Лъабавго имамасул аслу чорхолъ бессарав

 

  Шамил районалъул ХIебда росдал Культураялъул кIалгIаялъуб тIобитIана жамгIиявгун политикияв хIаракатчи, самбоялъул ва эркенаб гугариялъул рахъаз СССРалъул чемпион, ДГУялъул профессор Суракъат Асиятилов гьавуралдаса 90 сон тIубаялъул тадбир.

  Гьелда гIахьаллъана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул председатель З. Аскендеров, гьесул заместитель С.-А. АхIмадов, депутатал М. МухIамадов, М. ПатхIулаев, М. Пайзулаев, К. Давдиев, тIабигIиял сурсатазул ва экологиялъул рахъалъ министр И. Ибрагьимов, спорталъ- ул министрасул заместитель ХI. ХIайдарбегов, Олимпиялъул хIаязул призер М. ГIарацилов, туризмалъул ва халкъиял художествиял махщелазул министрасул заместитель ГI. МухIамадов, автовокзалалъул генералияв директор С. СагIидов, профессор ХI. ХIасанов, ДГУялъул Дагъистаналъул тарихалъул кафедраялъул заведующий ГI. ГIумаров, Буйнакск шагьаралъул бетIер И. Нургьудаев, МахIачхъала шагьаралъул Ленинский районалъул бетIер М. Алхасов, Унсоколо районалъул бетIер ГI. НурмухIамадов, Хьаргаби районалъул бетIер М. ТIагьиров, муфтиясул тIоцевесев заместитель М. СагIадуев, халкъиял шагIирзаби М. АхIмадов, М. ХIамзаев, Суракъатил вац, профессор ГI. Асиятилов, ФОМСалъул председателасул заместитель М. АхIмадов, ЖамгIияб палатаялъул председатель ГI. Ибрагьимов, Рохьил магIишаталъул комитеталъул председатель В. ГIабдулхIамидов, Танкаевасул цIаралда бугеб фондалъул председатель ХI. ГIабдулжалилов, тарихчагIи, гIалимзаби, Суракъатил гьудул-гьалмагъзаби, ракьцоял, гIагарал чагIи.

 

Тадбир рагьулаго районалъул бетIер МухIамад ХIасановас абуна:

— Жакъа нилъ данделъун руго Суракъат ракIалде щвезавиялъул тадбиралде, гьес гьарурал лъикIал ишазул бицине. Киназдаго Суракъат лъалаан гIалимчи-тарихчи, хIалбихьи бугев педагог, цIар рагIарав гугарухъан, политикияв ва жамгIияв хIаракатчи хIисабалда. Халкъияб Собраниялъул депутатлъун вукIарав Суракъатихъе, батIи-батIияб кумек гьарун, рачIунаан киналго милла- талъул гIадамал, гьезда лъалаан гьев киназего кумек гьабизе хIадурав вукIунеблъи. «Гидатль — талисман мой, совесть моя» абураб жиндирго тIехьалда гьес хъвалеб буго: «Россия ккола Евроазиалъулаб улка ва гьелъул букIине ккола жиндирго хасаб нух. Нилъер буго гIумруялде батIияб бербалагьи ва батIияб куцалда сверухъ бугеб дунял бичIчIи, гIумру гIуцIулеб къагIида, батIияб яхI-намус ва психология».

Суракъатил хIакъалъулъ бихьизабураб видеофильмалъ киназего кIудияб асарги гьабуна.

Суракъатил хIакъалъулъ бицун кIалъараз бицана гьесул гIаданлъиялъул ва яхI-намусалъул х1акъалъулъ.

ДРялъул Халкъияб Собраниялъул председатель Заур Аскендеров:

— Дие цIакъ кIудияб асар гьабуна гьаб фильмалъ. Чара гьечIого гьеб бихьизабизе ккола миллияб телевидениялдасан. Гьайгьай, гьеб букIина жакъасел ва хадусел наслабазе лъикIаб мисаллъун. Дун тамашалъизавуна Суракъатил ишазул кIодолъиялъ. Гьес тIолабго гIумру къурбан гьабуна халкъалъе хъулухъ гьабиялъе. Гьес гъваридаб лъалкI тана Дагъистаналъул тарихалда. Суракъат щуго нухалда вищана пачалихъалъул законал рахъулеб идараялде, 16 соналъ нухмалъи гьабуна Халкъияб Собраниялъул комитеталъе. Гьесул нухмалъиялда гъоркь къабул гьаруна «Закон о свободе совести и вероисповедания и религиозных организаций» ва «Закон о запрете вахабитской деятельности…» гIадал законал. Гьесул бажариялдалъун Дагъистаналъул байрахъалда тIад гьабуна гIурччинаб мухъ, квербакъана школал, больницаби рагьиялъе, росабалъе лъим ва газ бачиналъе.

Спорталъул ва физкультураялъул министрасул заместитель ХIайдарбег ХIайдарбегов:

— Суракъат ккола Дагъистаналда тIоцеве СССРалъул чемпионлъун вахъарав чи. Гьесул хIурматалда нижер министерствоялъ тIоритIула турнирал ва чемпионатал. Дун вохаравги чIухIаравги вуго гьев лъалев вукIиналдаса. Ниж-спортсменал чIухIула Суракъатидаса.

ДГУялъул «Дагъистаналъул тарих» кафедраялъул заведующий, профессор ГIабдулкъадир ГIумаров:

— Суракъат вукIана нижер кафедраялъул цевехъан ва ниж битIараб нухде ккезавулев гIакъил. Гье- сул гIелмиял цIех-рехал рукIана магIарул халкъалъул культураялъул ва рукIа-рахъиналъул хаслъабазул ва тIокIлъабазул бицунел.

Жакъа школазда цIакъ хашго гурони лъазабулебго гьечIо Дагъистаналъул тарих. Суракъат чIаго вукIаравани, гьес квербакъилаан гьеб гъалатI битIизабиялъе. Суракъат живго ккола Дагъистаналъул спорталъул, лъай кьеялъул, гIелмуялъул ва тарихалъул кIудияб бутIа.

Хъвадарухъабазул союзалъул председатель МухIамад АхIмадов:

— Суракъат вукIана магIаруллъиги, Дагъистанги, нилъер мугIрулги, гIоралги, нилъер кIодолъиги, борхалъиги жанибе бачарав инсан. Гьев вукIана яхI-намусалъул асир. Гьесие къимат кьолаго, Расул ХIамзатовас абуна: «Суракъат — это особая статья конституции горцев в Дагестане», — ян. Суракъатил гIакъилал ва гIужилал рагIаби кицабазде ва абиязде руссунаан. Суракъат камуна магIарулазе, Дагъистаналъе, Россиялъе, гьечIо гьев хисизе, гьесул борхалъиялде вахине бажарулев чи.

Халкъияв шагIир МухIамад ХIамзаев:

— Цо кинабалиго разилъигун, Суракъатица абулаан: «Я уполномоченный посол горцев в Махачкале», — ян

1990 соналда Суракъат вукIана исламияб партиялъул нухмалъулевлъун, дун – «Ас-салам» газеталъул редактор. Цо нухалъ нижеца къотIи гьабуна цо суал тIубазе цадахъ издательствоялде ине. МахIачхъалаялъул майданалда данделъарал нижеда аскIое ячIана цо гIадан. ГIайиб гьечIого туснахъ гьавурав жиндир вас къватIиве виччазавизе кумек гьабеян гьарана гьелъ Суракъатида. Гьес дида абуна метер рилълъинила издательствоялде, жакъа жинца гьай гIаданалъул мурад тIубазе кколин. Нахъисеб къоялъ дица гьесда гьикъана дой гIадан киса-щий, долъул мурад тIубарабищилан. «Цо кIудияб гIайибго гьечIого жанив тIамун ватана долъул вас, къватIие виччазавуна. Дун цIехон, кумек гьарун ячIарай гIаданалда киса-щиян гьикъизе рекъараб букIунаро», — ян абуна гьес. Жакъа рукIунищ гьединал чагIи?! Гьедин, лъалелги лъаларелги чагIазе кумекалъе вахъун чIарав чи вукIана мунагьал чурад.

 

Муфтиясул тIоцевесев заместитель МухIамадрасул СагIадуев:

— ХIакъикъияв бусурбанчи ва Дагъистаналъул исламияб партиялъул нухмалъулев хIисабалда, Суракъат-хIажил битIахъегояб кверчIваялдалъун республикаялда рагьана тIоцересел мадрасаби, кьуна мажгитал раялъе ракьал.

Дица абила, Суракъат-хIажил гIумруялъул нухалъул бицунеб фильм чара гьечIо депутатазда би- хьизабизе кколин. Гьеб букIина нилъер депутатазе «халкъалъул вакил» абураб борхатаб цIаралъе мустахIикълъизе ккани, хIалтIизе кколеб куц малъулеб унго-унголъунги къиматаб дарс.

Суракъат-хIажие хIажат гьечIо гьадинал юбилеял, нилъее къваригIун руго гьединал чагIазул мисалал.

ЖамгIияб палатаялъул председатель ГIадулмуъмин Ибрагьимов:

— Гьайгьай, дагъистаниязе камуна халкъияв депутат Суракъат Асиятилов, амма гьев гьайбатав инсанасул спортивиял ва гIелмиял бергьенлъаби, гьес нилъее сайгъат гьабураб къимат тIокIаб ирс-тIахьал ва макъалаби даималъго нилъгун хутIила.

Медицинаялъул гIелмабазул доктор, профессор ГIабудало Асиятиловас жиндирго ва гIагарлъиялъул рахъалдасан баркала кьуна Суракъат ракIалде щвезавун абурал лъикIал рагIабазухъ ва гьесул гIумруялъе кьураб къиматалъухъ.

Суракъат вукIана гьалбал хирияв ва гьезие хIурмат гьабизе бокьулев чи. Гьебги хIисабалде босун, Гьолокь росдада нахъа хIоралда аскIоб бугеб рафтингалъул базаялда бечедаб тепсиялда нахъа тIобитIана хIурматиял гьалбадерие нухбитIиялъул тадбирги. Гьенирги ракIалде щвезаруна Суракъатица гьарурал лъикIал ишал, гьарана гьесие алжан насиблъагиян.

Нури НУРИЕВ