Машгьурлъи цIехолезул цIекIлъи

 

    Кинаб рахъалдасан балагьаниги, гьунарал гIемераб миллат буго нилъер. «Оцол багьаяб кечI» — гьадин абулаан умумуз магIна-гIин бугеб шигIру къватIибе бахъидал. Оцги гIезегIан захIмат бихьун бахъунелъул гIурдаде. Тохал, загIипал кучIдул гьищтIи бахъинабун тIирщизеги риччалароан.

   Мискинаб бугила магIарул мацIин абулелги камуларо, гьединазда гурхIизеги бачIуна. Кутакалда берцинаб, лъарал чили гIадаб мацI буго нилъер, гьелъул тIагIам лъалел, гугьар рекIелъе биччаразул каламги букIуна камилаб. ЦIакъго гIемерав чи лъала дида кочIохъе кIалъалел, хъван жидер шигIру тIибитIизабуларел.

   Къого бихьичIого, гьоркьоб хIарщ чIвачIел «шигIрабаз» тIалъи босулеб бихьидал, цIунцIраххуна ракI. Квеш ккараб жо буго, кочIол роценалда рагIи сокIкIун бажарулел гIемерисезда, жидецаго хъвараб цIакъго берцин бихьи, цогидазулалъе къимат кьун бажарунгутIи, адабияталъул ирс — классикал, авар мацIалда къватIире рачIунел басмаби гьез цIалунгутIи. Дораса-гьаниса данде гьарун, нису жубараб тIех гIадал, шигIруялъухъего сокIкIараб хабар бугIулеб буго гьез жамгIиял гьиназдасан.

   Гьезул «асарал» магIабиян ахIун, назмабиян рикIкIун пиригIан хехго тIиритIула. Жидер кучIдул ахIеян гьел кочIохъабазда гьардола, жалго рахъун тадбирал тIоритIула, «творчествоялъул дунялалде» нух рагьизелъун машгьурал чагIазе реццалъул одаби хъвала. Гъовго «кайфМага» гIадал, кин балагьунги машгьурлъи тIалаб гьабулеб къавмха. БичIчIигун лъай бугез жидедаго гьоркьоб бицун гурони, «гIела, лъалхъе, цIекIлъулел руго нужин» абуларо, нагагь критика гьабулев чи къулчIизе хIадурго дол «гьунарчагIиги» рукIуна. АбичIого тIураларелха нилъ, къаламцоял.

  Нилъер миллаталъул букIараб хасият гуро жалго рихьизарун цере кIанцIи. Гьанже гьеб учузаб гIузру, гьунаргун бажари хIисабалда къабул гьабулеб гьечIищха. ТIад гьайбатаб гъалай ги биччан, цIакъ чамгIалаб, чIимигIаб «нигIмат» биччалеб буго адабияталъулгун маданияталъул «хIаракатчагIаз» къватIибе. Жидерго тIахьал, кучIдул ругIулел руго росабазул школазде, библиотекабазде, ясли-ахазде. Гьеб «поэзиялда» куцалеб буго цIияб гIел. Ясли-ахалде хьвадулей нижер 4 сон барай ясалъ, дие бокьулеблъи лъан, рикIкIунеб буго магIарул кечI. Дун гьакIкIан кIалгун хутIана. Лъица малъараб гьеб кечIилан цIехедал, садикалда, тётяца малъанин кьуна жаваб. Гьелдаса нахъе росун, аскIосеб гIагарлъиялъул гьитIичазе сайгъат гьаруна ТубхIатил «Дир гьайбатаб алипба», магIарул халкъиял маргьабазул тIахьал, чангоязе хъвана «Лачен» журнал.

   Гьездаго цадахъ щибаб районалъул газеталъе хIажатаблъун бихьула лъималазе хIадурарал, «БурутI», «Дерец», «Милъирщо» гIадал адабияталъул хасал гьурмал кьезе. ЦIекIлъиялъ тIалъиги босун, кIудияб гьунаралъул шагIирзабазул гъваридал асараздаса махIрум гьаризехъин руго цIиял гIелал.

   ГIакълу бугесда бичIчIила гьелъул кIвар, гьечIез биун тIуниги эхебеги биччаларо.

ПатIимат ГЬИТIИНОВА