Мунго тIаде къулараб, тIокIкIараб ицц кIочонге…

 

 

   «Лълъурдузда нахги бахун, гIури тIутIулел оцал», — гьедин цебе чIезабулеб буго захI­ма­тал рагъул соназда тIощел гIезабулаго ни­лъер умумузда бихьараб къоялъул сипат, магIарулазул гьунар бугев шагIир ГIаб­дулмажид Хачаловас.

Гьаниб хьибилалда лъун бугеб, ГIашурадул къоялъул хиралъиялъул хIакъалъулъ дица хъвараб макъалаялда жаниб бицухъе, ни­лъер умумуз гIемераб гIакъуба-къварилъи къулчIизе ккана рагъул соназ. Гьезда ракъи бихьана. Ракъи абуни, кутакалда захIматаб жо буго. ГьабсагIат нужеда ракIалде ккезе бегьила, цIакъ гIемерав вакъун, къечон дунялалда къоял тIамурав чияс гIадин бицунеб бугин дица. БитIараб буго, умумузда гIадин ракъул соназул захIмалъи дида бихьичIо, бихьичIо гьеб дир гIелцояздаги, бихьизе хъванги батугеги. Амма бугелда бугин абуни, дидаги гьитIинго лъана чадил къиматги, бе­кьараб хуралъ гурони, тIощел кьолареблъиги.

БукIана дир лъимерлъиялдаги рокъоса ролъ, чакар ва цогидабги нигIмат лъугIараб мехалъ. ХIабургъарал 1990 абилел соназул лъимер вукIиндал, цояца дунял чункулеб, цогидаз чехьалда рачел къазе ккарал соназул нугIлъун вукIана дунги.

Амма кигIан хIабургъарал рукIаниги, жа­къасеб къоялде дандеккун балагьани, чIаголъи бугел, аваданал соналги рукIана гьел, гьереси щай. Доб мехалъ хурзалги рекьулаан, херги бецулаан. Росулъ чIаголъи букIанаан. Гьанжейин абуни…

Исана гIадаб гьава-бакъги рекъараб, тIабигIатги беричаб рии цоги букIинчIин жидер гIумруялдаян абулел чагIи гIемер руго. Киданиги хер бижичIел, «кьварул ракь бугин» абулеб бакIалдацин бижун буго гьеб магъилъ. ХIатта, ганчIидацин баккун буго гIурччинхер.

ГьабсагIатги гьал мухъал нужее дица хъвалел руго отпускалъул заманалда росулъ вугев чияс. МагIарухъ тIадбан буго рии. Август моцI магIарухъ кидаго букIана харил гIужлъун. Гьеб бецулел, бакъвазабулел, хIамузда лъун рокъобе баччулел – доб дун гьитIинаб мехалъ букIараб чIагояб сурат гьечIо росулъ. БечIан буго сверухълъи…

ГьадигIан бечедаб рии гIадада биччаларо­анин жидеца, пайда щибхаян, угьун биччалел руго хIалтIун ругьунал, гьанже махIабазда унти ккун, магъилъе рахъине кIоларел ригь арал чагIи.

Амма дида киданиги ракIалде ккелароан гьадинабги заман бачIинилан. Дир лъимерлъиялъул бищун талихIал соналлъун хутIана хурив-хариниве хьвадулеб заман. Бецараб харил махI, хур бекьулел оцазул гIедегIинчIеб рилълъин, умумул хьвадараб сухъмахънух, нухлул яги ссанул ракьанда батулеб цIорораб ицц.

КвербацIцIалда тIадги къан, хурибе цIадахъ босараб кванидаса букIунеб букIараб берцинаб махI. Хурул ракьандаги кун хIанчIараб чадил тIагIамго батIияб букIана.

Гьеб кинабго букIана нилъер гIумрудулъ. Долго хурзалги, долго харибакIалги жакъаги руго магIарухъ, амма гьел чияхъго руго жакъа… Гьел гIадамазда ракIги хун, ялгъузго хутIун руго…