Гвангъарал лъалкIазул сипатал

 

Рамазан ГIабдулатIипов. Дипломат. Философ. Дагъистаналъе бетIерлъи гьабураб магIарулав. Гьесул хIакъалъулъ батIи-батIиял гIадамазул руго батIи-батIиял пикрабиги. ГьитIинаб хъизамалдагицин киназулго пикраби цолъулареб мехалда, гIажаиблъи гьа- бизе ккараб жо гуро гьесул хIакъалъулъ бицунеб жоги батIи-батIияб букIиналда. Гьаниб дица хъвалеб буго гIицIго дирго пикру. Дир гIумруялъул ахIилъун ккола инсанасулъ бищун цебе гьесул лъикIал рахъал рихьизе хIаракат бахъи. Кинабха букIараб Дагъистан гьесул нухмалъиялда?

  ТIоцебесеб иргаялда, нилъ тIад руссана умумузул гъасде ва годекIанире. ЦIидасанги дандчIвана миллиял гIадаталгун ва гIамалалгун. Миллияб ратIлил къимат борхана. РекIелъ кIудияб рохел ва миллаталдаса чIухIи рещтIунаан дихъе, миллиял байрамазда миллияб партал ретIарал бихьиналги руччабиги рихьараб мехалда. Гьев живгоги вачIунаан магIарул бихьинчиясда цIакъ рекъон букIунеб бухариги лъун. Гьединабго ретIелги ретIун, данделъабазде рачIунаан хIакимзабиги. Гьеб букIана Дагъистаналъул халкъазул хаслъиялъул цо гIаркьел – миллияб партал.

  КIиабилеб иргаялда, дагъистаниязул рухIияб бечелъиялъулъ кIудияб бакI ккуна МахIачхъалаялда Р. ХIамзатовасул проспекталда Р. ГIабдулатIиповас рагьараб Поэзиялъул театралъ. Гьенир гьанже тIоритIула дагъистаниязул рухIияб ирсалъул тIадегIанлъи борцунел батIи-батIиял тадбирал. ХIатта бертадул къоялъ бахIаралгицин рещтIуна гьенир, суратал рахъизе.

Гьебго проспекталда щибаб шаматалъ ва гьатIаналъ машинабазе нухал къалаан, лъималазул ва гьезул эбел-инсул рес букIана хIухьбахъиялъе рачIине.

Цо лахIзаталъ гьеб гьитIинабго нухлул бутIа сверулаан лъималазул майданалде.

  Гьенисанго гьитIинабго сапар гьабилин республикаялъул тахшаралъул аслияб майданалда бугеб Гьудуллъиялъул рукъалде. Гьединаб берцинаб цIар гьелъие кьолагоги, гьесда ракIалда букIун батила дагъистаниязул гъасде рачIарал гьалбалги жалго дагъистаниялги гьеб цIаралъги цолъизарилин абураб. Гьеб чIухIараб минаялъуб жакъаги тIоритIула тIадегIанаб даражаялъул тадбирал. Гьенисанго гьитIинабго сапар гьабилин республикаялъул тахшаралъул аслияб майданалда бугеб Гьудуллъиялъул рукъалде. Гьединаб берцинаб цIар гьелъие кьолагоги, гьесда ракIалда букIун батила дагъистаниязул гъасде рачIарал гьалбалги жалго дагъистаниялги гьеб цIаралъги цолъизарилин абураб. Гьеб чIухIараб минаялъуб жакъаги тIоритIула тIадегIанаб даражаялъул тадбирал.

Дагъистаниязул рухIияб рахъ цебетIеялъе кIудияб квербакъи гьабулеб байрамлъун букIана «ЦIамаури» фестиваль. Гьединаб берцинаб, гьудуллъиялъул гьуинаб махIалъул цIураб байрам щай жакъаги гьабизе бегьулеб букIинчIеб? БатIалъи щиб букIараб нилъее, кинаб районалда гьеб гьабуниги. Рорхатал мугIрузги, гIажаибго берцинаб тIабигIаталъги, берцинал гIадатазги, хIасратаб гьудуллъиялъги хIайран гьарун рукIинчIищ нилъ.

  Лъил квербакъиялдалъун тIуни щиб, мугIрузул нухазде хъил тIейгицин гъалатIлъун бихьана цоцоязда. Гьесги миллат гьабичIого тун букIарабани, щивха регIизе вукIарав. Дагъистаналде? Гьес бетIерлъи гьабулеб заманалда гурищ, ГIалибег ГIалиевасул цIар «хехаб кумекилан» машгьурлъараб Дагъистаналда. Гьев магIарулав хIадурав вукIана, щиб миллаталъул чияс ахIаниги, кумекалъулаб квер бегьизе. МахIниги кIвахIаллъичIого, унаан гьев Дагъистаналъул бищунго рикIкIада бугеб районалдеги.

Р. ГIабдулатIипов бетIерлъуде вачIиналдаго цадахъ дагъистаниязухъе тIад буссана парахалъиги. ГIабдулатIиповасул хIалтIул бицунаго, цохIо мисалгицин гIелаан – КОР, ай Октябралъул цIаралда бугеб канал бацIцIад гьаби. Доб мехалда бицунго бахъунеб букIинчIо гьениб батараб чороклъиялъул хIакъалъулъ.

Жакъаги цIалулел руго дица гьесул тIахьал – рагIул магIнаги, гъварилъиги, гIакъиллъиги. Нилъер гIадамазул гIадат буго, тIоцебесеб иргаялда, инсанасулъ гъалатIалги гIунгутIабиги хъирщизе лъугьунел. Ратила гьел Рамазанилги.

   Амма гьесул хIалтIул бицунелъул, дида цоги ракIалде щолеб жо – «Где удобно, остановите», – йилан ахIдолел рукIарал нилъги маршруткабазул водительзабиги низамалде рачана. Гьединал мисалаздасан гурищ кIудиялдеги рачIунел ва рачунел. Нилъеда киназдаго лъала Дагъистаналда ОГЭ ва ЕГЭ тIоритIулел рукIараб куц. Гьеб тартибалде бачана Рамазаница. Учительзабазулгицин лъай борцунеб низамги чIезабун букIана гьес.

Гьанибго рехсечIого гIоларо «Россия – моя история» абураб тарихияб парк. Гьебги ГIабдулатIиповасул квербакъиялдалъун бараб буго ва гьанже гьебги ккола республикаялъулго чIухIилъун.

Гьединго ракIалде щвезабизе бокьун буго АхIулгохIда бараб мемориалияб комплекс. АхIулгохIде щвезе унелъул, гьениреги цIала нилъ. Щиб мурадалда бараб гьеб букIун батаниги, жибго комплекс хутIизе буго. Гьебги букIине буго АхIулгохIалъул бахIарчияб тарихалъул гьитIинабго бутIалъун…

Дие Рамазан ГIабдулатIипов хутIизе вуго лъикIав ва гIакъилав инсанлъун.

 Шамай ХЪАЗАНБИЕВА.