Шамил ГIалиев: «Искусство хIакъикъиял гIелмабазулъ буго»

 

 

 

 

 

Гьаб ккола академик ва техникиял гIелмабазул доктор Шамил ГIалиевасулгун 2004 соналда гьабураб интервью.

Гьелъие гIиллалъун ккун букIана доб мехалда Россиялъул президентасул администрациялъул, хIукуматалъул, хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул ва МВДялъул рахъалдасан академикасе «ВатIаналъул къолден» абураб орден кьей.

Гьеб шапакъаталъ гьабураб асаралъул бицунаго, магIарулазул рухIияб бечелъиялъул къолденлъун вукIине бокьилаанин жиндиеян абун букIана Шамил ГIалиевас.

 

25 июнь гьев гьавураб къо букIинги хIисабалде босун ва академикасда гьебги баркулаго, ракIалде ккана доб интервью цIидасан газеталда бахъизе.

 

Бицен гьабулеб гара-чIвариялда аслияб куцалда хабар ккун букIана гIелмуялдагун искусствоялда ва поэзиялда гьоркьоб бугеб бухьеналда тIасан.

 

ХIакъикъиял гIелмабазул рахъалъ хъварал, столазда тIад ричIун лъурал рикIкIен гIемерал тIахьазда гъорлъ ругоан ЧIанкIалги, МахIмудилги, гьединго ахираб заманалда рахъарал гьанжесел поэтазулги тIахьал. Хас гьабун автографалги хъван автораз гьесие сайгъат гьарурал тIахьал ккола гьел.

 

 

— Шамил, битIараб бицани, гьелщинал тIахьазда гьоркьосаги росун, гьанжесел шигIрабазул тIахьал дуца цIалулел ратилин абураб жоялда щаклъизе бачIунеб буго.

— Дуда гьедин ккеялда гIайибго гьечIо, жалго автораздагицин кколеб мехалда. Масала, доб дуца сайгъат гьабураб тIехьалда гьадинал мухъаз асар гьабунин диеян абидал, «Вагь, дуца эл кучIдул цIализегийищ цIаларал», — ан чIваркьун дихъ балагьун чIана цо поэт.

Дица гьаниб батIаго бихьизабилаан МухIамад ХIамзаевасул «ЦIуне Аллагь, Дагъистан» абураб тIехь. Исана соналда жаниб гуребги, ахираб заманалда гъодинаб магIнаялъулги пасихIлъиялъулги тIехь къватIибе бачIун букIинчIо. ГIадатго, мухIканго, чваххулеб лъим гIадин хъваялъ жакъасеб къоялъул гIузраби цере рехизе лъаялъ, добе-анибе цIачIого рагьун гьезул бицине кIвеялъ гьеб тIехь бачIинахъего рекIелъе бортулеб буго. Дида ккола гьеб тIехь тIадегIанаб литературияб премиялъе мустахIикъаб бугилан, гьелъие хIалтIи гьабизе ккола.

Дица гьединго рехсела дие асар гьарурал цогидал авторазул тIахьаздаса мухъалги (киназулго бицине хIал кIвелищха). «Дун АхIулгохIалда чIимихлъун анищ, чIегIерал къоязул къисмат бихьараб» — МухIамад ГIисаев. «ТIогьол михьи цIулеб хIатIал канчIаб най, хваниги рес гьечIо мун йихьичIого» — МахсутI ЗайнулгIабидов. «Эбелалъ гьавула ракьалда инсан, йокьулелъ гьавула гьев гьенив тасдикъ» — ГIирбанил ХIажияв. «ГIарцул цIад балезул зваргъиялда гъоркь дурги дирги гьаракь гьоркьоб къун бугин, къойил шигIрабазул гIор чваханиги, гIадан регIиладай нилъер кечIалде» — ГIайшат Малачиева. «ЦIорон унеб гIорги гIенеккичIодай, тIупарал мугIрулги ралагьичIодай. ГьечIо дир абизе ургъараб рагIи, гIалам божулелда божии гурони» — Сабигат МухIамадова.

ГIезегIан гъорлъе ваккун цIалана Рамазан ГIабдулатIиповас сайгъат гьабураб анлъабго тIехьги. Гьенир лъун руго гьесул жиндирго кучIдулги, гьезие хъварал бакъналги, квералъ рахъарал сураталги, гIелмуялда ва политикаялда тIасан хъварал макъалабиги. БетIергьанас цо чиясе гьабщинаб гьунар кьун букIин бихьидал, ракIалде рачIана кIудияб гьунаралдасаги кIалъазе махщелалдасаги къали бухулел бергьунилан умумуз абулел рукIарал рагIаби. «ГIакълу къварилъундай гIантлъи боххулеб, махсаро ццидалаб мехалъул лъимер», — ян хъвалеб буго Рамазаница.

ПалхIасил, гьанир цохIо гьазул цIарал рехсон таниги, Машидат Гъайирбеговалъулги, ГъазимухIамад ГъалбацIовасулги, Залму Батировалъулги, Баху-Меседо Расуловалъулги цогидазулги творчествоги лъаларев, гьелъ асарги гьабичIев чийин дунан ракIалде ккезе бегьуларо.

— Киса-кисаги бечедалщинал чагIазда гIарацги кьезабун, гьелги, хIакимзабиги, депутаталги, гьезда релъаралги реццарал, гьелдаго цадахъ гъварилъиялъул махIго гьечIел, бегIукъал кучIдуз цIезарурал тIахьал риччалел рукIиналда щибин дуца абулеб?

— Цин гьезие (гьединал авторазе) лъикIаб букIинаан ЧIанкIаги, МахIмудги, ЧIиркъатIаса ХIамзатги, Инхоса ГIалихIажиявги, Ругъжаса Элдарилавги, МестIерухъа НурмухIамадги (ЧIанкIал мугIалим) щал чагIи рукIаралали лъазе тIалаб гьабуни.

ТIагIамабщиналъул тIорги щун, колотIа гIурал гьугьунбачал гIадин гогьдаризарун руго нилъ, магIарулал, нилъер цересел шагIирзабаз. Гьединлъидал гьездаса хадуб шигIруялдаса нилъеца гIемер жо тIалаб гьабулеб букIиналда гIайибги гьечIо. Амма нуцIа къалеб мехалда рачIарал пикрабазул авторал, ралъдалъе рехараб гамачI кинигин, заманалдасан рилула, кIочон тола. ГIадамазе рецц къваригIун батани, гьебги гьабизе ккола, заманалдаса гьезда гьеб жидедаго чIалгIине бегьула. Гьединаб тайпаялъул чагIи, мичIчIида бараб муру гIадин, гьанже цIакъго гIемерлъун руго гIалимзабазда гъорлъги. Щиб гьабунги, хунги рахъунги, тIадегIанал цIарал щвечIого чIоларо гьел, ахиралда нухазда, къватIазда гьезул цIаралги лъезарула дозул гIага-божараз.

Абухъего, церетIурал къватIисел пачалихъазда сунда букIаниги, пуланав чиясул цIар лъола гIицIго гьев чи хун 15-20 соналдасан. Гьеб заманалда жанив гIадамазда кIоченчIого вугищ гьевали халгьабула доба. ПалхIасил, рецц бокьунилан гIадамал (шагIирзаби) какичIого, щибго кIвар кьечIого тезе ккола, гьелда тIад заман хвезабун щай нилъей. ГIелмуялъулъго гIадин, поэзиялъулъги кида-къадги тIатуна къагIидабиги ххвелалги гьари.

— Муи йокьулеб ххвелги гьабун, МахIмудицаги инкар гьабулеб букIун гьечIин цогидал руччабазул рокьудасайин гурищ абулеб?

— ЦохIо Муиги йокьун, гьел рокьул кучIдул хъвазе ресго букIинчIо, гуребани гьеб мекъи букIинаан, цинги гьесул шигIруги гIорхъичIвараб букIунаан. Рокьул чанго батIияб даража буго. Киналго гIадамаз цебе чIезабулеб жо гуро рокьи кколеб. ХIакъикъаталда гьеб буго (бихьинчиясул мисалалда абуни) бокьараб ригьалъул чIужугIаданалъулъ бугеб хаслъи батун, гьелдаса рохизе лъай. ГIолохъанал ясазухъго гIадин, нусго сон барай кIодохъги ккезе бегьула рокьи. Амма гьеб батIияб рокьи букIуна (дол гIолохъанал ясазул улбузул цояй хIисабалда бижараб рокьи).

— ГIелмуялъулги искусствоялъулги бухьен щиб?

— Искусство гьелъулъин бугеб. Искусство унго-унгоги бичIчIизе къваригIани, математикаллъун рукIине ккола. Масала, гьединав вукIана къокъаб заманалда жанив машгьурлъарав академик А. Сахаров. Нилъеда берда цебе лъун бихьулеб жо искусство батани, математика ккола батIи-батIиял дандекквеяздалъун, жура-гъураяздалъун гьеб нилъеда сверухъ бугеб хIакъикъат тарихаздалъун хъвалеб искусство.

— МоцIроде роржиналда хурхараб уравнениялъулъ поэзия кибха бугеб?

— Гьенибгоха, поэзия батIи-батIияб къагIидаялда хъвазе бегьула. ГIицIго рагIабаздалъун гуреб, рекIел хIалалдалъун бичIчIизе ккола гьеб. Цо заманалда музыка рикIкIунаан математикаялъул цо бутIалъун. Амма хадуб баянлъана музыка гьелдасаги тIадегIанаб букIин. Поль Валерица хъвалеб буго кьурдулей гIаданалъул гьеб кьурдудехун щибго бухьен букIине кколарилан. Ай, кьурдулеб мехалда жийго щияли гьелъ хIисаб гьабулеб бугони, гьей кьурдухъан кколаро. Валерица абухъе, хIакъикъаталда гьелъул кьурди ккола черх гьаваялда хъва-хъвадизаби (размазывание тела в пространстве).

Амма гIелмуялъ жеги лъикIалан лъазабун гьечIо магIаби гьаризе бугеб махщел. Хвел букъулеб параялъго ракIалдеги рачIуна гьел, щибаб нухалда батIи-батIиялги рукIуна. МагIихъабазда цогидав чиясул къварилъи жиндирго гIадин бичIчIизе кIвеялда хIикмалъизе бачIуна. Гьаб асаралъ чи Аллагьасдеги гIагар гьавула. Цебе магIарухъ Бахул ГIайшатицаги ЧIанкIал яцалъги магIаби гьарулеб мехалда ракI тIутIун унеб асар гьабулаанилан бицуна кудиял чагIаз. Гьебго заманалда магIабаз гIадамазе мадарги лъугьинабуларищха. Гьанже лъугIун-тагIун унел руго гьел, хасго гьанир, шагьаразда.

Абухъего, шагьаралда чиясул гIамал-хасият тIадеялдаса тIаде мукъсанлъулеб буго. Берцинго херлъизе толел гьечIо гьанир гIадамал. Шагьаралда херав чи довго ахIмакъ вукIуна. Росулъин абуни херасул къадру-къимат букIуна, гьесул рагIи гIинде босула. Гьаниб, гьитIинлъи-кIодолъи цIехечIого, киназего къваригIун букIуна киназдаго тIасан кIанцIизе.

 

Гара-чIвари гьабуна Зульфия ХIажиевалъ.