ТIехI бараб цо чахъдаца рехъенго хвезабулеб

 

  ТIолабго Россиялъул халкъазда лъала дагъистаниял гьалбадерил къимат гьабулел чагIи рукIин. Амма, гьацIулъ хIеги хIанилъ расги камуларин абулелъул, камулел гьечIо гьединаб лъикIаб гIадат хвезабулелги.

Вацапалдасан бихьараб цо видеоялъ цIакъ квешаб асар гьабуна диеги аскIор рукIаразеги. Гьениб бихьана цIакъго рагьараб ратIлилъ кванил нигIматалда хадуй тукаде ячIарай гIолохъанай туристкаялде, толохIочго къватIие яхъине нечоларищ мун, хъурумсахъанинги абун, хъубал рагIабаздалъун семулев нилъерав. Гьеб ахIи-хIуралда гIей гьабун чIечIого, гьес гьобол тукадаса къватIиеги ячахъана.

 

   Гьединал, умумулъанго нилъее щвараб гьоболасул адаб гьабиялъул берцинаб гIадатги хвезабун, хьвада-чIвадиялъе гьаниб чIезабураб низам кьваризабизеян лъугьарал чагIазда ракIалде щвезабизе бокьун буго умумузул букIараб ва ясбер гIадин жакъаги нилъеца цIунун бугеб гьоболлъиялъул гьайбатаб гIадат.

   Дагъистанияз цIунун буго «гьоболасул напс кIодо гьаби». Киса вукIаниги, щив чи вугониги, гьоболасул диналъухъ балагьичIого, миллат цIехечIого, тIоцебесеб иргаялда, нилъее гьобол ккола Гьобол. Цебе заманалдаса нахъего гIадамаз абула гьобол къабул гьави – хважаинасе кIудияб яхI-намусалъулаб иш бугилан. Гьобол къабул гьавизе нилъ хIадургоги рукIуна кидаго. Цо-цо росабазул жамагIатазул букIана берцинаб гIадат: хъизам кваназе гIодоб чIарабго, гьобол вачIани букIинеян, кванил цо бутIа нахъе цIунун толеб.

БатIияб росулъе щведал, сапаралда вугев годекIаниве вачIунаан, гьениса цевеккарас, гьобол хIисабалда, жиндихъего вачунаан. Цо чанго нухалъ росулъ гьоболлъи барав рикIкIунаан тIохол гьоболлъун.

Сардил кватIараб гIужалъ вачIарав гьоболасул ихтияр букIана цебеккараб рукъалъул нуцIида кIутIизе. Абула «Гьобол – Аллагьасул вакил. Гьобол вокьуларесул бокьобе гIазу багиян». Кициги гьечIищха, «Гьобол вачIунареб къо бачIунгегиян» абураб.

Ракъарал соназда цо-цо жамагIатазул гIадат букIана, ирга бан, гьалбал къабул гьарулеб, гьидерица гьелда «гьобол богъи» абулаан. Бегавуласул вакилас «гьав нужер гьобол ккола» абун вачIарав чи щвезавулаан ирга щварав чиясул рокъове. Гьоболасдаса инкар гьабурав чиясухъа гIакIаги бахъулаан.

  ЦIунтIа цо росдал басрияб минаялъул ганчIил къоноялда тIад хъван буго: «Рецц бокьун, цIар къваригIун бараб гуро гьаб мина, къиматал гьалбал къабул гьаризе, свакарал нухлулазе тIубараб хIалхьи букIиналъе бараб буго. Гьалбал ккола гьаб ригьалъул бетIергьаби. Минаялъул бетIергьан, цIуне гьалбал ва хъулухъ гьабе гьезие лъабго къоялъ, гьел гьаб минаялъул хважаинзабилъун лъугьинегIан. Биччанте дур минаялда аскIосан гьобол инчIого вукIине», — ян.

Кумек гьарун вачIарав бидул тушманасда хадурцин цIунулаан гьоболасул ихтиярал.

  МагIарулазул гIадат букIана, гьобол сундениги хIажалъиялда тезе бегьуларин абураб. Масала, гьидерил щибаб рокъоб цIунун букIунаан «гьоболасул кIач (тIимугъ)», гьеб ретIине кьолаан хасало вачIарав гьоболасухъе. Гьидалъ гIадат букIинчIо, лъабго къо бан хадуб гурони, гьоболасда цIар ва гьесул мурад цIехолеб. Хадуб гьесулгун хабар букIунаан хъизамалъул чиясулгун гIадаб. Гьобол къварид гьави, гьесда хъачIаб рагIи аби рикIкIунаан хважаин хIакъир гьавилъун, гьединав жагьилав чиясдаса гьес къисас босизе кколаан. Хважаинас гуребги, кумекалъе гьоболасда кверчIвалаан ва гьесул рахъкколаан тIолабго жамагIаталъ. БатIияб миллаталъул гьоболасда аскIор кIалъалаан гьесда бичIчIулеб мацIалда.

МагIарул росабалъ гIадат букIинчIо гьоболасдаса лъудби ва ясал рахчулеб. Гьоболасул гIумруялъе кинабгIаги хIинкъи бугони, хважаинасда тIадаб букIана лъалиниса ханжар къватIибе цIазе.

МагIарулас гьобол киданиги виччалароан чIорогоял хулжалгун. Гьезда жаниб лъолаан чед, гьан, хIан ва, гьитIинаб бугониги, сайгъат. ГIадаталда рекъон, гьесие нух битIулаан росу рагIалдасан, гьениве щвезегIан хважаин унаан гьоболасда цеве-цеве, хадуб гьесул чуги цIан. Гьелъул магIнаги кколаан гьобол жиндир къайимлъиялда вугин абураб.

Росулъ гьобол нагагь хвани, гIадат букIана, хъвезе оцги бачун, садакъа-вакъпуялъе къваригIунебги баччун, жаназаги босун, гьеб росдал жамагIаталъул бихьинал гьесул росулъе зигара базе унеб.

   «РикIкIадал улкаби гIагар гьарураб, заман букIанадай гьанже гIадинаб» абун, шагIирас абухъе, жакъасел ресаздалъун цоцаде гIагарлъун руго шагьаралги росабиги. Цере шагьаразде ва рикIкIадал росабалъе сапаралъ чуязда, гьаказда унел чагIаз нухда балаан чамалиго къо. Къаси рещтIине кколаан гьоболасухъ. Жакъайин абуни, машинабаз гьеб нух толеб буго кIиго-лъабго сагIаталда жаниб ва сапаралъ унезе нухда ругел росабалъ гьобол къваригIунев гьечIо. Амма нилъеда киназдаго тIадаб буго, тIадехун рехсараб умумузул гьайбатаб гIадаталъул мисалалда рекъон, гьоболасул хIурматги, умумузуз малъулеб куцалда сапарчагIазул адабги гьабизе.

   Республикаялъул нухмалъиялъ абулеб буго, Дагъистаналда туризм цебетIезабизе кколилан. Дагъистан тIегьазабиялъе квербакъизе бугеб гьеб лъикIаб нигат гIумруялде бахъинабиялъе кумек гьабизе тIадаб буго щивав дагъистаниясда. Гьайгьай, гьеб мурадалда цIигьабизе ва жеги гучлъизабизе ккола, Дагъистаналде рачIунел киналго туристаз беццулеб, гьалбадерил къимат гьабиялде ахIулеб нилъер умумузул гIадат. Дагъистаналде туристал рачIуна гIарац хвезабизе, гьезул баракаталдалъун цIикIкIуна гIадамазе хIалтIизе бакIал, къачIала нухал ва тарихиял бакIал, чIаголъула даран-базар, ресалде ккола дагъистаниял… Квеш ккараб жо буго, цо-цо чагIазда гьеб бичIчIуларого, рухIияб ва гIадатазулаб рахъалде гурони, гьез кIвар кьоларого букIин. Гьелъие нугIлъи гьабула батIияб диналъул, батIияб тарбиялъул, батIияб ретIа-къаялъул гIадан нилъер жагьилчияс доб тукадаса къватIие ячахъиялъ. Гьединал ишал гьарулел чагIи нилъеда гьоркьор камулел гьечIо. Исламияб рахъалъул хIисаб гьабе, светияб къагIида босе, лъил ихтияр бугеб, жинсияб рахъги хIакъир гьабун, хъачIго, гьоболлъухъ ругел туристазде семизе?! Гьел ккола нилъер ГЬАЛБАЛ…

ЛъикI буго, жагьилчияс чIужугIадан хIакъир гьаюна ва, ца таралъ мегIер толин абухъего, социалиял гьиназдасан кисакибго гьеб «бахIарчилъи» бихьана. Щибха гьелъул ккараб?! Щиб ккелеб, дагъистанияздехун букIараб лъикIаб пикруялда чорокаб цIал кьабуна. Щиб лъалеб, гьитIинаб хъублъиялъул къатIраялъ тIубараб гьацIул хъаба хъублъизабулебго гIадин, туристал хIинкъизе бегьула Дагъистаналде рачIине, дагьлъизе бегьула нилъехъе рачIунезул къадар.

Рита абулей гIаданалъ социалиял гьиназда хъвалеб буго: «ХIурматиял дагъистаниял, мугIруздаса гIодоре лъугьа, культура босе. ГьабсагIат гьаниб бугеб сурат цIакъ пашманаб буго. ДИР ОТПУСК ХВЕЗАБУНА. Киналго лъалел чагIазда дица абила киданиги гьанире унгеян, гIадада заман чIвагеян ва гIарац хвезабугеян».

  Вероника абулей гIаданалъ хъвалеб буго: «Шортал ретIунин, жа гьекъолеб бугин абун, туристазда тIад релъун, гьезда хъубал рагIаби абун, ниж хIакъир гьарулел руго цо-цо дагъистанияз. Гьанире рачIинчIониги, туристал къваригIарал, нижее рахIатги парахалъиги чIезабулеб бакIал гIемерал руго, гьудулгьалмагълъиги бачун, хадусел соназ гьение ина дун».

ХIурматиял гьудулзаби, гьаб макъалаялда борхулеб бугеб масъалаялда тIасан нужер пикру кинаб бугеб? Туристаздехун цоцо нилъер чагIи хъвалсан ралагьиялъе нужеца кинаб къимат кьолеб?

Нури Нуриев