СиратI бахинадай?

 

 

Федералияб бюджеталдаса миллиардал риччалел руго улкаялъул регионазул нухал лъикIлъизариялъе. РикIкIад бугелъул бицинчIого, щибаб районалда халгьабуни, «Безопасные качественные дороги» абулеб миллияб проекталда рекъон, гIемераб хIалтIи гьабун рагIалде бахъана Дагъистаналда, жеги гьабулебги буго. Туристал рачIунел рукIиналъ гьарулел ругин гьел нухалин абулел, тIадагьабго пикруялъул харбихъабиги дандчIвала. ЗахIмалъаби кIочон, лъикIлъиялде хехго ругьунлъулев куц инсан.    

                                                                                           ГIемер ракIалде щола магIарухъе-нахъе микьго сагIа­талъ рекIине кколеб букIараб басриябго тIогьилаб автобусги, хIу­рул цIурал, кIичI-кIичIарал нухалги, хIинкъарал свералабиги.

ЧIахIияз абулеб батана мажгиталъул гIарац нухлуе биччазе бегьулин, нухлул гIарац мажгиталъецин хIалтIизабизе бегьуларин. Гьедин хираго, кIудияб хIурматалда рукIана нухал рахъиялъул хIалтIи гьабулел гIадамал магIарухъ.

НилъергIан сахаватал гIадамалго ругодаян хинлъула ракI, жамагIатал цолъун гьарулел хIалтIаби рихьидал. Росабазул, шагьаразул гьумер берцинлъулел мажгиталги рана нилъер халкъалъ, жидерго азбаразул, ригьзабазул къадал риххунгицин росабалъ къватIалги гIатIид гьаруна, риидалил мучIдузде, рохьахъе, кулабахъе нухалги рахъана.

ГьацIулъ хIеги, хIанилъ расги камуларин абухъе, хIуку­ма­та­лъул гIарцухъ гьарулел хIалтIабазул хашлъи хехго загьирлъу­ла. «Контроль за исполнением» абулеб бутIа гьезегодай гье­чIе­билан ккола цо-цо мехалда. Яги гъоб «квералъ квер чурулеб» къагIида жеги билълъанхъулеб батилаха. Кинаб намусалъул гIадамаз гьеб хIалтIизабулеб бугеб хIукуматалъ халкъалъул яшав берцинлъиялъе, гIумру лъикIлъиялъе биччараб гIарац? Гьаб суал бижула цIигьарурал нухазда бугеб ахIвал-хIал бихьидал. ГIаммал жал рицунел ругин, мисал рехсеян абулелги камиларо. Мисалал камиларо, тIад хъилил гъалайги биччан гIезегIан бакIал руго чIахIиял машинабазул бакIлъи хIехьолареб хIалалда.

Мисалалъе, къого цIараки гьечIеб росулъе, гIемерал миллионалги тIад харж гьарун, бахъун буго нух. Цебеккун эркенго машина хьвадулеб хIалалъ росдал гIадамаз нух гьабураб бакIги букIана гьеб. Кьвагьизе ккараб кьуру гуро, тIураб хъил гуро, букIарабго нух, ракьандаса рагIалде ракьги хъван гIатIид гьабуна. Гьеб гьогьаб рагIаллъуда лъурал бетоналъул блокал, бакI-бакIаздаса хъущтIун, кьурса реххе ана мех балелде. Гьединго бигьаго ракьхъван гIатIид гьабун, хъил тIун буго цоги участкаялде, цо рии сверилалде гьениб бугеб ахIвал-хIал бихьидал гIодизе бачIуна.

Нижерго росуахада бугеб, хъил тIун гIатIид гьабулеб нухлул халгьабулей йикIана исана риидал. Нухлул рагIалда гIачиязда ятана лъабкъойилъа арай гIадан. «Гьале гьазул хIалтIи, шагьраккун ине хIинкъи букIуна цIадал щуб бачIаниги. Щущан унеб ракь бугеб бакI тIаса бихъ-бихъун, гIуруги хачан толеб мехалъ сунде ургъулел? Лъар щун, ччукIун бачIунеб бакIалданиги къед базе ккеларищ? ТIадехун бугеб росдал авалалде бахъараб нух буго тIун унеб, гIадамазул ригьзазе рагIула къварилъи, дурго минаги гурищ бугеб кьватIелал рехун?  Лъебералда хадуб миллион гъурущ биччан рагIула гьаб нух гьабизе, хIукумат какизеги рахъуна нилъ. Хасалихълъи рещтIинчIого нухазул хIалтIи байбихьулареб гIадатги буго гьазул. Нухлуе биччараб гIарац лъагIел лъугIилалде гIедегIун хIалтIизабизе бахъулеб хIаракат батилаха гьебин абула. СиратIгIаги киндай бахина гьаз? Нухал гьарулезда хадуб халкколев чигодай вукIунарев хIукуматалъул? Гьадин хъвай дуца «ХIакъикъаталда», МахIачхъалаялда ругел хIакимзабазги цIалулеб батилагури гьеб…».

Гьале, хъвалеб буго, жеги мухIангоги бицина цоги нухалъ, амма щибдайха хисила?