Украинаялда рагъул дандерижи

 

   24 февралалда республикаялъул нухмалъулев Сергей Меликовас дагъистаниязде­ хун хитIаб гьабуна Украинаялда ахIвал-хIал хIалуциналда бан сабруялда рукIайин. Рих­ха-хочиялъул асаралъ кверде росизе чIечIого, гIодоре риччан рукIине кколин абуна нух­малъулес.

   Гьесул рагIабазда рекъон, улкаялъул бетIер Владимир Путиница Украинаялда рагъулал операциял тIоритIиялъе буюрухъ кьун буго батIияб рес гьелъие букIинчIолъиялда бан. Россиялъул президентас тIамураб галиялда нахърилълъине кколин нилъ, рахIатхвеялъул щибниги асарги нилъелъ букIине кколарин бичIчIизабуна республикаялъул нухмалъулес.

  МахIачхъалаялъул мэр Салман Дадаевас абуна жал хIадур ругин Донецк ва Луганск республикабаздаса лъутун рачIаразул 200 чи къабул гьавизе. Цебеккун абулеб букIана гье­ зул кинавниги 600 чи вачIине вугин нилъер республикаялде.

   Амма кигIан Сергей Меликовас халкъ гIодобе биччазабизе яхIал гъуниги, республикаялда гIураб багъа-бачари буго социалиял гьиназдасан кьолел цIиял харбазухъ балагьани.

   Украинаялда рагъулал тунка-гIусиял хIалуцине байбихьанин абураб хабаралъго гIемерав чиясул рахIат хвезабуна. Банкалъул счетазда гIарцул нахърател букIарал чагIи радалго банкоматазде рекерана, карточкаялдаса гIарац бахъизе. 50 000-ялдаса цIикIкIун гъурущ банкалъул счеталда батани, гIедегIел гьабейин гьеб нахъе бахъизе, гурони нужер гьеб тIагIине рес бугилан риччарал къватIул харбазги хIалакинаруна гьезул пикрабиги ракIалги.

  КъватIул харбалин абичIого, цоги кин гьезда абилеб, бокьараб цо хIалуцараб лъугьабахъин ккани, пиридул хехлъиялда гьелда цадахъго рижун рачIуна гьаниса-дораса харбал. ГIемерисел гьел ратула кьучI гьечIел. Амма бокьараб жо ккезе бегьулеб дунял бугин абураб пикруялъги ханлъи гьабула нилъеда.

   Гьединабго хIалуцин лъугьана МахIачхъалаялъул цо-цо чIахIиял дармил рукъзабахъги. Долларалъул официалияб курс радалиса 110 гъурщиде баханин абураб хабаралъ квешго хиралъана Apple ва цогидаб къайицIа. Мисалалъе, 13 маркаялъул IPhone фирмаялъул мобилиял телефоназул багьа бахун букIана 207 азарго гъурщиде. Долларалъул багьа къалъудаса хадуб 80-ялдаса цIикIкIун гъурщиде ккана.

   ЦохIо багьабаз гуребги буго гIадамазул рахIат хвезабун. Украинаялде ритIарал Россиялъул рагъухъабазда гьоркьор руго контракталда рекъон рагъулаб хъулухъ тIубазабулел ругел нилъер ракьцоялги. Чанго сордо-къоялъе гьезул макьуги хIалхьиги бикъана Украинаялда боркьараб рагъул коралъ. Западалъул макручагIаз гъураб батаниги, дунялалъул питначагIазул хIаракаталдалъун гьабураб батаниги, гьениб иш хIалуцана.

   Гьедин буго жакъа Малороссиялъул ракьалда иш. 70 соналъ Советияб пачалихъалда гъорлъги букIун, вацал гIадин нилъгун рекъон букIараб ракьалда кьвагьулел ракетабазул ва рихъулел гумпарабазул рокьукъаб сас буго. Аллагьас иш ракълиде бачаги. «Рагъалдаса рекъел лъикI» абураб пикруялде ругьун гьарун рукIана нилъ школалъул партаялдаса нахъего. Амма ракълидаса рагъго лъикIин абураб пикру жакъа цIакъго берцин бихьулеб буго цо-цоязда…

  P.S. ДНР ва ЛНР чияда рачIел улкабилъун рикIкIарал Россиялъул Пачалихъияб Думаялъул депутатазе нухал къазе лъугьана бакътIерхьул рахъалъул улкабаз. Гьединго Дагъистаналдаса депутатазул бицани, Хизри Абакаровасегун Мурад ХIажиевасе санкциял лъазаруна гьез. Къана къватIисел пачалихъа­ зул банказда лъураб гьезул гIарацги.

 А. Юсупов