«Баркала, мугIалим, дур лъикIлъиялъухъ»

 

  12 марталда абадияб рокъове ана хIаракаталъул цIураб ракIалъул, гIужилаб пикруялъул ва бергьараб пагьмуялъул инсан Гьонодаса МуртазагIалил вас Каримуллагь-хIажи. МагIарулазда рагIичIев, лъаларев чи вукIинчIо гьев. ГIемерал соназ Гъуниб районалъул имамлъунги хIалтIарав, тIарикъаталъул устарзабазул, гIалимзабазул, шайихзабазул, магIарулазул тарих чIаго гьабурал гIадамазул гIумрудул хIакъалъулъ кIвахI гьечIого гIемерал тIахьал хъварав, бергьараб хIаракаталъул инсан вукIана Каримуллагь-хIажи.

     Каримуллагьил гIага-божаразда зигараги балаго редакциялъ хIукму гьабуна гьесул гIумруялъул хIакъалъулъ ракIалдещвей кьезе. Гьеб кьезе мустахIикъав инсанги вукIана Каримуллагь-хIажи. ГIемерал соназ щулияб бухьен букIана гьесул «ХIакъикъат» газеталъулгун. ГIемер хъвадарулаан гьев цогидал басмабаздеги.

   Каримуллагь-хIажи гьавуна 1937 соналда Гьонода росулъ. Бигьаяб букIинчIо лъимерлъи. ЛъагIел барав чи гьев вукIаго, хвана эбел Шагьрузат. ГIемер заман балелдего хвана эменги. Каримуллагьицаги гьесдаса ункъо соналъ кIудияй яц ПатIиматицаги баччизе ккана бесдаллъиялъул кьогIлъи. Бигьаяб букIинч1о балугълъиги. Амма гIумруялда жиндирго бакI батизе кIвана гьесда.

ЗахIматалъул нух тIаса бищана учительлъун хIалтIиялдаса. ХIалтIана Гьонода, Къорода росабазул школазда. 80-абилел соназда вукIана районалъул «ЦIияб Канлъи» газеталъул редакторасул заместительлъун.

    Дида лъалеб мехалда Каримуллагь-хIажи ватана Гъуниб районалъул имамлъун. ГIемерал соназ гьабуна гьес гьеб хIалтIи. Дун лъугьинаро районалъул имамлъун хIалтIулеб заманалда гьес гьабураб хIалтIулги, нахъа тараб нухлулги хIакъалъулъ бицине. Гьелъие къимат кьела заманаялъ, гIадамаз, гьесул хIалтIи бихьараз, лъалез ва гьелъул магIна бичIчIулез.

Гьеб киналдаго гьоркьов газеталде хъвадарулев, исламалъул церехъабазул хIакъалъулъ тIахьал хъвалев, гьел печаталде рахъулев, кIвахI гьечIого хIалтIулев инсан вукIана гьев.

1960-абилел соназ КаримуллагьхIажи хIалтIана Гьонода росулъ мугIалимлъун. Гьес дарс кьурал чагIазул цояв ккола магIарулазул машгьурав шагIир, Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул нухмалъулев МухIамад АхIмадовги.

    Росуцоязул цIаралдасан жиндирго мугIалимасул хIакъалъулъ гьадин бицана гьес:

— Дагь-дагьккун унел руго дир мугIалимзаби. Гьез цохIо лъай гуребги, лъаялда цадахъ дир рекIелъ лъуна гIагараб ватIаналде рокьиги, рахьдал мацIалъул хинлъиги, куцана унго-унгояв магIаруласул тIабигIатгIамалги. Дие кидаго хириял рукIана дирго мугIалимзаби.

Гьезда гьоркьоб хасаб бакI ккола Каримуллагь-хIажицаги. Гьес кьуна дие гIурус мацIалъул ва адабияталъул дарсал. Школалда гьес кьолаан музыкаялъул, суратал рахъиялъул дарсалги. Кутакалда берцинаб хатIги букIана гьесул. Дол соназда гьеб цIакъ кIвар бугеб жоги букIана. Школалъул къадал газета биччалелъул, батIи-батIиял лозунгал, хитIабал хъваялъул кинабго хIалтIи жиндаго тIаде босун букIана гьес.

   Гьединго доб зманалда гIемерал тIоритIулаан районалъул росабазда, школазда гьоркьор батIи-батIиял къецал. Гьениб Гьонода росдаца кIиабилеб бакIалдаса гъоркьехун тун батIияб бакI кколароан. Щайин абуни, гьонодисел кидаго рукIана ракI гIатIидал, аваданал, ихтилаткеп хириял чагIи. Гьел къецазде чагIи хIадуриялда гьоркьобги кIудияб бутIа лъолаан КаримуллагьхIажица. Дол соназда гьезул хъизамго букIана гьединаб, творческияб рахъалъ цIакъ цебетIураб. Каримуллагьил хIаракаталдалъун, жидерго хъизамалъул ансамбльги гIуцIун букIана гьез. Дол соназда гьеб цебе бахъунаан республикаялъул батIибатIиял дандеруссиназда, бихьизабун букIана телевизоралдасанги.

Каримуллагьицаги хъизан ХIулайматицаги тарбия кьун гIезаруна анкьго лъимер – щуго ясги кIиго васги. КIудияв вас МухIамад хIалтIана улкаялъул хIинкъи гьечIолъиялъул (ФСБ) хъулухъалда, гьабсагIат мустахIикъаб хIалхьиялда вуго. КIиабилев вас Муртуз (МуртазагIали) вуго – вутакалда кIалъазе махщел бугев, бокьараб тадбиралъе цебехъанлъи гьабизе бажарулев, гIолилазе насихIат гьабизеги гьунар бугев инсан. Гьонодисезул бокьараб берталъе дун кканиги, гьенив тамадалъун ватула дида Муртуз, ва гьеб уна берцинго, аваданго. Дихъеги гIемерав вачIуна, кидаго щулияб бухьен букIуна. Гьесулъ бессун буго инсул букIараб тIабигIат.

     Каримуллагь-хIажица тIубазабуна партиялъ тIадкъараб хъулухъги. Гьев вукIана районалъул комсомолазул секретарь. Жакъа чиясде гIайиб гьабизе бигьаго букIуна, диналде данде чIараб хIалтIи гьабунин гаргадулел камуларо. Амма кIудияб улкаялъул сиясаталде данде рахъун, гьитIинаб росулъ гIумру гьабун ругел гIадамазул къуват гIоларо. Каримуллагьица гьабуна гьеб хIалтIи, амма дида жакъа ракIчIун абизе кIола гьесул рекIелъ кидаго вукIанин Аллагьин абун. Гьеб нилъеда бихьана 90-абилел соназда районалъул имамасул хъулухъ тIубазе гьес байбихьарабго. Гъунисел диналъе дагьал кIвахIалал чагIи рукIана. Каримуллагьихъа бажарана районалъул гIадамал цолъун, гъункун диналде, Аллагьасе гьабулеб гIибадаталде руссинаризе. Гьесул хIаракаталдалъун Гъуниб бана мажгит, районалъул росабалъ лъималазда малъизе байбихьана Къуръан. Гъуниб районалъул бокьараб росулъ кинаб бугониги диналда хурхараб тадбир тIобитIулеб батани, гьенив кидаго Каримуллагь-хIажи ватулаан тадбиралъе нухмалъи гьабулев, гIолохъабазе насихIат цIалулев, гIадамал сверухъ ракIарулев. Гьединаб гьунар кьун букIана гьесие Аллагьас. Каримуллагьица гьабураб хIалтIулги, нахъе тараб ирсалъулги гIемераб жо абизе бегьула. Гьелъие мустахIикъавги вукIана гьев. Амма дие гьаб ракIалдещвеялъул ахиралда абизе бокьун буго, Каримуллагь дир рекIелъ хутIанин абадияв мугIалимлъун. Жакъа гьев ракьалдаса аниги, чан сон дица жеги дунялалда баниги, дие гьев хутIизе вуго мугIалимлъун. Аллагьас ахираталъул рукъалдаса вохизавун ватаги.

Каримуллагь-хIажи хванин рагIидал, зигара бараб гьадинаб кагъат битIун бачIана редакциялде, чанго соналъ «Ас-салам» газеталда гьевгун цадахъ хIалтIарав Шамил МухIидиновасги:

      — Дагъистаниязул, хасго магIарулазул ракIал пашман гьаруна, нилъедаса машгьурав журналист, хъвадарухъан, шагIир ва насихIатчи, Гьонодаса Каримуллагь-хIажи ватIалъиялъул хабаралъ.

Инна лиллагь ва инна илайгьи раджигIуун, фа-л-хIукму лиллагьил-гIалиййи-л-кабир. Аллагьумма-гъфирлагьу, вархIамгьу! Аллагьас битIараб нухда тIовитIун ватаги!

Мунагьал чураяв Каримуллагь-хIажи вукIана гьунар бугев, исламияб иш цебе бачине къеркьолев чи гуревги, лъикIав ИНСАН, иман щулияв муъминчи, адабалъе, инсанасе пайдаялъе вахъун чIарав, божарав гьудул, ракI гIатIидав гьобол. Аллагьас мунагьалги чурун, Алжаналда, жинца жидер хIакъалъулъ тIахьал хъварал исламиял церехъабазда, вализабазда ва устарзабазда цадахъ вахъинавеги.

Дирго ва дирщиназул рахъалдасан гъваридаб пашманлъиялъул зигара балеб буго гьесул хъизан ХIулайматида, вас МуртазагIалида, яс ПатIиматида, тIолалго гIа-гаразда, божаразда, гьев лъалев вукIаралщиназда, гьесул рикIкIен гIемерал гьудулзабазда, гьалбадерида. Гьесул гIакъилаб каламги, кепаб накъитги, нахъаса къотIи гьечIеб насихIатги камун хутIаразда.

Иншааллагь, гьес хъван нахъе тарал рикIкIен гIемерал тIахьаз, магIна камилал макъалабаз, гьеб ками дагьаб бигьа гьабила. Нахъеги Аллагьасда гьарула, Каримуллагь-хIажие лъикIаб ахират ва нахъе хутIаразе сабру!

 

Ашахан ЮСУПОВ