Цевехъан

БАЯН:
   2 апрелалда 140 сон тIубала МахIач ДахIадаев гьавуралдаса.

   Гьес дунялалда бана 36 сон. Вукъун вуго Буйнакскиялда. МахIачил вукIана цохIо вас, ГIадилгерей абун.

МахIач ДахIадаев кколаан имам Шамилил вас МухIамадшапигIил дурц.

МахIачил хIакъалъулъ ГIабдулатIип ХIажиевас биччараб тIехьалда гьадин хъвалеб буго:

«МухIамадгIали (МахIач) ДахIадаев гьавуна 1882 соналъул 2 апрелалда Авар округалъул Унсоколо росулъ ресалда вугев маххул къебед Давудов ДахIадалги ХIасанхIажиеваДавудова ХIуриялги хъизаналда.

    Росдал лъималго гIадин, МахIачицаги цин гIараб цIали гьабуна мажгиталда цебе рагьараб мадрасаялда. ГьитIинго эменги камун, эбелги росасе ун, гIагарлъиялъ хьихьун гIолев вукIана гьев. Гьедин эбел-инсул рокьиги лъачIого, жиндиего чед-хинкI щвезелъун гIетI тIун хIалтIизе кколеб хIалалда рехун тун вугин МахIачилан гIадамазул гIайиб-гъвелалги щун, эбелалъги ЧIиркъатIаса бесдал эмен МухIамад-Султаницаги МахIач Хунзахъ гIурус (байбихьул) школалда цIализе лъола.

Авар округалъул начальник лъикI лъалев вукIуна бесдал инсуда. Гьес кумек гьабула МахIач цIализе лъезе.

    Хунзахъ гIурус школалъул директорасул малъа-хъваялда рекъон, гьелдаса хадув МахIач лъугьуна Темир-хан-Шураялда букIараб реалияб училищеялде. Гьенир рукIана гиназазулги, бегзабазулги, дармихъ- абазулги, офицерзабазулги, хIакимзабазулги лъимал. Эбел-инсул буголъиялдаса ракIги чIухIун, гIадатиял хъизаназдаса лъималазда жидерго бечелъиги пахрулъиги бихьизабулел рукIунаан гьел. Бесдалавги гьелгIан рес бугевги вукIинчIолъиялъ МахIачидехун гьез лъикIаб бербалагьи бихьизабулароан. Гьебги бичIчIун, гьес хIаракат бахъана училище тIадегIанал къиматазда лъугIизабизе.

      Гьеле гьеб реалияб училищеялдаса байбихьанин абизе бегьула тIекълъиялда дандечIун, ресукъазул ихтиярал цIуниялда хурхун МахIачил къеркьей. Амма тIолабго халкъалда бан гьединаб хIаракатчилъи бихьизабизе ккани, цин лъай камил гьабизе ва бажари цIубазе кколеблъи бичIчIана гьесда. Гьединлъидал 18 сон барав МахIач 1900 соналда Петербургалде уна Александр ТIоцевесесул цIаралда бугеб маххул нухазул инженеразул институталда цIализе. Гьединаб бакIалде цIализе иналдасан бихьулеб буго МахIач бергьун кIудияб лъаялъул чи вукIараблъи.

Амма институталда цIаларалъухъ гIарац кьезе кколаан. Рокъосан гьелъие ресги букIинчIого, МахIачица гьеб кьолаан гиназ Хъазаналиповас чIезабураб стипендиялдаса, хадуб – Кавказалъул цIалул округалъ кьураб гIарцудаса.

      Петербургалда МахIачил лъай-хъвай ккана М.-М. Хизроевасулгун, С. Марковасулгун, И. Котровасулгун, М. ТIалхIатилгун, Р. Каплановасулгун. Гьелги дораго цIалулел рукIана. Лъабго соналда жаниб гьесда гIурус мацI тIокIкIун лъана, бажарулеб букIана эркенго сочинениял хъвазеги. Гьес гIемер цIалулаан политикияб литератураги.

   МахIач гIахьаллъулаан доб заманалда Петербургалда студентаз гьарулел рукIарал дандечIеязулъ. Гьесие кIудияб асар гьабуна 1901 соналда Обуховалъул рагъулаб заводалъул хIалтIухъабаз 1 маялда гьабураб дандечIеялъ».

 

 

МахIачил бесдал эмен, ЧIиркъатIаса МухIамад-Султан-хIажи вукIун вуго доб заманалда бечедавин рикIкIунев чи. Гьесул квербакъиялдалъун цIалана МахIач Хунзахъ. Темир-хан-Шурагун Петербургалда цIализе абуни МахIачие кумек щвана гиназ Хъазаналиповасдаса.

 

Туапсеялда

   «Инженер ДахIадаевин» абулаан гьесда Петербургалда маххул нуха- зул институт лъугIизабиялъ. Туапсеялда гьабсагIатги хIалтIулеб буго гьанжего-гьанже инженерасул ди- пломги щун, доб мехалда МахIачица гьениб бараб порт. Рес къотIиялда рукIарал дагъистаниязул 1500 чи ва- чун вуго гьес гьениве хIалтIизе.

МахIачил хIурматалда рагьараб музейги, гьесул цIар кьураб къватIги буго Туапсеялда.

 

 

Хунжрузул завод

   Революциялъул ишазе гуревги, цогидаб хIалтIи гIуцIиялъеги лъикIав вукIун вуго МахIач. Масала, 1916 соналда Темир-хан-Шураб хунжрул гьарулеб завод рагьун буго гьес. Гьеб тасдикъ гьабулеб буго гьадинаб документалъ:

№ 125. Донесение жандармского унтерофицера об открытии в ТемирХан-Шуре мастерских по изготовлению кинжалов172 12 февраля 1916 г.

С разрешения правительства в г. Темир-Хан-Шуре в доме купца Мавраева с 1-го февраля с.г. открываются мастерские-кузницы в не-сколько горнов для изготовления и выделки полмиллиона азиатских кинжалов для вооружения кавказской действующей армии. Все заказы взял на себя инженер ДахIадаев совместно с купцом Мавраевым. Мастера и рабочие туземцы, лезгины и мусульмане. За всеми работами следит и руководит сам инженер ДахIадаев.

Мастеров принято пока немного и мастерские не окончены. Об изложенном доношу вашему высокоблагородию.

Унтер-офицер Григорий Коротаев.

 

    Северияб Кавказалда советияб власть бергьиналъе гIоло къеркьолев вукIарав СагIид Габиевас гьелъул хIакъалъулъ гьадин хъвалеб буго:

«Хас гьабун Дагъистан областалъул бакьулъ – рагъулав губернаторасул хъалаялда ракьцоязе хIалтIизе бакIал гIуцIи кколаан студентлъун вугеб мехалдаго МахIачил букIараб анищ. Рагъул заманалда гьес гьеб хунжрузул завод рагьун букIинчIебани, 1917-1918 соназда революциялда дандечIарал батIи-батIиял къува- тазда данде къеркьезеги бажару- леб, зарудегун яргъиде ккезегIанги (жидерабго билълъинабун) киналго съездазда, конференциязда гIахьаллъулеб додинаб захIматхалкъ Шура букIунароан».

Хунжрул гьарулеб заводалъул тарих тIубан жеги лъазабун бахъун гьечIин хъвалеб буго цойги документалдаги:

«Темир-Хан-Шураялда цохIо хун- жрузул завод кколаан батIи-батIиял миллатаздаса хIалтIухъаби жанир рукIараб предприятие. МахIач ДахIадаевасул нухмалъиялда гъоркь заводалда гIуцIун букIана миллияб багъа-бачариги Россиялъул пролетариатги цолъиялъе квербакъараб цолъи – «Союз рабочих и земледельцев»

1918 соналда Дагъистаналда советияб власть бергьиндал, гьеб заводалъул аслиял захIматчагIи БагIараб Армиялдеги лъугьун, МахIач ДахIадаевасул нухмалъиялда гъоркь тушманасда данде рагъулел рукIана. Гьадинаб хIужаги рехселин – дагъистанияз революциялъе гIоло гьабулеб къеркьеялда гьоркьоса ДахIадаев нахъе инавиялъул мурадалда гьесул тушбабаз хунжрул гьарулеб заводалъул хIалтIи гьесда бадибчIвалеб (данде хIалтIизабулеб) букIана 1917 соналда.

Гьелда бан МахIач ДахIадаевас хъвалеб бугоан гьедин абулел чагIи цере жалго рукIанин лъикIаб гуреб гIумруялда, Дагъистаналъул халкъалдаги гьел хъамалчагIи хIисабалда лъалилан («с темным прошлым, достаточно известные дагестанскому народу как грабители…»). (См. ЦИВИА. Ф 2170. On. 1. Д. 208. Л. 27.).

 

 

Имам Шамилилгун гIагарлъи

     1907 соналда имам Шамилил вас, Россиялъул генерал МухIамадшапигIил кIудияй яс ПатIимат-Загьра ячуна МахIачица. Петербургалда цIалулеб мехалда, ракьцояв хIисабалда лъай-хъвайги ккун, гьезухъе гьоболлъухъ щолев вукIуна гьев. ПатIимат-Загьраги йикIуна къватIисел улкабазул чанго батIияб мацIги лъалей, цеетIурай яс.

ПатIимат-Загьраца ГIадилгерей абурав вас гьавун хадуй гьей унтула. Цинги гIагарлъиялъул изнуялдалъун жеги гьелъулго гьитIинай яц Написатги ячуна хадуй МахIачица.

1916 соналда Написатгун цадахъ гьев гочуна Темир-хан-Шураялде. Тарихчи Булач ХIажиевас хъвалеб бугоан МахIач ДахIадаевас гьениб босанила Дагъистаналъул полкалъул офицер Мальсаговасул букIараб мина; цIакъ баркат бахъараб минаги букIун бугила гьеб – офицерасул ясалъ жийго жинцаго жаний чIвараб; къокъабго заманалдасан МахIачил жиндирго магIирукъги лъезе кканила гьениб.

Кисловодскиялде хIухьбахъизе арав МахIачил вакьад МухIамадшапигI хола 45 сон бараб мехалда. Хадувги ун, МахIачица Кисловодскиялда аскIоб бугеб росулъ вукъула гьев.

Гьелдаса хадуй МахIачил якьад Ленинградалде гочуна. Татарай кколаан гьей.

1918 соналда МахIач чIван хадуб Написатги гочуна гьаниса Ленинградалде. Гьеб мехалдехун цойги чиясе росасеги ун йикIуна гьей. Цинги Ленинградалъул блокадаялда хола.

 

 

МахIачил цIарал

   Порт-Петровскиялда МахIачил хъалаян цIар лъезе хIукму гьабула 1921 соналъул 14 маялда.

1930 соналъул 19 апрелалда даргиязул Ураринский районалдаги лъуна ДахIадаевасул цIар.

1944-1957 соназда Чачаналда Даттах ва Ца-Ведено росабаздаги лъуна ДахIадаево, Махачаул абун цIарал. Гьеб мехалда чачаналги Гьоркьохъеб Азиялде гочинарун, гьенир гIумру гьабулел рукIана магIарулал.

 

ГIумруги хвелги

       Сунда квер баниги, хIалтIи гьабун хIалтIи релълъунев, ккезесеб жо цебеккунго лъалев чи вукIун вуго МахIач. Дагъистаналда тIоцебе армияги гьес гIуцIана. Гъов кколаан Дагъистаналъул рагъулав комиссар.

Гьанжесеб «ХIакъикъат» газеталъе байбихьиги МахIачицагун гьесул лъади Написатица лъуна, «Заман» газетаги биччазе байбихьун.

  Халкъ хадуб цIазеги кутакаб махщел букIун буго гьесул. Темир-хан-Шураялда митингазда МахIачица гьарулел кIалъаял рагIарал чагIи ХIоцоса Нажмудинил рахъалдаса гьесул рахъалде рачIунел рукIун руго.

  Бичераховасул чагIазул рахIатхвезабизе лъугьун буго гьеб хIужаялъ, гьединлъидал хIукму гьабун буго МахIач чIвазе. Революциялъе цIиял къуватал ралагьизе магIарухъе унев вукIарав гьев чIвана Жунгуталде щведал.

  Амма бицуна МахIачил рахъккурал чагIаз туснахъалъуб рецIел босун бугин гьел чIвадарухъабаздасаян.

   МахIач чIван хадуб гьабураб кIалъаялда СагIид Габиевас абулеб буго гIумруги хвелги кинаб букIине кколебани халкъалда бихьизабунин гьесилан. 36 сон гурони бачIо гьес дунялалда.

   ХIадур гьабуна З. ХIАЖИЕВАЛЪ. МахIач ДахIадаевасда хурхарал сураталги документалги ритIун рачIана Дагъистаналъул Миллияб Музеялъ ва ДахIадаевасул цIаралда бугеб республикаялъул фондалъ.