ЛъикIлъиялъул кверал кирего щолев

 

    Шамил районалъул Гьандихъ росдал жамагIаталъул цIаралдасан редакциялде битIун бачIараб кагътида хъвалеб буго: «Росдаеги рай- оналъеги пайдаял, республикаялдаго машгьурал гIезегIан гIадамал рахъараб росу ккола нижер. Гьезул кьерда хасаб бакI ккола, рагIулъги дугIадулъги нижеца адабалда рехсолев, ГIалиев ГIарипица. Росдае гьес гьарунщинал пайдаял ишал рехсон хIал кIоларо, сияхI цIакъго халатаб буго.

    Дагьал церегIан къоязда ГIарипица бана 70 сон. «ХIакъикъаталда» гьа- ри буго, ГIарипил сахаваталъиялъул, гIаданлъиялъул ва лъикIлъиялъул хIакъалъулъ хъвани бокьилаанин абураб. Росдал жамагIаталъул ра­ хъалдасан, газета гьоркьоб ккун, баркизе бокьун буго гьесда юбилей- ги», — ян.

ХIакъикъаталдаги ГIалиев ГIарип лъаларев чи республикаялдаго ватиларо. ЦохIо жиндирго росдал тарихалда гуребги, республикаялъул гIумруялдаго гъваридаб лъалкI тана ва толебги буго гьес.

Росулъ цо щиб бугониги хIалтIи-иш гьабулеб мехалда, ай кумек хIажалъидал, ГIарипида абун лъикI гурищин кIалъала росуцоял. Амма гьеб хабар ГIарипихъе щвезабилалдего, гьесда гьелъул лъалеб батула ва хIажатаб кумекги гьабула. Гьесул кумек щвечIев чиги я росулъ яги ма- дугьалихъ ругел росабалъ къанагIатги ватиларо. ГIарип вуго хIалтIуеги гIадамазе кумек гьабиялъеги вижарав гIадинав чи.

 

   ИНСУЛ КАЛАМ КАНЛЪУН ККУНА

 

      1968 соналда ГIарипица школа лъугIизабидал, инсуе бокьун букIана гьев Ташкенталде, Бакъбаккул улкабазул мацIазул институталде, цIализе витIизе. Амма имгIал Хашаев ХIажимурадица кьураб, «лъикIаб хъулухъ щолеб цIали бугин» абураб гIакълуги гIадахъ босун, цIализе лъугьана Ново-Черкасскиялъул инженериябгун мелиоративияб институталъул гидростроительнияб факультеталде. ТIоцебесеб курсалдаса нахъе, цIали лъугIизегIан, ГIалиевасул сурат чIван букIана институталъул ХIурматалъул хъорщода. Живго кивениги ине кколев вугони, профессор В. В. Сарачановас, «Арип, веди занятие» абун, гьев тIамулаан «Мелиоративные и строительные машины» абулеб курсалъул практикиял дарсал рачинеги. ПалхIасил, ГIалиевас институт лъугIизабуна багIараб дипломалда.

      Росулъе вуссиндал, хъизанги гьабун, шагьаралде унеб къоялъ, аскIов гIодовги чIезавун, инсуца гьесда абуна: «Гъурщица абун буго, дир вас, къапарав бихьинчи хIалбихьизе жиндихъе вачеян. Гъурщал гIемерлъидал ва хъулухъ цIикIкIиндал лъала чиясул хIалги багьаги. Воре, гIарцуе лагълъиги гьабуге, борхалъуде вахунин абун чIухIуге, чвантиниве ваккизе барахщуге», — ян. Инсул гьеб калам васасда киданиги кIочон течIо ва, дуца абухъе гьабилин абун, инсуе кьураб рагIуе гьев хилиплъичIо.

 

   МАХЩЕЛ КАМИЛЛЪАРАБ НУХ

 

      ГIалиевсул хIалтIулаб гIумру байбихьана МахIачхъалаялъул №13 ПМКялъул мастерасул хъулухъалдасан. Гъаякент районалде гочун рачIарал даргиязул росулъ лъел мухъал гьариялда ГIарипица бихьизабуна жив унго-унгояв специалист вукIин. Гьесул лъайги, бажариги, хIалтIи гIуцIизе бугеб махщелги бихьун, лъагIалидасан гьев тIамуна Хасавюрталъул ПМКялъул участ­ каялъул начальниклъун. ЛъагIелалъ гьенивги хIалтIун, тIамуна №13 ПМКялъул бетIерав инженерлъун. ХIалтIул хIалбихьи бугев инженер хIисабалда, 1979 соналда «Главзарубежводстроялдасан» гьев витIана Йеменалде, советиял специалистал хIалтIулеб участкаялъул начальниклъун.

       Йеменалъул Мудири районалда хIалтIараб лъабго соналда жаниб гьесул участкаялъул специалистаз рана кIиазаралда хадуб гектар ракьул лъалъалел бакIал.

       — Йеменалда ихдалги хасалихъеги рала кутакал цIадал. Амма дун хIалтIараб лъабго соналда жаниб, цо нухалда гурони гьениб цIад бачIо. «Поводкое» абун, ракь лъалъалеб батIияб къагIида букIуна. Ракьалда тIад гьабула метр бицалъиялъул лъел гъат, лъим ракьулъе къарабго, ракь бекьула. Цо нухалъ лъалъараб лъел регьел бачIин бакIаризегIан гIола.

           Нижер аслияб хIалтIи букIана, гIорал-лъарал щведал, лъинал ракIарулел сангарал рай. Объектазда батIи-батIиял улкабазул специалистал хIалтIулел рукIана. Амма нилъер специалистазул гIадаб лъайги махщелги бугев чи гьезул вукIинчIо. Гьайгьай, гьениб кинабго лъикI букIана. ГIагараб росдаде букIараб чIалгIеналъ тату хвезабун букIана. ТIад вуссине цо моцI хутIараб мехалда, макьилъ бихьулаан росдал къватIахъ дунги, рузман сордоялъ рукъзабахъан чIвалеб панкъазул махIги. Улкаялдаса рикIкIад вугеб мехалда гурони ВатIаналъул къимат лъаларо, — ян бицана ГIарипица.

ТIад вуссун мех балелде, гьеб букIана 1982 соналъул анкьабилеб июль, ГIарип тIамуна МахIачхъалаялъул №18 ПМКялъул начальниклъун. ХIалтIи байбихьун лъагIел балалде гьесухъа бажарана кьучIдасанго ахIвал-хIал лъикIлъизабун ва 110-120 проценталъ план тIубазабун. Гьединаб бергьенлъи босиялъе ккараб гIиллаялъул хIакъалъулъ ГIалиевас гьадин бицана:

     — Пуланаб бакIалде лъим бачине канал бухъун гьабураб хIалтIухъ нижее щолеб буго 100 гъурущ. Гьенир бетоналъул лоткаби лъун, батIияб идараялъ босулеб буго 10000 гъурущ. Гьеб ахIвал-хIал дица хIехьечIо. Ралагьана специалистал, техника. Бригадаби хIалтIулел авлахъазда лъуна генераторал, къаси заманалда къалъ­ изабуна хIалтIулеб бакI. ГIуцIана ун­ къо сменаялъулаб хIалтIи. Бухъана канал, лъуна лоткаби. Дирго машинаялда хьвадун, хал гьабуна хIалтIул рахъиналъул ва даражаялъул. Гьединаб хIалтIи гIуцIиялдалъун, бажарана бащдаб лъагIалил болжалалда 137 проценталъ лъагIалил план тIубазабун. Нижер бергьенлъиялъе кIудияб къиматги кьуна. ПМКялъул коллективалъе щвана КПССалъул ЦКялъул ва СССРалъул Совминалъул Хьвадулеб БагIараб Байрахъ ва ВДНХялда — тIоцебесеб бакI. Кьуна цIияб УАЗик машинаги. Дун вихьизавуна ЗахIматалъул БагIараб Байрахъ орден кьезе. Амма, тIубараб пятилеткаялда хIалтIун гьечIинги абун, орден кьечIо.

       1986 соналда ГIалиев нахъеги Йеменалда ралел мелиоративиял объектазул контрактазул бетIерав инженерлъун хIалтIизе ана. Бащдаб лъагIалил болжалалда жаниб гьениб рукIалиде ккезабуна иххица щущазабун букIараб 300 метралъул борхалъиялъул сангар. Хадуб ГIарип витIана Батесалда гьединабго сангар базе. Гьес хIадур гьабуна цоцалъ рекъараб куцалда ракь лъалъалеб проект. Лъим балагьизе бахъана 60 гъуй, рана хIорал, рахъана каналал, лъуна лоткаби, ай 500 гектар бекьулеб ракь лъалъазе рес щвана.

      Лъабго соналъ Йеменалдаги хIалтIун, ГIарип цIидасан тIад вуссана добго №18 ПМКялъул начальникасул хъулухъалде. Гьесул коллективалда цо лъагIалида жаниб анлъго миллион гъурщидаса пайда босизе бажари тIалъиялъ рикIкIана цIакъго кIудияб бергьенлъилъун. Гьелъул хIасилалда ПМКлъул базаялда гIуцIана «Водстрой» трест, начальникасе кьуна «Волга» машина.

  ХАЛКЪАЛЪЕ ПАЙДАЯЛЪЕ

   АЛЛАГЬАСГО РЕС КЬУНА

    «Программа горы» проект хIалтIизе байбихьидал, гьеб тресталъул базаялда ГIарипица рагьана азаргогIан чи хIалтIулеб «Хунзахъводстрой» цолъи. Щибаб мугIрузул районалда рагьана гьелъул участкаби. Гьелъул баракаталдалъул, масала, Шамил районалъул ГIурибе, Гьолокье лъуна лъел мухъал, Гьандихъе бахъана цIияб нух. «Программа горы» проект къана, гIарац къотIана, амма ГIарипица предпри­ ятие хвезе течIо ва гьелда «Горская строительная компания» абун цIар лъуна.

       Гьанже гьесул гьитIинав вас вуго гьелъул начальниклъун. Жакъа гьесул вас ГIалица тIаде босун буго мугIрузул районазул росабалъе лъим бачиналъул ва нухал рахъиялъул хIалтIабазул жавабчилъи.

     Лъим бачин ва нух бахъи рикIкIуна бищунго кири кIудияб хIалтIилъун. РикIкIун хIал кIоларо, Йеменал­ даса байбихьун, Дагъистаналъул гIемерисел районазул росабалъе лъи­ налги нухалги рахъарав ГIарипица гьарурал лъикIал ишал. Къокъго абуни, цохIо Гьандихъ росдал щи­ баб авалалде бачана лъим, анцIго километралъул манзилалда бахъана цIияб нух. Гьанхъадерил хъутаналда нусго гаялъул гIатIилъиялда гьару­ на пиринчIалъул чекал. Росулъ бана цIияб мажгит, жиндирго минаялда аскIоб – авал-мажгит, мадраса ба­ ялъе гьабуна гIарцулаб кумек. Гьес росдае гьабунщинаб кумек рехсани, сияхI цIакъго халалъила.

     1995-1999 соназда ГIалиев вищун вукIана ДРялъул Халкъияб Собра­ ниялъул депутатлъун. Ва, депутат хIисабалда, гьес гьабураб хIалтIуе къимат кьолеб цо мисал бачина. Хал­ къияб Собраниялъул трибунаялда­ сан кIалъалаго, ДГУялъул ректорас абуна, методикиял пособиял росизецин университеталъе гIарац гIолеб гьечIилан. Гьебмехалда, тIадеги вахъун, ГIарипица ахIун абуна: «Дир буго гьадинаб предложение. ДГУялде лъугьиналъухъ щивав чияс кьолеб буго щуазарго доллар. Законияб къагIидаялда гIарац ДГУялъул счеталде рехулеб къагIида гьабуни, гьеб гIелаан къваригIарабщиналъе ва нахъеги хутIила», — ян.

     Депутатлъун вугеб заманалда жаниб ГIарипихъа бажарана къварилъи-балагьалде ккарал гIемерал гIадамазе кумек гьабун. Гьелъие нугIлъи гьабулеб цо мисалги бачина. ГIарац бахъизе хIилла ургъун, цо милициялъулас балъго чвантинибе наркотик рехун, машинаби къачIалеб пуланаб станциялъул хважаин жанив лъун вукIана. ГIолиласул гIумру хвезабизе ургъараб такъсиралда цебе ГIарипица хIетIе лъуна. АхIи бана депутатазде, гьединго прокуратураялъул, милициялъул, судалъул, хIалтIухъабазде. Гьелъул хIасил ккана ва эркен гьавуна гIолилав, тамихIалде цIана милициялъул хIалтIухъан.

     ГIарипил хIакъалъулъ хабар ккедал, гьанхъадерил жамагIатчагIаз бицунебщинаб рагIидал, битIахъе бахиллъизе бачIана гьев инсанасда. Киве кканиги, кинаб иш тIаде босаниги, ракI бацIцIадго хIалтIи гьабулев ГIарипидаса гьезул бугеб чIухIиги бихьана. ХIакъикъаталдаги гьезул ихтиярги буго гьединав сахаватчиясдаса чIухIизеги рохизеги. ЛъикIаб гъотIода пихъ тIагIамаб бижулин абухъего, ГIарипил лъималги руго гьевго гIадал хIалтIи бокьулел, яхI-намусги, чIахIиязул адаб-хIурматги цIунарал, халкъалъе пайдаял. «ХIакъикъаталъул» коллективалъги баркула ГIарипида 70 сон тIубаялъул юбилей. ГIадамазда гьоркьоб кIудияб къадруги талихIаб хъизамги насиб гьабун, гIадамазе кумек гьабизе бажари-ресги кьун, Аллагьас гьев кIодо гьавун вуго. Жакъа гьесие къваригIараб жо буго цо — сахлъи. Гьединлъидал, росдал жамагIаталдаго цадахъ, нижецаги ракI-ракIалъ гьарула гьесие щулияб сахлъиги халатаб гIумруги.

    Н. НУРИЕВ