Райкомалъул секретаразда гьоркьов бищун гIолохъанав вукIана Муса Расулов

 

 

    Гьал къоязда 90 сон тIубала Гумбет районалъе гIемерал соназ нухмалъи гьабурав Муса Расуловас. Гьоболлъухъе щведал, Муса ватана телевизоралъухъ балагьун. Гьобол ячIиналдаса бугеб гьесул рохел бихьидал ракIалде ккана, гьаб хирияб моцIалъ рокъоса вахъунарев чи вохизавуралъухъ диеги кири букIинин абун. Амма дагьайго рекIекълъана гьесул гьаракь рагIидал: хIалихъего кIалъалев вугоан. Гьесул хъизан Маккаца абуна, тохтурзабаз гаргадизе гьукъунцин бугин гьесие абун. Кин бугониги, гара-чIвариялъе бугеб гъираги бихьун, цо чанго суал кьуна дица Мусае.

 

— Гумбет районалъул райкомалъул тIоцевесев секретарьлъун хIалтIулеб заманалда бищунго захIматаб масъала кинаб букIараб?

— Гьеб хъулухъалде дун ккана Дагъистаналъе бищунго захIматаб заманалда – 1970 соналда ракьги багъарун кIиго моцI бараб мехалда. Риххарал минаби – гIадамазул рукъзал, колхозазул бокьал, школал, лъималазул ахал. Хъулухъалде дун толевлъи лъараб мехалда, инкарги гьабун, вихха-хочун, кIиго къоялъ рокъов чIана дун. Амма дун рокъов течIо, вахъине ккана хIалтIизе. Районалъул тIолабго къуват буссинабизе ккана ракь багъариялъул балагьалдаса эркенлъиялде. ЛъикIги квешги ана лъагIел ва хIасилалги квешал ккечIо.

— Дол соназда Игьали тIобитIараб кочIол байрам жеги кIочон гьечIо халкъалда. Щай гьеб гIуцIун букIараб хас гьабун Гумбет районалда?

 

     — Райкомазул секретаразда гьоркьов бищун гьитIинав вукIана дун – 37 сон барав гIолохъанчи. 1966- 1970 соназда хIалтIулев вукIана райкомалъул кIиабилев секретарьлъун. 1972 соналда букIана ДАССР гIуцIаралдаса 50 сон тIубаялъул байрам. Телевизоралдаса кIалъалаго, Расул ХIамзатовас абуна, Гумбеталда тIобитIизе бугила Дагъистаналъул кочIол байрам. Диргун дандбараб жоги букIинчIо. Щибха гьабилеб? КIудияв шагIирасул рагIи ритIухъ гьабизе ккеларищ? ТIаделъана байрамалде хIадурлъи гьабизе. 22 азарго чи гIахьаллъараб кIудияб байрам лъугьана. Цо къоялъ гьабизе ракIалда букIараб гьабизе ккана кIиго къоялъ. Гьеб тIобитIана игьелдерил майданалда. Расулица ахIун, Москваялдаса вачIана 22 шагIиргун хъвадарухъан. Гьенив вукIана республикаялъул культураялъул киналниги хIалтIухъаби, Авар театралъул артистал, магIарул газеталъул редакция.

Москваялдаса гьалбал гIемерлъана долдаса хадур. Бахъана районалъул хIакъалъулъ кино, гьеб бихьизабуна централияб телевидениялдаса. Гьедин машгьурлъана районалъул цIар. Гьеб букIана дие цIакъ захIматаб заман.

КIиабилеб захIмалъи бихьана 1974 соналда – кIиабизеги ракь багъарана гьеб мехалда. МахIачхъалаялдаса рачIана обкомалъул вакилзаби ва щуго росу гочинабизе ккана: ЦIунди, Щабдухъ, Килалъ, ИчичIали ва Сивухъ. Гьеб букIана цIакъ захIматаб иш.

— РакIалдаса унареб лъугьабахъин кканищ мун хъулухъалда вукIаго?

    — МахIачхъалаялдаса, обкомалдаса кIалъан рачIана, Россиялъул Министрзабазул советалъул председатель, Политбюроялъул член Михаил Сергеевич Соломенцев вачIине вугин нужехъеян абун. Бицана гьесул сапаралъул маршрут тасдикъ гьабун бугиланги: МахIачхъала – Буйнакск – Унсоколо – Гумбет (гьаниб – къадеквенгиха), гьенисан Кьохъе – Хунзахъе – Лаваши – МахIачхъала. ХIадурун рукIаян лъазабуна. Гьесда дандчIвазе ана ЧIиркъатIе. Соломенцевасда цадахъ рачIана Дагъистан обкомалъул тIоцевесев секретарь МухIамадсалам ГIумаханов, ДАССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул председатель Шагьрудин Шамхалов, ДАССРалъул хIукуматалъул председатель ГIалипаша Умалатов, КГБялъул нухмалъулев Алексей Бойко ва цогидалги хIакимзаби. ХIинкъун вукIана цощина къаде кваналеб бакIалда тамадалъи дида тIадкъазе гурин абун. ГIурус мацIги лъикIго лъаларелъул, гьадигIан къиматал гьалбал ругеб бакIалда гъалатI борчIизе гурин абун.

    Гьалбадерие хIадурлъи гьабун букIана ЧIиркъатIа заводалда. Жанире лъугьаралго, Соломенцевас абуна: «Товарищ Расулов, ведите компанию», — ян. Пайда щиб, бачине кканаха. ТIоцебесеб лълъар борхулаго, дица абуна, Гумбет районалъ Россиялда тIоцебесеб бакI кколин кIудияб ригьалъул гIадамал гIемерлъиялъул рахъалъ ва гьесие гьарана халатаб гIумру. Лъабго сагIатгун бащдалъ бачана компания. Дагьа-дагьаб жо гьабулаго, кеплъиларищха гьалбалги. Тасдикъ гьабураб маршрутги кIочана. ГIумахановас дида гьикъана: «Муса, кин бугеб ХIариб габурлъи?» — ян. МоцIалъ цеве, январалда, данделъиялде Гумбеталде вачIарав гьесда бихьун букIана гьеб габурлъи. Дицаги жаваб кьуна цIакъ лъикI бугилан. Дида аскIов гIодов чIарав КГБялъул начальникас гъажалда тункана. Дида ракIалде ккана, гьес дун ритIухъ гьавулев вугин, дие хIалае вахъунев вугилан. Довин абуни, вукIун вуго гIаксалда. Хадубккун гьес дида абуна, нагагь сапаралда щибниги ккани, габуралдаса бетIер бортизе бугин дирилан абун. Февраль моцIлъидалха букIараб, ХIарисан сапаралъе хIинкъи камулароан. ПалхIасил, рилълъине руго ХIарисан! Гьединаб хIукмуги гьабуна хIакимзабаз. Дихъе гьоркьоса къотIичIого ахIулеб буго – Хунзахъа, Лавашиса… гьалбал тIоритIанищ, кида тIаде щвелел абун. ТIаде щолеб маркIачIул мехги, хасало заманги, гIаздалъ бахчараб ХIарисан нухги… Рилълъана. Нухлул кIиябго рахъалъ букIана гIаздал «къед». ЦIорораб иццухъе щведал, лъалхъана, дагьамакъаб жо гьабуна. РукIкIана. Нух – цIорол шиша гIадаб. КГБялъул нухмалъулес диде речIчIизарулел ццидалал бералги зама-заманалдасан «Къо-лъикI гьабе дурго партбилетгунан» рехулел рагIабиги. ТIолабго нухда Аллагьасде гьарделев дунгиха. Гьедин щвана Хасавюрталде.

ГIумахановас лъазабуна, Соломенцев нухарегIизе, киналго райкомазул тIоцересел секретарал аэродромалде рачIине кколин абун. Гьенив вукIана дов Бойкоги. Гьес диде ишан гьабуна, аскIове вачIаян. Гьеб мехалда къахIан ккуна дир квер ва абуна: «Муса, молодец. Дагъистаналдаса иналде, кабинеталда гара-чIварулаго, дур хIаракаталъе тIадегIанаб къимат кьуна Соломенцевас», — ан.

— ГIолохъанчи мунги лъугIелго гьечIеб хIалтIиги… Хъизамалъе камулеб букIун батила дур квербакъи, кумек?

— Дир букIана кIудияб хъизам – щуго лъимер. 21 соналъ цадахъаб гIумруги гьабун, къадаралде щвана дир тIоцеесей лъади ПатIимат. Гьелъул букIана 39 сон. ЦIакъай гIадан йикIана гьей. КIиго соналъ костюм хисичIо дица. ГIарза кьун букIана, хIалтIудаса нахъе виччайин абун. Амма виччачIо. Гьедин бана кIиго сон. Нижеда аскIой йикIана якьад. Аллагьас хIал алжаналъуб батаги гьелъул, «дур гурейги хвана лъади, лъималазе гIоло гIумру гьабизе кколаян» абулаан гьелъ дида. КIиго соналдасан ячана дица Макка.

Киданиги берцин вихьичIо дида жиндир лъади еццулев бихьинчи. Аллагьас дун тIамуна дирго лъадуе рецц-бакъ гьабизе. Кинха ецциларей, щуго лъимадуе унго-унгоги эбеллъи гьабун бажарарай, киданиги дие хъачIлъичIей ва гIагарлъиго кIодо гьабулей гIадан? Гьединай йиго дир Макка. Дие ячIине къабул гьаюлеб заманалда Маккада абун буго дир цо лъимер бугин, хадуб – кIиго бугин… Гьейгун дандчIвазе араб мехалда дица хIакъикъат бицана. Аллагьасе рецц, гьей разилъана ва гьелдаса нахъе ниж ратIалъичIо. Киданиги гьумер букIкIинабичIо гьелъ. Киданиги гьаракь борхун кIалъачIо гьей лъималазда. Дир адаб рехулеб цониги жо гьабичIо. Дагь-дагьккун гIуна лъимал. Дун гIажаиблъун вукIана васазул бахIаразе кьезе чемоданалги ясалъе кьезе къайиги гьелъ данде гьабун батараб мехалда – дидацин лъалароан гьеб. Муса Расулов вукIана Гумбет районалъул коммунистазул партиялъул анцIабилев секретарь. Гьесдаса хадувги вукIана 10 секретарь. Амма Мусал заманалда ккана бищунго хIалуцарал лъугьа-бахъинал ва бана районалъул социалиялгун рукIарахъиналъул хъулухъазе 149 мина. Гьес нухмалъи гьабулел соназда, пятилеткабазул планал тIокIлъиялда тIуразариялъухъ, районалъе щвана анлъго хьвадулеб БагIараб байрахъ – лъабго Дагъистаналъул ва лъабго СССРалъул. Районалъул цIар хъван букIана республикаялъул ХIурматалъул хъорщода. Муса Расулов 15 соналъ тIатIалаго вищана Верховный Советалде депутатлъун.

Гьебгощинаб заманалда вукIана Дагъистаналъул обкомалъул членлъунги.

    Мусал буго лъабго орден ва анцIго медаль. Гумбет районалъ щибаб соналда хIукуматалъе кьолаан 800-гIанасеб тонна гьанал, ЧIиркъатIа букIараб консервазул заводалда сезоналда хIадурулаан 10 миллион банка – компоталъул, сокалъул, мурападул. Гьенир хIадурулел нигIматал рикIкIана республикаялдаго бищун лъикIаллъунги. Заводалъе щибаб соналда кьолаан хьвадулеб БагIараб байрахъ – нигIматазул качествоялъухъги гьезул къадаралъухъги. Хьвадулеб БагIараб байрахъ кидаго щолаан районалъул комсомолалъул комитеталъеги «БагIараб октябрь» абураб цIаралда бугеб колхозалъеги.

 Кавсарат СУЛЕЙМАНОВА