ЧIагояб кьуру гIадав ГIурадаса Суракъат

 

  Щивав магIаруласда кIочонаревлъун хутIана живго гIадаб борхатаб гьаракьалъ жеги эхедегIан гьев гьавулеб гъаракул тIагъуралъги гIагараб миллат кIодо гьабулев, гьелъул тIалабазда вортанхъулев, чIагояб кьуру гIадав ГIурадаса Суракъат Асиятилов.

  Суракъатилъ букIана Дагъистаналъул халкъалъе хасиятаблъун бугеб гIакъиллъиги, яхI-намусги, тарихалде арал бахIарчиял умумуз нилъехъе кьун тараб жидерго такрарлъиги… Жакъа гьеб такрарлъилъунги умумузе мустахIикъавлъун лъугьарав Суракъатил цIарги къанагIатаб гьесул хIаракатчилъиги даимлъиялде ана. 10 соналъ Дагъистаналъул парламенталде халкъалъ вакил гьавурав, унго-унгояв депутат гьев вукIиналъе гIиллалъунги гьесул захIматалъулги хIаракаталъулги хIасилал ккана: Суракъат ракIалде щвезавула щибаб нухалда ДРялъул байрахъ борханщинахъе, гьесул хIаракаталдалъун жинда гIурччинаб мухъ – Дагъистаналъул халкъазе исламалъул кIвар букIиналъул гIаламат бихьидалги, жиндирго гIагараб районалда имам Шамилил цIар лъеялъги. Гьесул берги, кверги, хIетIги щолаан гIадатиял, тIадчагIазде хIажалъи ккарал мискин-пакъиразухъеги, пенсионеразухъеги, чияр цIобалде ккаразухъеги. Гьеле гьединал ишазин 2000 соналда гьарурал социологиял цIехрехазда халкъалъ гьев рикIкIарав республикаялъул бищун лъикIав депутатлъун.

КIиабилеб июналда республикаялъул Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб Миллияб библиотекаялда тIобитIана Суракъат Асиятилов гьавуралдаса 90 сон тIубаялъул юбилеялда хурхараб тадбир. Гьеб нухда бачарай библиотекаялъул отделалъул заведующая ПатIимат МуртазагIалиевалъ бицана Суракъа- тица республикаялъул гIумруялъулъ тарал лъалкIазул хIакъалъулъ. Гьединго тадбиралда кIалъана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул председателасул заместитель АхIмадов СайгидахIмад. Гьес бицана Суракъатил хаслъабазул, Дагъистаналъул та- рихалда гьесул цIар даимго хутIизе букIиналъул хIакъалъулъ.

   ГIенеккаразе асар гьабулеб кIалъай букIана муфтиясул заместитель МухIамадрасул СагIадуевасул. Гьес бицана Асиятиловас Дагъистаналъул диниял церехъабазе гьабулеб букIараб кверчIваялъул ва кумекалъул. Гьединго гьеб дандеруссиналда кIалъана Халкъияб Собраниялъул экономикаялъулгун бюджеталъул комитеталъул председатель Ильясов Марат, аграрияб политикаялъул комитеталъул председателасул заместитель ПатхIулаев МухIамад, сахлъи цIуниялъул, захIматалъул ва социалияб политикаялъул комитеталъул председатель Маммаев Ильяс, гьебго комитеталъул председателасул заместитель, эркенаб гугариялъул рахъалъ Европаялъул чемпион МухIамадов МухIамад, экономикияб, инвестициязул ва предпринимательлъиялъул комитеталъул председатель ГIалиев Сефер, промышленносталъул, ЖКХялъул, транспорталъул ва нухазул магIишаталъул комитеталъул председатель Умавов Юсуп, ДГУялъул, Суракъатица нухмалъи гьабулеб букIараб Дагъистаналъул тарихалъул кафедраялъул заведующий, тарихиял гIелмабазул доктор ГIумаров ГIабдулкъадир, ДРялъул Спорталъул министерствоялъул вакил МахIачев Халидбег, «Гьидалъа магIарулав» абураб тIехьалъул автор, республикаялъул литературиял журналазул бетIерав редактор АхIмадов Мурад, ДРялъул халкъияй шагIир МухIамадова Сабигат ва гIемерал цогидалги.

Суракъат кIодо гьавизе данделъаралщиназе ракI-ракIалъулаб баркала кьуна гьесул вац, гIаданлъиги гIадатлъиги жиндилъ бессарав, медицинаялъул гIелмабазул доктор, профессор ГIабудало Асиятиловасги, Суракъатил вас, Халкъияб Собраниялъул депутат МухIамад Асиятиловасги.

   Киназдаго цебе эхетун букIараб, цо — жиндир хIакъалъулъ, цогидаб – жинцаго хъварал тIахьазул выставка-стендалъухъги ялагьун, Суракъатилъ миллаталъул бахIарзал рихьулей йикIарай дир пикрабаз, гьесул сураталъухъ, кьуруялъухъ гIадин, гъоркьа тIадеги ялагьун, абулеб букIана: «Мун гIадав гьечIони, Аллагьас жинда кодоб халкъалъе гIоло гъулбас гьабизе къалам кодобе кьурав магIаруласул пайда щибха, Суракъат!» — илан.

ТубхIат ЗУРГЬАЛОВА