«Расулихъе кагътал» ва «Саба-Меседо»

 
«Гьудулзабазулгун накъит» абураб проект хIалтIизабизе байбихьана редакциялъ. Нижер­го студиялда гьабураб щибаб гара­чIвари газеталдасан цIали­зе гуребги, гьелъул видео «ХIа­къикъаталъул» сайталдасан, Те­леграм­-каналалдасан бихьизеги рес буго нужер (hakikat.info, hakikat_gazeta). 
 
 
Жакъасев гьоболлъун нижер гъанситохъ вуго МухIамад Би­савгIалиев.
 
 
-­ МухIамад, тIоцебесеб ирга­ялда, баркула театралъул 88-­аби­леб сезон рагьи. Гьал къояз­да букIараб «Кьурулъ хутIарав ГIали» драмаги цIакъ бокьана. Гьаб гIагараб заманалда ма­гIарулал рохизаризе щиб хIаду­рулеб бугеб театралъ?
 
 
­- Аваразул миллияб театралъ исанасеб сезон дагьаб цудун­го рагьана. ХIисабалде босун буго магIарухъе гастролал гьаризе. Хунзахъа байбихьизе руго театралъул сапарал. Театрал­даса рикIкIадаздаги бигьаго бичIчIулеб гIадатияб асарги би­хьизабун байбихьана исанасеб хIалтIул сон. «Росулъ ккараб ке­паб иш» буго хъвадарухъан, дра­матург ГIарип Расуловасул аса­ралда рекъон лъураб комедия. Гьеб бачIинахъего лъикI къабул гьабуна халкъалъ. Дица кидаго абулаан, те­атр букIине бегьуларин гIицI­го релъа­рохизе унеб, рекIел­гъеялъулаб бакIлъунилан. ХIукуматалъ театралъе гIарац биччалеб буго гьениб чиясе тар­бия кьезе, сурараб сурун, гьунар, берцинлъи, кIодолъи бихьизаби­зе, гьелдаса наслабаз мисал боси­зе. Гьеб масъала букIиналда бан, бищун некIсияблъун магIарулаз рикIкIунеб «Кьурулъ хутIарав ГIали» баллада, драмаги гьабун, бачун буго нижеца репертуарал­де. ХIусен Казиевас цIакъ бер­цинаб мацIалъул текст хIадурун лъуна гьеб сценаялда. Гьебго заманалда, театралъ пикру гьабичIого бегьуларо цIикIкIун зрителал жанире рачиналъул. 
 
 
Репертуар цIигьабиялъул би­цани, гьаб сезоналъул ахирал­де ниж хIадурун руго ГIабасил МахIамадил тарихияб «Саба­-Меседо» драма бихьизабизе. Дир бичIчIиялда рекъон, гьеб 
асар буго магIарул драматурги­ялда бищун камилаб. НекIсияб, пасихIаб мацI ва литературияб рахъалъ камилаб букIин гуребги, гьениб лъун буго магIарулазул тарих. ГIурусазул «Слово о пол­ку Игореве» гIадин, магIарул миллаталъул бищун некIсияб хъвай-­хъвагIай буго ГIандуникI­-нуцаласул васият. Тарихал­дасан лъала ГIандуникIил цо яс йикIараблъи, хадуб нуцал­лъи Булач­ханихъе щвейги. ГIабасил МахIамадил асарал­да рекъон, жиндир цохIо йигей ясалде бугеб рокьиялда тIалъи босула, ГIандуникI­-нуцалас жамгIияталда цебе жиндирго къадру, цIар цIуниялъ. Цоца­лъа тIечIого нуцаллъиялъул ирс цIунизелъун, ригьин гьабула­го ханзабазул гурони би жубазе биччалареб гIадат букIана. Жин­дир вацасул вас Булач­хание ине инкар гьабурай яс гIунизе гIаздалаб ГIакаро магIарде йитIула ГIандуникIица. Архивалда, музеязда лъагIе­лалъ хIалтIун лъазабуна доб заманалда кинаб ретIел-­хьит, ярагъ, тIагIел-­гIучI букIарабали. РатIлил модельер Вера Агошкина гIадал, республикаялда бищун­го лъикIалин рикIкIунел сти­листал ва цогидал махщелчагIи рачун руго цIияб спектаклялъе хIажатаб хIадур гьабиялъе. «Са­ба-­Меседо» сценаялда лъея­лъе, сундулъго барахщичIого, хIажатабщинаб чIезабун буго. Исанасеб театралияб сезоналъ 

«Саба-­Меседо» магIарулазда бихьила.­
 
 
— Гьеб кIудияб хIалтIи рагIалде бахъинабизе, гIемераб гIарац гу­ребги, къуватаб творчествоялъул хIалтIиги хIажалъула. Бугищ гьеб рахъалъ ракIчIей? 
 
 
-­ Махщел камиллъиялъе гIор­хъи гьечIин абула. «Саба­-Меседо» нижеца сценаялда лъо­леб буго цIакъ кIудияб хIалтIи ва гIемерал харжал тIад гьа­рун. ХутIараб, актеразул гьу­
нар камиллъизаби, балагьу­лезе бокьулеблъун спектакль лъугьинаби – гьеб буго режис­серасул иш, гьесул бихьиялда ва бичIчIиялда бараб жо. Режиссер МухIамадгIарип Сурхатиловас «Саба-­Меседо» гIицIго живго лъикIав лъугьун гурелъул лъо­леб бугеб. Нижеца цадахъ пикру дандбан, жавабчилъиялда хIалтIулев вуго гьев. Дагъистаналъул театралиял махщелчагIазул пикруялда рекъон, цогидал миллиял театразда дандеккун, магIарул театралъул буго бищунго къуватаб актера­зул къокъа. КIиабилеб къуватаб 

рахъ, ­нилъер руго жидеца кас­саялдеги ун, саялде ун, билетги босун, теа­тралде рачIунел гIадамал. РукIуна постановкаби ки­налго шартIал гIуцIун лъурал, амма халкъалъе къабуллъичIого цо нухалъги бихьизабун тарал. БукIуна цо-­цо гьелъул гIаксалдаги,­ гьалъги щиб кьелебин ккаралъги кьвагьи бахъинабула. ­
 
 
 
— Исана цIияб соналде лъураб музыкалияб программаялда би­хьана, магIарул кучIдул ахIизе гуребги, миллиял кьурдабазеги актераз бахъулеб хIаракат. Цебеккун гьединаб гьунар халлъула­роан театралда. ­
 
 
— ЦIияб соналъул программа­ги кIиабизе бихьизабулаго, мил­латалъул махI цIикIкIинабиялда тIад хIалтIана ниж. Музыка­лияб, хореографиялъул рахъ­алъ творческияб коллектив цебетIеялъе цIияв режиссерас чIаголъи гьабуна. Байбихьуда актерал рукIана гьеб бакIлъи цIцIазе бокьуларого. Гьезул гIар­зал режиссерасе загьир гьари­дал, музыкалиябгун драмаялъул театралъул актеразул кьурдуе тIадагьлъиги, бакъан биччазе гьунарги букIине кколин би­чIчIизабуна Сурхатиловас. Гьел­даса жалго актерал разиго руго гьанже. 

­
 
— ГIицIго Авар театралъулги бицун, хъвадарулев чи хIисабалда суалго кьечIого, мун виччазе рес гьечIо. «Дир цогидаб кодолъи ­- кучIдул, поэмаби. Дир черновикал. Балагьизе БисавгIалиевасда гьаре ­ гьенир бегьулел пикраби хутIун ратани». Гьадин хъван буго Расул ХIамзатовас жин­дирго васияталда. ШагIирасул 100 сонилаб юбилеялде щиб­го хIадуричIого чIун ватунгутIи хIакъаб буго.­
 
 
— Расул ХIамзатовасул васи­яталда хурхун, кагътиде росун тарал гъосул хъвай­-хъвагIаял дихъе щвечIолъиялъул бицун нилъеца гьабураб гара­-чIвари «ХIакъикъаталда» бахъун букIа­на, шагIир камун хадусел сона­зго. Расулица васияталда рихьи­зарурал асарал дидаго рекIехъе лъалаан. ТIоцебе гъоб васият букIин лъараб мехалда, пикру букIана, Расул ХIамзатовасул асарал гьел рукIинги чIезабун, щибаб асаралъул паспортги гьабун (текстологическая экспер­тизаян абулеб гIелмияб тIалаб букIуна), щибаб асаралъе ли­тературоведческиял баяналги кьун, хасаб тIехь биччалин. 
Гьелдаса гIемерал соналги ана, гъол текстал дихъе щвечIо. СССР биххаралдаса переводче­скияб школа биххун, Расулил ахирал соназул асарал гIурус ва цогидал переводчиказухъе щвечIо. ХIатта, гъов чIаго вугеб мехалъ бахъараб «Киниги гъан­ситоги» буссинабун гьечIо жеги гIурус мацIалде. Дир хIукму ккана, дидаго ракIалда ругеб къагIидаялъ, гьа­гъал, васияталда рехсарал аса­рал цойиде ракIарун, гьезул подстрочникал гьаризе. ГIурус мацIалъ цIалулезе гьел асара­зулъ Расул рагьиялъе букIине, профессионалиял переводчиказ хадуб художествиябгун поэти­кияб перевод гьабизе бегьилин гьездаса.
 
 
Гьабуна дица гьеб тIехь. Лъабго­ункъо батIиял вариан­тал рукIана дол, Расулица дие цIаларал «Нухалги мехалги», «ЧIегIераб ящик», «Кавказ», «Па­тIимат» асаразул. Гьел киналго 
дида ракIалдасан лъала. Цере­ккун басмаялда рахъарал гьел асаразулъ гIезегIанго гъалатIал, такрарлъаби руго. Гьел рихьиза­рунги кьуна баянал. Цоги, жамгIиял гьиназда, ма­сала, Фейсбукалда хадуб хал­кколезда бихьун букIун батила, «Расулихъе кагътал» абураб цо проект букIана дир доба. Гьа­гъаб проектги бачана тIехьалда жанибе. Дица гъосухъе хъвалел кагътазулъ, тIоцебесеб иргаял­да, Расул рагьулев вуго гIадан хIисабалдаги, поэт хIисабалдаги, поэзиялда ­ художник, философ, лирик, гражданин хIисабалдаги. Дица рехсанщинаб данде бакIаридал, гIезегIан саламатаб тIехь лъугьана. Басмаялда бахъ­изе хIадурун буго. Гьеб ишалъулъ дие гIакъ­лучилъун вугин абизе бегьула гIалимчи Гьарадерихъа Му­хIамад МухIамадов. Жив ма­цIалъул гIалимчи вугониги, ли­тератураялъул лъикIаб бичIчIи бугев чи вуго гьев. Дицаго хъва­лел цо­цо жал гьесда дандрала, 
мацIалда хурхарал суалазулъ кумек букIуна МухIамадил рахъ­алдасан.