ХIамзат ГъазимухIамадов: «Дица лъугIизабураб бищун кIудияб академия ккола инсухъа росарал дарсал»

 

 

     Дунялалда тIад цохIо Унсоколо гурони гьечIеб махщалие ГъазимухIамадица ХIамзат ругьун гьавуна васас ичIго сон баралдаса нахъе. Цинги 17 сон байдал гьес гьев тIамуна жиндиего экзамен кьезеги. Гьелъие гIоло ХIамзатица жинцаго гьабуна гIанса, хадуб гьелда тIад рекьана мельхиоралъул накъищал. Васасул махщалида ракI рекъараблъи инсуца загьир гьабуна каранда хасаб гIаламат баялдалъун. Гьеб букIана лълъарал кесекалда тIад ишанги кьабун гьабураб значок. 

    ДГУялда цIали лъугIун хадув ХIамзат ГъазимухIамадов цин райкомалда хIалтIана. Гьенисан гьев ана Унсоколо художествоялъулаб фабрикаялде гьелъул директорлъун. Банкротлъиялде ккараб гьеб тIубанго къан хутIиялдаса хвасар гьабизе байбихьидал, хIалтIухъабазул цIаралдасан Москваялде Горбачевасухъе анонимкагицин хъван батана ХIамзат ГъазимухIамадов партиялъул функционер вугилан.

    Гьедин жакъа къоялде ХIамзат вахана Россиялъул халкъияв художник абураб даражаялде. Амма цIалун гьесие щвараб лъай филологияб буго (ДГУ). Хадувго вахъана философиял гIелмабазул кандидатлъунги, Россиялъул экологиялъул академиялъул член-корреспондентлъунги (улкаялъул вузазе экологияб культураялъул рахъалъ пособиегицин хъвана гьес).

   ГIезегIан соназ ХIамзат ГъазимухIамадов хIалтIана туризмалъулгун халкъиял махщелазул министерствоялдаги. Гьев ккола МахIач ДахIадаевасул цIаралда бугеб фондалъул президентги, жеги рикIкIен гIемерал ишазул нухмалъулевги. 

   Гьеб киналдаго тIасан ХIамзатица нижее бицана гьадинаб хабар:

 

 

Америкаялде нух

   Нижер тухумалъул чагIи яргъил устарзаби рукIун руго. Надир-шагьасда данде рахъарал гIадамазе хвалчабигун хунжрул гьез гьарунилан бицуна. Амма гьаб цIулада ишан кьабиялде кин гьел машгъуллъаралали лъалароха.  

  Дир кIудияв эмен МухIамадгIалиги, гьесул бесдал вацги, цойги гIагарав чи — Унсоколоса МухIамад Мусаевгун цадахъ унел рукIун руго Америкаялде. Цо нухалъ гьениса тIадруссун рачIунаго, Англиялде ккун руго гьел. Гьеб мехалда нух бихьизабуралъухъ кодоб букIараб къайиги цо лордасе кьун, Санкт-Петербургалде рачIун руго. Амма гьенирги туснахъалда лъун руго гьел, кодоса ярагъги бахъун. Доб мехалда гьенив цIалулев вукIарав МахIач ДахIададаевас полициялде гIарзаги хъван, къватIире риччазарун, хIалалъ гIебеде рачIун руго нижер кIудияв эменги жеги кIигоявги.

   Гьедин кутакалда божилъи лъугьун букIун буго нижер чагIаздаги МахIач ДахIадаевасдаги гьоркьоб. ГIагарлъиялъухъцин течIого, жиндирго вас ГIадилгерейги Буйнакскиялда ругел нижер чагIазухъе кьун вукIун вуго хьихьизе. Жиндие щибниги ккани, гьесул миллат гьабеян тIадкъанги букIун буго гьезда.    

  ПалхIасил, нижер кIудияв инсудасаги цере Америкаялде арал ансалги рукIун руго.  

  ТIоцеве гьезие Америкаялде нух рагьарав чи Унсоколоса Юсупов МухIамад вугин абулаха. Чавчавадзел адъютантлъунги вукIун вуго гьев.

   Жеги самолёталцин гьечIеб заманалда, океан къотIун кингIаги гьел унел рукIаралалиха. Амма цоцIул ингун, лъикIаб даран ккун, гьелъ ракI бан буго гьезул хаду-хадурги Америкаялде ине. ХIадурараб къайи гуребги, добаго гьеб гьабизе цадахъ къайиги унаанила гьез. Америкаялъулазе рокьулел рукIун руго гIунсби, трубкаби (хъалиян жаниб лъолеб). Кавказалъулгун гIурусазул рагъул заманалда бищунго махщалида трубкаби – мундштукал — гьарулел чагIилъун ансадерил устарзаби рикIкIунел рукIун руго Кавказалда. Гьез гьел гьарулаан чIегIераб зазил кьибилалъул (гьелъул биццалъиги чорхое зарал гьечIолъиги хIисабалдеги босун). «Держи дерево» ян абула гьелда гIурусалъ. Гьанжени берцинлъиялъе киб бугониги лъезе, яги сайгъат гьабизе гьеб куракул цIулалги гьабула.

  ТIоцере росулъе Америкаялдаса дараби росун вачIарав чи нижер кIудияв эмен вукIун вуго. Щиб унтун аскIоре рачIаниги, росуцоязе рикьулаанила гьес гьел. Дараби жанир цIунулел рукIараб берцинаб цIулал гъутухъ хадуб дир инсуе щвана.

   Америкаялдаса рачIарал кIигониги кIулал рукIана нижер нуцIида ран. Гилавкул кIулалин абулаан гьезда (гилавка – цо кило). Гьединго дораса рачIун рукIана инструментал, гIащтIи, гъецI. Гьанже нахъалъагIанги цIунун рукIана гьел.

   Гуржиялъе ярмаркаялдеги гIемер хьвадулев вукIун вуго кIудияв эмен.

   Ахирисеб нухалда гьедин сапаралдаса тIадруссун рачIунелъул, кIудияв эменги гьесул вацги Буйнакскиялда гьоболасухъ чIола сордо базе. ЦIадул унтуца унтун ватула гьев. Цинги гьесдасан гьебги бахун, кIиялго хола.

   Гьедин — 12 сон барав чи — бесдалъула дир эмен.

   КIудияв инсуда цадахъ Америкаялде унев бесдал вацасда цIар ХIожол МахIамадилан абулеб букIун буго. Ингилис мацIги лъалаанила гьесда. Америкаялда анлъго моцIниги бан буго гьез. Гьенире гурелги Франциялдеги, югалъулаб Африкаялдеги, цогидал бакIаздеги щолел рукIун руго гьел. 

 

Крокодилги унсоколосевги

   Мастерскаялгун тукабиги рагьун Америкаялда ансадерил букIараб гIумруялъул  хIакъалъулъ Дмитрий Труновас хъвалеб буго «Дагестанские умельцы» абураб тIехьалда.

   Хъалиян цIалеб букIинчIониги, ансадерил устарзаби гIадамал гIемерал бакIазде унел рукIун руго тIад ретIун чергес-чухъабигун, кIалдир ккун муншдукалгун. Жидерго къайиялъе реклама гьабизеха. Гьедин цо нухалда паркалда тира-сверулев вукIарав цо устарасухъа мундштук хапун ун буго хIориниб лъедолеб букIараб крокодилалъ. Релъанхъизе лъугьун руго америкаялъулалги. Гьеб мехалда цо параялда жанив кIанцIун гьелда хадувгун, крокодил рекIеда батилалде бахъун гьелъул кIалдиса мундштукгун, унсоколосев хIориниса къватIиве кIанцIун вачIун вуго. ГьакIкIан хутIун америкаялъулалги рукIун руго. Труновас хъвалеб буго гьедин.

   Нижер кIудияв инсуда цадахъ вукIарав цояв – ХIамзат абурав чи – Америкаялдаго чIун вуго чIужуги ячун. Рокъоре тIаруссунелъул, дир кIудияв инсухъ жиндирго эбелалъе долларазул пачка битIун буго гьес. Гьелъ гьел гIемер мехалъ цIунунги рукIун руго. Амма нахъа цояз гьелда малъун бугоан долларазда цIа лъикI рекIунин, гьел цIадар лъезе кколилан. Гьединищали лъаларо, амма кир ралагьаниги, гIагарлъиялда ратун гьечIоан гьел.

 

Эмен

   Сталинил заманалдаго курортал ругел шагьаразда рагьулел рукIун руго халкъияб махщалил артелал. Гьедин КIудияб ВатIанияб рагъ байбихьилалда цересел соназда дир эмен вукIана Кисловодскиялда рагьараб артелалъул филиалалъул заведующийлъун.  Цинги гьенисанго рагъдеги ун вуго жиндиего бокьун (лъеберилъе санал рахарав чи – авт.). ГIорхъаби цIунулезул ротаялъул замполитлъун вукIун вуго гьев.

   Дир эмен ккола Буйнакскиялда букIараб кооператив тIоцере лъугIарал гIолохъабазул цояв. Колхозазе бухгалтерал хIадурулел рукIун руго гьенир.

  Цин ревизорлъунги хIалтIун, хадув витIун вуго гьев Кисловодскиялде гьеб филиалалъул заведующийлъун. Буйнакскиялде цIализе инегIан, живгоги гьенив хIалтIулев вукIаравха эмен. КIи-кIи, лъаб-лъаб моцIица иргадал ритIулаанила Кисловодскиялде ансадерил устарзаби. Гьедин гIагарал чагIаз цадахъ вачунев вукIун вуго гьитIинаб мехалда дир эмен.

    Курорталда хIухьбахъулел чагIазе цIакъ асар гьабулеб букIун буго ансадерил тIагIалабаз. ТIубанго росичIониги, прокаталъегIаги росулел рукIун руго гьез гьел. Масала, доб мехалда букIун буго гIунсби кодор кколеб мода.  

   Рагъдаса хадув эмен хIалтIана социалияб рахъалъ халкъ хьезабиялъул идараялда. Рагъда чIваралниги, араб бакI лъачIого тIагIаралниги киналго гIадамазул хъизаназе (районалда) гьес чIезабуна пенсия. Гьанжегицин лъаларо цо-цо чагIазда гъоб заманалда гъос гIадин тIадкIалъазе бажарулареб куцалда, гъалатIал гьечIого гIарзаби хъвазе. Нижер чагIаз абулаан гIарза хъвазе къваригIани, ГъазимухIамадида аскIоре айин, гIарза къабуллъулев чи дов вугилан.

   ХIажатаб документалда хадув бокьараб архивалдеги ваккулаан гьев. Гьединго гIезегIан гIадамаз абуна дида нужер инсуца Къуръан малъарал чагIи ругила жал. 

Пенсиялде ине щуго сон хутIидал, эмен нахъе ана ансадерил тIагIалабазул фабрикаялъул нухмалъиялдаса. Цо чияс абун буго дуца фабрика гIодоб ккезабулеб бугилан, гьедин батани, дуца бахъинабеха янги абун рокъове вачIана гьев. Щуго соналда жаниб инсуца фабрикаялда гьабураб хIалтIул бицун хIалкIоларо.

   Нижер киналго вацалги хIалтIана гьенир.

   ЦIализе ритIулеб мехалда гIагарал чагIи чIана цIали къваригIинарила гьал лъималазе,  фабрикаялда хIалтIизе тIамейила гьел. БитIараб бицани, гьениб нижее кутакалда лъикIаб гIарацги щолаан. Амма инсуца гьесие жаваб кьуна лъай гьечIев чиясул лъавукълъи букIунила гъобаги. Гьес абулаан лъабго жо тIубазе кколила чияс дунялалъул рокъоб — лъайги, динги, махщелги.  

   Ахирал къоял тIаде щвезегIан, I2 соналъ, райкиносеталъул бетIерав бухгалтерлъун хIалтIана эмен. ЛъикIав специалист вукIиналъ, «ГъазимухIамад, рокъов гIодов вукIунгицин гьабизе бегьила дуца гьеб бухгалтерлъи» ян абулаан директорас гьесда. Командировкаялъ араб бакIалда инфарктги ккун хвана гьев.

Дица абула инсул халкъияб академия лъугIизабунин дица. Гьеле гьелъул буго дие бищунго кIвар.

 

Искусство эклектикаялде сверизаби

   Хас гьабун цIалун щвараб художественнияб лъай гьечIониги, дун ккола Дагъистаналда вугев Россиялъул халкъияв цохIо художник. ЦIалун художникаллъун  рахъарал чагIаз зарал гьабуна искусствоялъе. Ай, цогидал художниказухъего хIазе лъугьиналъ, искусство эклектикаялде сверизабуна. Стилал (къагIидаби) журазаруна. Гьедин гьабизе лъикIаб гьечIо гьеб.

  Дун абуни ана цохIо нухдасан. Цо къагIидаги ккун чIана дун, гьеб дуруслъизегIан.

   Пихъги кьун, заманалдасан куракул гъветI херлъула. Турун хвезегIан, яги лъица бугониги, цIадаб лъезегIан, тIагIелги гьабун, дица гьелда кIиабизеги «рухI лъезабула».

   Щибаб тIагIалил буго жиндирго гъветI. Масала, генул цIулал букIуна гIицIго цо хасаб тIагIел. Гьединго – куракул цIулалгиха.

   ЦIул дие меседалъул бакIалда чIола. Цо нухалда интервью кьолаго, дида гьикъун букIана кубачиязулги ансадерилги махщалидаги гьоркьоб кинаб батIалъи бугебан. Дица абуна кубачияз гIарац цIуладе сверизабулин, ансадерица абуни цIул гIарцуде сверизабулилан.

  ГьабсагIаталда ансадерил махщелгIан цебетIолеб цогидаб махщелги гьечIо Дагъистаналда. Амма квеш ккараб жо буго нижер чагIи хIалтIунгутIи.

   Масала, щибаб мажгиталъе къваригIуна гIанса (рузман къоялъ хутIба гьабулеб мехалда – авт.). Уфаялъул мажгиталда буго ансадерица гьабураб гIанса. Дагъистаналъул мажгитахъ щай гъол рукIине бегьуларел? Гьединго нилъеда сверухъ ругел республикабаздагиха. Дицани садакъадуй рукIинеги ансадерица гьарулеллъи лъазеги, чанги мажгиталъе сайгъат гьаруна гьел гIунсби.

    Гьединго Къуръан тIад лъолеб жо букIуна. Ансадерица гъолда абула финтахIилан. «ФатихIа» («Рагьулеб») абулеб рагIудаса бачIараб буго гьеб. Республикаялде рачIарал сайгъаталъе кьезе щай росизе бегьуларел?

   I960 абилел соназда Буйнакскиялда муфтият бугеб мехалда республикаялъул муфтилъун вукIун вуго ЧIарадаса МухIамад-хIажи Къурбанов. Лъабго гIанса гьабеян вачIун вуго гьев нижер тухумалъул чагIазухъе. Устарзабиго гIадин, кутакалда дин ккурал чагIиги рукIун руго гьел. Нижер кIудияй эбелалъул вацгIал вукIана МухIамадгIали абун, цIаларав чи. Гьес устарасда тIадкъан буго гьел гьаризе.

   Цинги хIежалде ун вуго МухIамад-хIажи гIунсбиги росун. Гьебгиха Никита Хрущев бетIерлъудаги вугеб, нилъ тIуранго диналдаса рикIкIалъарал чагIиянги рикIкIунеб мех. Дагъистаналъул муфтияс гьел гIунсби сайгъат гьарун руго Маккаялъул мажгиталъул имамасеги жеги кIиго чиясеги.

    КIиго соналдасан Дагъистаналдаса вакиллъиялъе изну кьун буго хIеж борхизе. Гьеб мехалда гIарабаз гьезие КагIба-рукъ рагьун буго. МухIамад-хIажида гьениб жаниб бан бихьун буго дол нижер чагIаз гьарурал гIунсузул цоябги.

 

Фабрикаялъул директор

   Фабрикаялъул директорлъун хIалтIизе лъугьиндал, дица къадада чIвана киналго накъищазул суратал. Гьелъул щибалда мухIканго бихьизабунги букIана расеназда гьоркьоб кигIан бакI толеб, кинаб къагIидаялда гьел сверизаризе кколелали. Доб мехалда фабрикаялда гьарурал гIунсби руго гьабсагIаталда музеялдаса росун рачIарал гIадал, къанагIатаб куцалда гьаруралин кколел.

   Дица кутакалда халкколаан качествоялда хадуб. Цо нухалда лак тIад бахарал тIагIалаби ратана дида гохI гьабун, цо коробкаялда жанире ран. Лакалда гъорлъ ччурал жал батаIа-батIаго лъечIони, гьазда тIад лъалкIал хутIула гурищилан абидал, жидеца кидаго гьедин гьабулаанин жаваб кьуна хIалтIухъабаз. Жидедаса гьединаб стерильность тIалаб гьабизе кканани, мун больницаялдайищ хIалтIулев вугевин махсароги гьабуна гьезда гьоркьоса цо чIужугIаданалъ.  

 

«МигIраж»

   «МигIраж» абураб хIалтIи гьабизе ракIалде ккаралдаса 50 сон ана. Дун гIемер ургъана кинаб кIодолъиялъулдай гьеб гьабилеб, буракъги МухIамад аварагги кинандай рихьизарилел  абун. Цо жо гьабун, цинги тIубарал соназ чIун. Хадубги цогиги жо тIаде жубан, чIун. Гьале гьанже ахиралда ракIалде буракъ боржунеб куцалда бихьизабизе. Бищун тIаса хъвана «Ашгьаду аллаиллагьа иллалагь, МухIамад Расулуллагь» илан. Хадув ургъана чамабилеб зобалдадайавараг Аллагьгун дандчIвана ян. Гьединал хIалтIаби гьарулеб мехалда хIатталдаса ун гIемер тарихги лъазабизе кколелъулха. Рамазан ГIабдулатIипов чIун вукIана дуего цойги гьабейин гьеб «МигIраж», гьеб цояб жиндие бичеян. Дица инкар гьабуна, щайгурелъул гьединал хIалтIаби такрар гьаруларо. Гьарунани, хола гьезул къимат, магIна.    

   «МигIражалъул» диаметр ккола 60 сантиметра. Гьеб гьабсагIаталда Москваялда музеялда буго.

  Дун художник вугин абун чIечIого, жиндирго лъайги камил гьабизе ккола чияс. Дица Къуръанги цIалана, исламалъулгун, гIарабазул, бакъбаккулгун бакътIерхьул искусствоги лъазабуна. Философиялъул гIелмабазул кандидатлъунги вахъана.

   ЦIулада ишан кьабулелъул дие гьеб кинабго кумекалъе чIана. Масала, чанги устарзаби руго гIараб хIарпал хъвазе лъалел. Амма жидерго хIалтIулъ гьез гьел хIалтIизаруларо. Дица абуни къагIидалъун гьабуна гьеб – цIулал тIагIалабазда гIарцудалъун гIараб хъвай-хъвагIай бекьи. ТIоцебесеб гьединаб хIалтIи 1991 соналда гьабуна.

   ГIараб хъвай-хъвагIайги динги лъазабизе гьукъун букIинчIо советияб заманалда, жидеего гьабизе бокьунгутIиялъ рехун тун букIин гурони. Ранщинал какал гIелин нужее ян абуни, доре мажгитазде хьвадичIого чIезе хIадурал чагIи руго гьабсагIаталдаги. Цо тайпа буго жидеего бокьун диналде рачIарал, цогидаб тайпа буго зулмуялдалъун гьелде ахIарал. Нижер районалда Генубги Балахьуниги киданиги къачIо мажгитал. 1960 абилел соназде  щвезегIан ГьаракIуниги къачIо.

Устарзаби цIунана

   Москваялда выставкаялда дида абуна гьал киналго хIалтIаби докторасул диссертациялъун рикIкIине бегьулила («унцукульская орнаментальная насечка»). Цогидал устарзабаз гьеб цIулада махх кьаби абун къокълъизабулеб, гIадатияб жолъун гьабулеб буго. Махх кьабиги батIи-батIияб букIуна. Масала, магI кьаби. КIвар бугеб жо ккола накъищал гьарун гIарац-месед, яги цогидаб махх гьелда кьаби.

  Дица рикIкIуна умумузул гIадаталги цIунун цIи-цIиял жал ургъизе кколилан. Цо-цоязда гьеб мекъи бичIчIун батула. Масала, Манаба МухIамадовалъ жубазабуна кIиго къагIида – гуржиязулги кубачиязулги, амма гIадатал цIуничIого тана.   

   Туризмалъулгун халкъиял махщалил министерствоялда хIалтIулеб мехалда дица хIаракат бахъулаан устарзаби цIунизе. Масала, Хасавюрт районалъул Сулевкент росулъ гьезул умумузго гьабулеб букIараб щагIил къайи-къоно къватIибе биччазе бана предприятие. ЦIи гьабуна умумузул къагIидаялда хурдузул релъеналги хIалтIизарун, халичаби ресси. Маджалисалда рагьана Хайдакъалъул угьарулеб къагIида малъулеб центр. КиналгIаги откаталги ришваталги росичIого, квербакъана устарзабазе грантал щвезаризе. Гьаруна гьезие выставкаби. Рамазан ГIабдулатIиповасул заманалда МахIачхъалаялда рагьана «Город мастеров» абураб парк. Гьединаб пикру дица кьун букIана республикаялъул тIалъиялъе. Гьеб паркалда аскIоб бугеб выставкабазул залги (Туризмалъулгун халкъиял махщалил министерствоялъул бакI) шагьаралъул нухмалъулез нахъе унеб букIун, хIалалъ тезабуна дир квербакъиялдалъунги.

Гьединго Дагъистаналъул орденалъул эскизги тIоцебе дица гьабуна.

ПалхIасил, тIокIалъ чIечIого дидаго тIад хIалтIулев вукIуна дун.

   МухIамад-хIажи абун гIагарав чи вукIана нижер. Гьес гIараб хIарпал малъулеб мехалда гIурав чи вукIана дун. ГьабсагIаталдаги нечоларо дун цо щиб букIаниги жо лъалеб гьечIин, гьеб малъеян гьаризе. Мунагьал чураяв инсуца абулаан гIабдалилан гIадамаз тарав чиясул санги гьабичIого, гьесда аскIоса нахъе унгеян. ТIубараб харбида гьоркьоса цо рагIиниги щулияб бачIине рес бугила гьесул кIалдисан. Гьеб бищизе лъани, гьелъулги кIудияб пайда бугила дуе. 

   Гьединго, дида гIемер гьикъула дуца гьел тIагIалаби гIицIго тIад ишанги кьабун щайин толарел, байбихьудасанго мунго цIулал форма-куц гьабизе лъугьинчIого абун

Гьелъулги хIалбихьана, амма дир ракI рекъечIо цогидаз гьел гьарулеб куцалда. Гьедин гьабизе тIадкъараб чанго тIагIел хвезабун бачIана. Станокалдасан биччалеб мехалда аскIовги чIун малъизе рес кколеб бугонигицин мадар букIуна. Амма гIемерисел тIагIалаби квералъ гьарула.

 

МахIачил фондалъул президент

    МахIач ДахIадаевасул цIаралда бугеб культуриябгун тарихияб гIуцIи букIана ансадерил. Дун кколаан гьелъул вице-президент. БетIеравлъун вукIана мунагьал чураяв Гъайирбег ГIабдурахIманов (эколог). Гьев хун хадув гьеб гIуцIи сверана фондалде, дунги гьелъул президентлъун вищана.

   Нижее бокьун буго МахIач ДахIадаевасул юбилеялде (2022 соналда I40 сон тIубала гьев гьавуралдаса – авт.) гьесул цIаралда медальги значкабиги риччазе. Граждан рагъул герой гуревги, унго-унголъунги ватIаналда хадув ракIунтарав чи вукIана гьев. Имам Шамилилги, ГIабдурахIман Данияловасулги даражаялъул чи кколаан гьев. 

 

Заман

    Дида гьикъула хIукуматалъул хIалтIуеги, творчествоялъеги, жамгIияб хIалтIуеги, цогидалъеги заман киндила дуда батулеб. Жиб-жиб жоялъе гIолеб куцалда гьебги бикьани, тIаде босараб ишги цIараб заманалда тIубазабуни, заман гIола.     

 

Зульфия ХIажиева