Гуниялдаса ИсхIакъил нух

 

Бокьараб росулъ рукIунел ратила, щиб кканиги аскIоре унел, киназго адаб гьабулел гIадамал. Гьединаллъун Казбек районалъул Гуни росулъ ккола НагIатовалги. Гьеб росулъ буго киданиги къунареб ва кидаго росуцоязул хIажалъи тIубалеб «НагIатил иццги». Гьединабго къин гьечIеб бугин абула гьезул тухумалъул росдае ва росуцоязе кумек гьабизе бугеб гъираги. Гьезул вакил, гIемерал соназ росдал колхозалда шоферлъунги хIалтIун, гьабсагIаталда хIалхьиялда вугев НагIатов ИсхIакъилгун буго нижер жакъасеб гара-чIвари.

 

— ИсхIакъ, дур эмен (Ибрагьим) гIумруялъго хIалтIун вуго вехьлъун, вукIун вуго гIиял бригадирлъун. Амма дуца тIаса бищун буго техникаялда хурхараб махщел…

 

— Щивасул буго жинди-жиндир нух, дидаги батана дирабго. Мунагьал чураяв эмен вукIана КIудияб ВатIанияб рагъул гIахьалчи, гьениса вуссаралдаса нахъе гIемерал соназ хIалтIана вехьлъун, гIиял бригадирлъун. Гьев вукIана лъикIав, нухмалъиялъ рикIкIунев хIалтIухъан, къадруялда вугев, лъикIаб цIар нахъе тарав инсан. ГIемерисеб заманалда гьев вукIунаан хъутабаздаги магIардаги гIияда хадув, рокъов вугеб мехго гIемер букIунароан. 7-8 классазда цIалулеб заманалда дица хIукму гьабуна Буйнакск шагьаралда бугеб механизациялъул училищеялде цIализе ине. Гьениб студентазе кьолаан стипендияги, ретIине ретIелги, кваназе квенги, гьединлъидал дица гьеб тIаса бищана. КIиго соналъ гьенивги цIалун дие щвана шофер-механизаторасул аттестат.

 

— ГIемерал соназда хIалтIарав дур цIар ун буго киданиги авария ккечIев шофер хIисабалда. БукIанищ гьедин?

 

— БукIана. Гьебгощинаб заманалда жаниб я цониги нухалъ авария, я цоги гьелда релълъараб лъугьа-бахъин ккечIо.

 

— Дур хIалтIул гIаммаб стаж кколеб буго 44 сон. ЗахIмалъи-бигьалъиялъул, щолеб букIараб мухьалъул хIисаб гьабун, кинаб къимат дуца кьолеб доб заманалъул хIалтIуе?

 

— Гьанже ругезда лъалареб, гьезда бичIчIизе захIматаб хIалалъул хIалтIи букIана доб мехалъ. Цо минуталъ кватIичIого, цо къо гьоркьоб камичIого тIубазе кколаан кинабго. Амма гьеб захIмалъиялда рекъараб букIунароан щолеб мухь, кьураб жоги босун сихIкъотIун рукIунаан хIалтIухъабиги. Къокъго абуни, нижеда бихьараб къоги, нижеца гьабизе ккараб хIалтIиги гьанжесеб гIелалъ баччулеб, хIехьолеб жо гуро. ХIалтIи гIемерго дагьлъун, бигьалъун бугониги, дида рагIаралда ва бицаралда рекъон, гьабсагIаталда хIалтIухъанасе щолеб мухь гIезегIан цIикIкIун буго.

 

— Гьанже гIемерисезда лъазецин лъаларо «трудодень» абураб жо. Доб мехалъ гьездалъун рикIкIунаан гьабураб хIалтIи. Дур пикруялда, битIараб къагIида букIанищ гьеб?

 

— Щибаб заманалда руго жидер гIуцIиялда рекъарал къагIидаби. Цо заманалда, хIакъикъаталдаги, гьабураб хIалтIул даража борцунаан, гьелъие къимат кьолаан щварал «трудоденазда» рекъон. МагIишаталъ (колхозалъ) пачалихъалда цере киналго планалги тIуран нахъе хутIаралдаса дагьа-макъаб жо (гьан, нах, картошка, ролъ ва гь.ц.) щун гурони, гьезда хадуб гьедин гIемер жоги щолароан. Херлъун вукIиналъ мухIканго ракIалда гьечIо кида гьеб ккарабали, амма гьеб къагIида заманалдасан хисана. Дур хIалтIуда рекъон моцIрол ахиралда дуе кьолеб харж гIемерго лъикIаблъун ва битIараблъун бихьула дида.

 

— Гьаб заманалда гIемер рукIуна артистазул, кочIохъабазул батIи-батIиял конкурсал, амма дида рагIичIо дояркабазда, механизаторазда гьоркьор гьел тIоритIулел рукIин. 1962 соналда «За лучшую комсомольскую кукурузу» конкурсалдаги бергьун, дуе щун буго ХIурматияб грамота. 1974 соналда дуе кьун буго «Победитель социалистического соревнования 1974 года» гIаламат. Дур руго жеги шапакъаталги. Гьеб киналдаго хурхун щиб абилеб?

 

— Пачалихъалъул гIуцIи букIана додинаб, гьанжеялдаса тIубанго батIияб, гьеб дуца рикIкIараб кинабго ккола долъие хасиятал гIаламатазул цояб. Кин бицаниги, доб мехалъ цIакъ хIалтIуда тIадчIун рукIунаан, гьелде кьолаан аслияб кIвар. ГIемер гIуцIулел рукIарал гьел «социалистиял къецалги», гьезул хIасилазда рекъон кьолел цIаралги, шапакъаталги рукIана хIалтIи цебетIеялъе, гьелъул цIиял къагIидаби рилълъанхъизариялъе чIезарурал. Масала, дие гьездаса расги пайда букIинчIониги, гьеб кинабго къабул гьабулаан хIалтIулев чи кIодо гьавиялъул магIнаялда. ХIалтIи захIматаб, щолеб мухьги мукъсанаб букIаниги, гIадатияв хIалтIухъанасул къадру-къимат гьабулаан доб мехалъ.

 

— Дур буго 82 сон. Гьеб ригьалъул чи гIемер ругищ росулъ, хъизан-рукъалъул щал ругел, кинал ва сундул пикрабазда унеб заман?

 

— Дица 6-7 сон балелдаго хвана дир эбел (Умайсат), цинги инсуца ячана цоги чIужу (ХIалимат). Гьелъ гьабуна дие эбеллъи, эмен къадаралде щваралдаса (1970 сон), гьей жийго хвезегIан (1992 сон), 22 соналъ, берцинаб хIалалда, дидаго аскIой дицаги хьихьана гьей. Дир руго щугоял – 3 васги 2 ясги, киналго руго жиде-жидер магIишаталда. Цо васги ясги руго росулъ. Дидаса дагьаб цIикIкIараб ригьалъул чи росулъ ватила 5-6. Гьанже гIемерисел пикраби руссунел руго доб дунялалдехун, как-диналда тIад инабула заман.

 

— Дуе бугеб пенсиялдаса рази вугищ мун?

 

— Дие щола 30 азарго гъурущ, амма дир документазда рекъон дагьаб цIикIкIун букIине кколаан. Дун рази вугин яги гьечIин абун тIаде бачIунеб жоги гьеб гурелъул, кьураб жоги босун, щукруги гьабун чIеялдаса лъикIаб жо гьечIо.

 

— Росуцояз абухъе, мун кидаго вукIун вуго жигарав жамагIатчи, кумекалъе хIадурав хIаракатчи…

 

— Гьединги букIана, гьединал рукIун ратила цогидалги. Гьаб буго заманалъул рукъ, нилъги кидаго гьанир рукIинесел гIадамал гуро, ругебгIан заманалда хIажатасе кумек гьаби буго тIадаб налъи. Дица киданиги течIо кумек къваригIун аскIове вачIарасе бажарараб гьабичIого, гьанжеги гьабула.

 

— Нужер росулъ буго «НагIатил ицц»…

 

— Дир минаялъул кIалтIа бугеб гьеб ицц бахъун буго дир инсул эмен НагIатица. Халатккун цIадал рачIеб, ракъдаллъи ккараб заманалда дагьаб тIеренлъун гурони, дида лъан гьеб ицц киданиги къинчIо.

 

— «ХIакъикъат» газеталъул рахъалъ щиб абилеб, щолищ духъе гьеб, цIалулищ?

 

— Кидаго хъвала, цIалула. КIодолъун вугелъул, тIолабго цIалун бажаричIониги, балагьула, дагь-дагьабниги цIаличIого толаро. Дир хIисабалда, магIарул газета хъвазеги цIализеги ккола киналго магIарулаз, гьедин бугони, пайда гурого, кинабгIаги зарал букIине гьечIо.

ГIабаш ГIабашилов