Амма бетIер даличIо Дагъистаналъ лъиего

 

 

  Туристазе некIсияб Дербенталъул бицунев вукIарав цо гIолохъанчи-гид хъулухъалдаса нахъе вахъана сон-церекъад.

  «Я не понимаю, что делает Дагестан в моём Дербенте?» — абун вугоан гьев цо видеоялда. Чанабилебали гIасруялда баят абураб къавм Дербенталде гочун бачIиндал, я Дагъистан, я Азербайжан букIинчIила. Гьев чи дагъистаниял рикь-рикьизаризе хIалал рихьулев провокатор яги щвалде щун тарих лъаларев чи вугин жаваб кьуна гидасе тарихчагIаз.

Гьелда бан ракIалде бачIана цо бицен.

   Гьанжего-гьанже цIали-къали гьабизе лъараб мех букIана дида жулил хIакъалъулъ бицен рагIараб заман. Нужер щивасдаги лъалеб батиларищха гьеб – беке гьаб абун, инсуца васасухъе кьураб жул, цо-цо хьоп ккун гурони, цадахъго гьесда бекизе кIвечIолъиялъул хIакъалъулъ.

Чан гIасруялъ цебехун ургъараб бицен гьебали лъаларо, амма мацIалъул, маданияталъул ва рукIа-рахъиналъул рахъалъ кигIан нилъ батIи-батIиял ругониги, жакъа къоялъги цIунун хутIун буго нилъелъ (Дагъистаналъул халкъазулъ) цолъи, къо ккаралъур цоцазе хIалае рахъин. Гуребани, цогидал халкъал, империял киннигин, лъугIун, тIагIун инаан дангъура цIурал гIанасел нилъер миллатал. Гьедин цохIо Европаялдацин тIагIун буго чанго азарго батIияб миллат – иллирийцал, васконал, дакал, фракийцал…

   Гьезулго гIадаб ахир ккезе бегьулаан 281 соналъ цебе нилъер республикаялъул халкъазулги

 

Аллагьасул талихIалъ, «гьидгимо къаралал, къелгимо тIекьал, багулал, чIамалал, кIкIаралал, тIиндал, анкьракьал, хьиндалал, тIолго нахъбакIал, Хунзахъ Дайтилал» ва жеги рикIкIен гIемерал боял тIаде щун, «ЦIоралъул курада керен цузегIан», «агъалдасан чакма бидул цIезегIан» магIарулаца Надир-шагь хъамун вукIинчIевани.

Халкъияб кочIолъ магIарулацаян хъваниги, тарихчагIаз абула бащдаб дунял кверде босарав Ираналъул шагьасда данде рагъанин гьанжесеб Дагъистаналда гIумру гьабулел киналго халкъазул боял абун.

Бицуна, ГIандаллъиялда бергьенлъи босараб рагъул хабар рагIидал, Истамбулал­да фейерверкал риччанила, Санкт-Петер­бур­галда Европаялъул пачалихъазул дипломатазда баркулеб букIанилан.

Гьеле гьелъул хIурматалда 15 сентябралда нилъер Дагъистаналъ дир ватIаналда кIодо гьа­булеб буго Дагъистаналъул халкъазул цо­лъиялъул къо.

Амма гьеб байрам кIодо гьабиялъе кьучIлъун Надир-шагь щущахъ виххизави кканиги, гъункигун щулалъиялъул мисалал нилъер ракьцояз рихьизаруна нус-нус соназ цебеги, имам Шамилил бодулъги, 1999 соналда Дагъистаналде халкъазда гьоркьосел хъачагъал рачIиндалги.