарулел ругеб мехалъ?

 

Доб сордоялъ киналниги Анкьракьалъул тIасияб мухъалъул жамагIатазул вакилзаби – АнцIросдал, Богьнодисезул, Лъебелазул, Кьанадисезул, ЧIурмутIалъул – киналго ракIарула гьеб кьуруда гъоркье бураналдасаги рахчун сордо рогьине. ГIи рикIкIиналъул ва лъил кинабали халгьабиялъул я магIна букIинчIо, я гьелъие рухI букIинчIо. ЦIоралде щваралго гIужазухъ ралагьун ратIа гьаризе хIукму гьабуна. Батаразул батун букIина, ратичIони – хIукму Аллагьасул.

 

Радал гIиялги, цо бутIа гIадамазулги ЦIоралдехун ралагьун рилълъана, цогидал хварасухъе тIадруссана, гьев вукъизе. Кьанадисезул жамагIаталъул чи гьев вукIин лъана.

 

Гьеб къоялъ габурлъи бахана. Ракъарал ва свакарал чахъаби, накабаздаги кколаго — таргьиниса бараб пиринчIгIадин, рухI лъугIун, хъуршун унел рукIуна мугIрул гъулдулъа гъоркье, гIазулъ рахчун ругел гъаларал, чIахIиял ЦIоралъул рохьазда жанире. ГъотIода батараб гIурччинлъи, тIамхал хъантIун кваналел рукIуна гьез, рухI хвасарлъиялъе.

 

Кин гIадамаз гIи бикьараб, кин жидералго тIаса рищаралали дида лъаларо, — йилан абулеб буго инсуца, — амма дида лъалаха доб заманаялъ гIадамал Аллагьасукьа хIинкъулел рукIараллъи ва чияралде хьул лъолеб букIинчIолъи — ян тIадеги жубана.

 

— Къуръаналда гьедизе тIамун ратилаха, чияр жо бачинчIилан, — абун, дирго пикру загьир гьабуна дица, — гуронани ал рагъуларищ? ЦохIо Къуръаналдалъун ва гьедиялдалъун гурони тIубалареб суал бугилан ккола гьеб.

 

— Лъаларо дида, ГIали-вацица щибго бицинчIо гьелъур рахъалъ, цойгидаб бакIалдасанги дида гьениб ккараб дагIба-рагIиялъул щибго рагIичIо, — йилан абуна инсуца, — амма гьеб балагьаб соналъул чIахIиял чагIаца жеги-жеги бицуна цо-цо, гIадамазул бахIарчилъиялъул, къохIехьеялъул ва цолъиялъул мисаллъун бачунеб буго.

 

Щай херлъунги, унтунги вугев инсуца гьадинаб халатаб хабар дие бицарабали дида лъаларо. Цо ракIалдаго гьечIого абураб рагIиялъ, яги бицараб хабаралъ ракIалде щвезабун батизеги бегьула. Ургъунго, гьанже заман щванин диеги гьаб лъазейилан бицун батизеги бегьула. ХIакъикъат Аллагьасда лъала. Гьеб букIана хвелалде чанго моцIалъ цебе инсулгун букIараб ахирисел гара-чIвариязул цояб. Февралъул анцIабилелъ эмен БетIергьанас жиндихъего вачун ана. Нахъе хутIана гьесул рагIаби, ракIалдещвеял, гьес рицарал жиндир гIумруялъулги, некIсияб ЧIурмутIалъулги гIажаибал лъугьа-бахъинал, къисаби, харбал, биценал.