Мисаллъун букIина халкъалъе дур цIар

 

    22 маялда Шамил районалъул ХIебда росулъ тIоритIана ДРялъул Верховный судалъул членлъун гIемерал соназ хIалтIарав Багъужа ГIонжолов ракIалде щвеялъул хIурматалда спортивиял къецал. БетIерав судья АхIмад ЧIегIеровасул рагIабазда рекъон, тадбир ана гIуцIадго ва гIахьаллъаразул гIемерисез рихьизаруна лъикIал хIасилал.

Сабаб-багьанаги ккун бугелъул, бокьун буго, гьев лъикIав инсанги ракIалде щвезавун, цоги нухалда гьесул хIакъалъулъ дагьабго калам гьабизе.

ЦIияб Лак районалде кIанцIун рукIарал яргъид гIуцIарал хъачагъазе суд гьабулаго, Пятигорск шагьаралъул судалъул залалда, 2003 соналъул 17 июналда къадаралде щвана ДРялъул Верховный судалъул судья Багъужа ГIонжолов. Доб заманалда гьев лъаларев, гьесул цIар рагIичIев чи Россиялдаго вукIун ватиларо.

Багъужалгун дир лъай-хъвай ккана мачIадисезул рохьоб. Хахолчакмаялги, хIалтIул ретIелги ретIун, басриябго шляпаги лъун, кодоб гIащтIигун Дагъистаналъул Верховный судалъул судья ГIонжолов вихьидал, дун гIажаиблъун хутIана. Дида бугеб хIал бичIчIараб гIадин, гьес абуна: «Кутакалин чIарал хIакимзаби ва диргун ишцоял отпускалъ курортазде уна. Гьидерил тIалъиги гIагараб росдал тIабигIатги дие сундасаго хирияб буго. Гьаниб щола дие лазатги рахIатги», — ян. МачIадисез бицунеб рагIунги букIана отпускалъул заманалда Багъужа росулъе вачIунин ва щибаб къойил гьев вихьулин рохьов цIул къотIулев яги магIарда гамачI данде гьабулевин абун.

…Анкьго сон бан букIана Багъужал эмен рагъде индал. КIиго соналдасан гьесул эбелалъухъе бачIана магIу бахъараб кагъат. Дол соназда кинавго чи вукIана къварилъиялда, амма Багъужада букIараб хIалалъул бицунеб цо мисал бачина. Доб букIана хасалил квачалъул махIчIвалеб кватIараб хаслихълъи. Лъилалиго тIадкъай тIубазелъун, Багъужа цого-цо бугеб гурде-тIаждалъ аскIоб бугеб росулъе унев вукIана. Росдадаса рикIкIад бугеб, МагIалъа абулеб бакIалда гьесда дандчIвана кIудадал имгIал – ГьентIаса МагIазило. «Гьадин толохIочго мун эбелалъгIаги кин виччарав, дир вас», — ан абуна гьес ва, жиндасаго бахъун, гьесда ретIана квасквасул куртка. Багъужаца гIемер бицунаан гьеб лъугьа-бахъиналъул хIакъалъулъ ва абулаан: «Гьеб куртка букIана гIумруялъго дие щвараб бищунго къиматаб сайгъат. Гьелъ хинлъизабула жакъаги дир черхги ракIги», — ян.

Багъужал эбел Чучу йикIана гьаюдизе лъалей гIадан. Кьварарал магIарул гIадатазда рекъон тарбия кьун, гIезавуна гьелъ цо вугев вас. ЦIализе витIана учительлъун, жигар бахъана гьев гIадамалъе вахъинавизе. Дол соназда росабалъ учительзабиги тохтурзабиги хIурматиял чагIилъун рикIкIунаан, гIемерисезда лъазецин лъалароан цоги махщелал рукIунеблъи. Багъужаца лъугIизабуна Буйнакскиялъул педучилище ва хIалтIана гIагараб росдал школалда учительлъун. Гьел соназда Багъужаца хIукму гьабуна цебегосеб балъгояб анищ гIумруялде бахъинабизе, ай юристлъун цIализе ине.

Саратовалъул юридикияб институтги лъугIизабун вачIарав Багъужа тIамуна Советский рай- оналъул прокуратураялъул следовательлъун. КватIичIого гIолохъанав юрист тIамуна районалъул судиявлъун. Хадуб букIана республикаялъ- ул Верховный суд. Хехго лъукъулеб ва асар гьабу- леб ГIонжоловасул рекIелъан ана судалъул щибаб дело, щибаб къисмат. Гьесул лъай-махщалие ва ритIухълъиялъе мукIурлъилъун рикIкIине ккола террорист Салман Радуевасе ва гьесул гьалмагъ- лъиялъе гьабулеб судалъе нухмалъи гьаби гьесда тIадкъай.

 Гьеб судалдаса хадуб «Народная газеталда» бахъараб «Приговор Радуеву – предупреждение всем террористам» абураб диргун букIараб гарачIвариялда, «Гьайгьай, гьединаб даражаялъул судалъул заседаниялъе председательлъи гьабизе дуда тIадкъай ккола кIудияб божилъи. Сундуе гIоло мун тIаса вищарав?» — ан абураб суалалъе гьес гьадинаб жаваб кьун букIана: «Нухмалъи- ялъ гьеб судалъул иш дида тIадкъана. Гьединабго хIасилалда гьеб тIубазабилаан бокьарав дир иш- цоясги», — ян.

Кьуна дица «Судалъул заманалда дуе кинабгIаги хIинкъи кьеялъул хIужа кканищ? Мун цIунулев ватила?» — ян абураб суалги.

«Дица суд гьабиялъул рахъалъ лъилниги дагIба букIинчIо, боевиказул рахъалдасан хIинкъикьейги ккечIо. Дун цIунула, амма бищунго ракIчIараб куцалда дун цIунула Аллагьас», — ан жаваб кьуна Багъужаца.

Багъужал бетIерлъиялда гъоркь гIемерал такъсирчагIазе гьаруна судал. Амма бищунго хIалуцараблъун рикIкIуна Буйнакскиялда гIемертIалаяб мина кьвагьизабиялъул ва МахIачхъалаялъул Пархоменкол къотIноб гьабураб теракталъул гIадал, дунялалдаго ахIи бахъинабурал судазул заседаниял. Гьел рукIана цIакъ захIматал. Багъужаца гьел тIад рагIи абизе бакI течIого тIоритIана. Я Россиялъул генпрокурорасул, я судалда гъоркье ккарасул рахъалдаса гьесдехун щибго дагIбаги букIинчIо. Амма судалъул гIадлу хвезабулев чиясда гьес гурхIел гьабулароан. Верховный судалъ хIукму гьабун жанив тIамурав чамалиго чи гьес, цIидасан гьабураб судалъул хIасилалда, тамихIалдаса эркен гьавуна. Гьесул гьединал ритIухъ гьариялъул хIукмаби кидаго ритIаралги ратулаан.

ХIукуматалъ мустахIикъаб къимат кьуна Багъужал ракIбацIцIадаб хъулухъалъе. Гьесие щварал орденал-медалал рикIкIинчIого, Багъужа ГIонжоловасе кьуна гьадинал цIарал ва шапакъатал: «РФялъул мустахIикъав юрист» (1998 сон), «ЛъагIалил инсан» абураб цIар (2003 сон), ДРялъул Пачалихъияб Советалъул ХIурматалъулаб грамота (1999 сон) ва цогидалги.

КIикъого чияс лъикIав чи вукIанин нугIлъи гьабулеб бугони, бусурбанчи алжаналде унин абула. Багъужал хIакъалъулъ лъикIаб гуреб рагIи рагIичIо. Цо-цо чагIаз кьолеб буго гьесие гьадинаб къимат: Имам Яралиев, ДРялъул прокурорлъун хIалтIулев вукIарав: «Багъужа вукIана судиялъи гьабизе, ай ритIухълъи цIунизе Халикъасго тIаса вищарав чи». Анвар МухIамадов, ДРялъул Верховный судалъул председательлъун хIалтIулев вукIарав: «Гьесда тIадкъалаан бищунго захIматал судазул ишал. Щайгурелъул Багъужада гIадин берцинго ва ритIухълъи цIунун гьел тIоритIун цогидазухъа лъугьунароан. Верховный судалда хIалтIараб 20 соналда жаниб Багъужае щвечIо цониги бадибчIвай. Радуевасе гьес гьабураб судалъул бицунаго, РФялъул Генералияв прокурорас гьелъие кьуна «высший пилотаж» абураб къимат ва, тIад цIарги хъван, Багъужае сайгъат гьабуна Макаровасул таманча». МухIамад ГIабдулхIалимов, ДРялъул Верховный судалъул заместительлъун хIалтIулев вукIарав: «ЛъикIаб лъай, Аллагьасго кьураб гьунар букIиналъ ва умумузул гIадатал цIуниялъ кумек гьабулаан гьесие судазда битIарал хIукмаби къотIизе. Гьесул кIудияб махщел букIана бачIараб балагьалъ кIвекIулей эбелалдаги, яхI гьечIев такъсирчиясдаги сабуралда кIалъазе». Суракъат Асиятилов, гIемерал соназ Хал- къияб Собраниялъул депутатлъун вукIарав: «Багъужае бокьулаан ва гьесда гъваридго лъалаан жиндирго хIалтIи. Гьес ракIбацIцIадго хъулухъ гьабуна халкъалъе, ритIухълъиялъе ва законалъе, ай къима- талда цIунана судиясул цIар». Ибрагьим ХIажиев, Шамил районалъул лъай кьеялъул управлениялъ- ул начальниклъун хIалтIарав: «Багъужа вукIана ракIалда бугеб жо абулев, абураб гьабулев чи. Дунгун цадахъ гьев цIалана Буйнакскиялъул педучилищаял- да, цадахъ хIалтIана школалда. Гьев вукIана худо- жествиял тIахьал цIалиялъул рахъалъ тIоцебесеб бакI ккурав чи. Гьезул баракаталдалъун щвана гье- сие лъикIаб гIакълу ва гIумругун гIадамал ричIчIи». Рамазан ГIабдулатIипов, Дагъистаналъул вукIарав бетIер: «Багъужа хIалтIулев вукIана ЛъаратIа районалъул прокуратураялъул следовательлъун. Гьесул лъикIлъиги, гIаданлъиги, ритIухълъиги бихьун, ХIебда ва МахIачхъалаялда гьев хIалтIулеб мехалъги, лъаратIисел къваригIелалъ гьесухъе унаан».

Багъужал кIудияв вас МухIамадица бицана жидее эмен вукIанила нух бихьизабулеб канаб цIвалъун, жидеца – гьесул лъималаз жигар бахъулила гьесда релълъараллъун рукIине, жидедаса гьев чIухIулеб хIалалда гIумру гьабизе. Берцин бихьулаанила гьесул хъулухъ, гIадамазулъ гьесул бугеб къадру, гьесдаса цогидазе щолеб кумек. Гьединлъидал жал, ай гьесул васал, хIалтIизе анила ихтиярал цIунулел идарабазде, хIалтIулелги ругила инсул къадруги цIунун. Багъужал бищун кIудияв вас МухIамад ккола юридикиял гIелмабазул кандидат, профессор, подполковник, МахIачхъала шагьаралъул Ленинский районалъул судияв, нотариаталъул ва халкъазда гьоркьосел бухьеназул институталъул преподаватель. АхIмад хIалтIулев вукIана таможняялда, Ибрагьим хIалтIулев вуго МЧСалда, ХIасан – полициялда, ХIусен – прокурорасул заместительлъун, ХIажияв хIалтIулев вукIана «Сириус» турфирмаялда.

Багъужал гIамал-хасияталъулъ букIана гIадатлъиги ва гIадамал кIодо гьабулеб рахъги. Гьелъие нугIлъи гьабулеб цо мисал бачина. Жакъасеб модаялда рекъон гIемерисез, росабалъа ун, шагьаразда жидерго лъималазе бертаби гьарулеб заманалда, Багъужаца жиндирго анлъавго васасе бертаби росулъ гьаруна. Гьесул анищ букIана, пенсиялде аравго, росулъе тIад вуссине. Пайда щиб, Аллагьас хъван букIун гьечIо.

БатIи-батIиял газетазда ва журналазда гIемер хъвана ва бицана Багъужал хIакъалъулъ, гьединго бахъана гьесул гIумрудул нухалъул ва хIалтIул хIакъалъулъ бицунеб кино. Гьесул гIагараб МачIада росдал школалда лъуна Багъужал цIар. Амма, цебего заман щун бугониги, жеги гьечIо гьесул хIакъалъулъ хъвараб тIехь. Гьединаб тIехь букIинаан гьев ракIалдещвеялъе бараб памятниклъун ва гIун бачIунеб гIелалъе тарбия кьеялъе унго-унгояб квербакъилъун. Багъужаде хъварал гIемерал кучIдузда гьоркьоб дида берцин бихьана шагIир Залму МухIамадовалъ хъвараб гьаб кечI:

Инсул азбаралда кьибил гIарцул гъветI

Кьолболъа бахъараб, рагIанищ васал,

Кьолбода нур бараб меседил матIу

 Бекун гIодоб лъураб лъанищ, Дагъистан.

ЦохIо васазейищ эмен камурав,

Кинабго Дагъистан чIегIербан бугин,

 Цо мачIадиселищ мунан угьдулел,

 РитIухълъи хIажатаз ахIулин дур цIар.

 РагIиги магIнаяв, гIакълу камилав,

 Мун къваригIун вуго къобахъанагIан.

ГIадлуги битIарав ритIухъав инсан,

 Мун хIажалъун вуго хIукму къотIизе.

 ГIарцуца бичулеб чамгIалаб заман,

Загьрулъун сверана дуе, Багъужа,

ТIаса амру бачIун, къотIулеб хIукму,

Дур ритIухъаб судалъ тасдикъ гьабичIо.

 Законазул тIахьал рекIехъе лъалев,

 Лъица мун хисилев Дагъистаналъе.

 Ахирисеб рекIел кIутIи чIезегIан,

 Россиялъе хъулухъ гьабуна дуца.

 ЧIухIигун рехсела мун наслабаца,

 Мисаллъун букIина халкъалъе дур цIар.

 Меседил лъалкI тана дуца ракьалда,

 Кьижа хIасраталда, хIасратав инсан.

 

 

 Н. Нуриев