РАКЬУЛЪ ТIУПАНЩИНАЛ ТIАГIАРАЛ ГУРО

 

      ГIабдурахIман Данияловасул гIагарай гIадан йикIин жинца гIадамазда лъазецин толароанин бицана МахIачхъалаялда гIумру гьабун йигей Ругъжаса Чупан Мажидовасул яс ПатIиматица. Живго Чупанги Гъуниб районалъул нухмалъулесдаса байбихьун рохьил магIишаталъул министрасде щвезегIан батIи-батIиял хъулухъазда хIалтIарав чи вуго. ПатIиматил эбел Зада кколаан ГIабдурахIман Данияловасул яцгIал. Даниялов хун анцIго моцIидасан гьавурав васасда ГIабдурахIман абун цIарги лъун буго ПатIиматица. Даниялов хвараб соналъ Ругъжав гьавурав 18 васасдаги лъун буго ГIабдурахIманил цIар. Гъоркьехун кьолел руго ГIабдурахIманил хIакъалъулъ ПатIиматил ракIалдещвеял.

 

 

       РАКI ХВЕЧIЕВ ЧИ ВУКIИНЧIО

 

 

    ГIагарлъиялъе гуребги, росдаего кутакалда къиматав чи вукIана гьев. Нижер тухумалъулго рекIел тIегь тIуна гьев хведал. Хасго яс Забида йикIана цIакъ тату хун. ГIабдурахIман хун кIиго лъагIел сверилалдего хвана гьесул лъади Хадижаги.

     ГIабдурахIман вукъизе Авар театралдасан восана Таргъуялде. Мавзолеялде гIадин бакIарун гIаламги букIана гьениб. Гьенисан лъелго рачIун, буртинаги тIаде рехун бачIунеб гьесул жаназа пединституталда цебе щведал, студентаз накаби чIвана рахъун нухдегун. Гьеб мехалда байбихьана щенезе цIадги, щун букIана бакъги. Цинги хабзалалъ кIалъазе рагIи кьуна комсомолалъул хIалтIухъан ХIамид ХIамидовасе (хадув финансазул министрлъун вукIарав). Амма гьев васасда кIвечIо рагIи абизе, гIодана. Гьединго рукIана цогидалги.

     Нижер эмен гIезегIан кьварарав чи вукIана. ГIабдурахIман хванин рагIидал, агьиялда гIодана гьевцин.

 

 

      «ДЯДЯ — БАРХАТНЫЕ РУЧКИ»

 

 

      ГIабдурахIман тIаде вачIиндал, нижер эбел гергуби разе лъугьунаан кидаго. ЦIакъ рокьулаан гьесие гьел. Хъутаналдаса бачIараб бакъвараб нисуги хIарун, гъорлъе картошкаги жубан гьарулел цIурачадазда абула нижеца гьедин. ЦIурачадалги росун зама-заманалдаса эбелалъ гьесул рокъоеги йитIулаан дун.

      Лъималазеги цIакъ вокьулаан ГIабдурахIман – гьев вихьидал, данде екерун унаан дун, гьитIинай чIужу. Квасквас гIадал тамахал кверал рукIана гьесул. «Дядя — бархатные ручки» абун лъун букIана дица гьесда цIар. Амма ХIажигIали вачIунеб мехалда, лъимал гьесдаса тIурулаан, щайгурелъул, мугIрул къан, гIундул кьурун, хIинкъизарулаан гьес ниж.

     ГIабдурахIман цо-цо сталинский кительги къварщ-къварщи бахъунел чакмабиги ретIун вачIунаан. Лъималазе берцинаб мацI бицинеги лъалаан. Дагьал кIудиязда бикьикьабгIиялъул таблицаги гьикъулаан.

      Гьединлъидал чIахIиязеги гIисиназеги асар гьабулаан ГIабдурахIманица. Доб мехалда министрасул хъулухъалда вукIарав дир эмен Чупангицин чIолаан лъимер гIадин гьесухъ балагьун.

      Цо-цо тIамурги хъвалаан гьес. Бакъан тIамиларебищин дидаги абулаан. «Къо-лъикI, Гъуниб, къо-лъикI, Гъуниб» абун, Муи ХIасановалъул къагIидаби гьарулей йикIунаан дун гьитIинаб мехалда. Гьелдаса цIакъ кеп щолаан гьесие. Бакъан тIамилаанинха, Муил гIадаб жергъен букIарабаниян абуна дица. Гьеб мехалда гьитIинаб жергъенги бачIун букIана гьес дие.

     Кутакалда хIурмат гьабулаан лъади Хадижалги. Гьелъие гIоло жинца азбар розабазул цIезабунин абулаан гьес. Жинцаго хъулухъги гьабулаан гьезие. Цо нухалда школалде росизе розабазул квацIи кьуна ГIабдурахIманица дие. Цинги, кодор ккун гьелгун, дун рокъое щвезавизе вилълъана гьев Родопалъул бульвар къотIун. Гьесул мина Марковасул къотIноб, нижераб Буйнакскиясул къотIноб букIана. Гьеб мехалда гIисинал батIалъи гьечIого, паркалда шахматал хIалел чIахIиял батIалъи гьечIого, ГIабдурахIманида данде рачIунел рихьидал, гIажаиблъун хутIана дун. Хасго ракIалда чIана кьурарал михъазул чи. Буденный ватилин ккун букIана дида гьев. Хъара Хъараев вукIун вуго. Гьедин гIадамазда гьоркьов вугев чи вукIана ГIабдурахIман.

 

 

        ХАДИЖА

 

 

       Хадижал цIар бахъун букIаго абилин, гьей кколаан ЧIохъа МуртазагIали Нахибашевасул яс.

      Ара-араб бакIалдаса ГIабдурахIманица духаби рачIунаан гьелъие. Дир инсуца эбелалъе гьединал сайгъатал гьаруларин, гьелда гIажаиблъун йикIунаан дун. Цинги Хадижаца бахъун бачIана «Красная Москва», эбелалъе босеян. «Каир» абураб духи диеги кьуна. Гьеб мехалда бицун букIана Хадижаца дие ГIабдурахIмангун жал кин данделъаралали. ЦIодорав жоги вугилан, ЧIохъ интернат лъугIун хадуб, Шураве гIелму цIализе витIула нижер кIудияй эбелалъ гьев.

      Больницаялдайищ йихьун йикIараяли, тIоцее гьений халлъула ГIабдурахIманида Хадижа – чини гIадаб гьумералъул, халатал гъалазул, берцинай гIолохъанчIужу. Цинги багьанадуй букIине, квартIица жиндирго килищги бухун, гьорораб гьеб бихьизе гьезул рокъове уна гьев. Гьедин жидер кIиязулго берзул балагьи данде кканин бицунаан гьелъ. Хадуб гьез цоцахъе кагътал хъвалаанила гIараб мацIалда. Росулъ мадрасаялда цIалун лъалеб букIун буго ГIабдурахIманида гьеб. Хадижадаги лъаларищха — бечедаб, цебетIураб хъизамалдаса ясалда.

      Гьединаб машгьураб хъизамалдаса йикIиналъ бесдалав абун ГIабдурахIмание кьелариланги ккун батила, Буйнакскиялдаса МахIачхъалаялде унеб поездалдеги рахун, лъутаралха гьел кIиялго Москваялде. Хадуб кIудияй эбелалъ жиндирго ресалда рекъон, багIаргьоло, бакъвараб гьан, гIакдал нах лъун, Москваялде посылкаби ритIулел рукIун руго гьезие. Байбихьуда Хадижал хъизан батIакIанцIун чIун букIун буго цохIо йигей яс эбел-инсудаги лъачIого, лъутун унилан. Амма хадуб бичIчIун бугоха гьезда Даниялов щивали.

      Дир ригьин гьабулеб мехалда ГIабдурахIманица абурабги бицинин. Дир эмен Гъунив райкомалда хIалтIулеб мехалда райпоялъул председательлъун вукIарав Бухтиса МухIамад вачIана васасе дун гьаризе. Воре, воре, жидеца ясал къватIире кьоларин лъугьана дир эбел. Гьеб мехалда ГIабдурахIманица абуна жинца ЧIохъа яс хъамун ячараб мехалда, гьарун рачIарал Бухтиса чагIазе кьезе бегьулила ругъеждерил ясги.

 

 

        БУЧАЕВАСУЛ БАРКАЛА

 

 

       ГIабдурахIманица дагъистаниязе гьабурабщинаб лъикIлъиялъул бицине лъугьинаро дун гьаний. Амма ХIамид Бучаевас (ДГУНХалъул экс-президент – авт.) дие бицараб жо рехсечIого гIоларо.

      Данияловас направлениеги кьун, витIун вугоан гьев Москваялде халкъияб магIишаталъул институталде цIализе. ТIадежоялъе, жиндирго МитхIад абурав васасул чакмабиги, тIагъурги, курткаги кьун буго Бучаевасе, Москваялда кутакаб цIорой букIунилан. Жаниб Норвегиялъул квасги бугел багьаял жал рукIун руго гьелги. Гьа, МитхIад, нилъер гьанир гьединаб кьварараб хасел букIунарин, букIани, дуе нахъеги росизе бегьилин гьелилан абун буго гьес васасда. Гьеб киналдаго цадахъ рюкзак цIун бакъвараб гьанги кьунин, кодоб гIарацги лъунилан магIил цIун бералгун бицана Бучаевас. Бесдалав хIисабалда гьесие Дагъистаналдасан стипендияцин гьабун букIун буго ГIабдурахIманица.

      Дир рекIелъ къараб жо буго ГIабдурахIман хун кIикъого сон индалги, гьесул гIумрудул магIнаги лъачIого, къиматги гьабичIого, интернеталдасанги цогидалъусанги хIапдолел цо-цо нилъерго гIадамал рукIин. Яги миллатчилъи, ялъуни лъавукълъи ккола гьеб. Гьединлъидал ГIабдулатIип ХIажиевасе кIудияб баркала буго ГIабдурахIманил рахъалъ киса-кибго кьучIаб рагIи абулеб букIиналъухъ. Гьевги, мунагьал чураял дир эменги (Чупан Мажидов – авт.) Дибир МухIамадовги кидаго гьесул хьолбохъ, цадахъ рукIунаан. Лъабалгоги рукIана министраллъун.

 

 

         МУЗЕЙ

 

 

        Шагьар бакьулъ бугеб Данияловасул мина я жанир чагIи гурого, яги музей гьабичIого, чIунтизе тун буго. Валлагь, микьго судалде хьвадана дун, гьеб мина нахъе тIалаб гьабизе къваригIун. СагIид Амировасул заман букIана доб. Судалъ абуна цебе муниципалияб ясли-ах букIанила гьениб, гьединлъидал муниципалитеталъухъе тIад буссинабизе кколилан. Гьанжесел хъулухъчагIазул гIадаб хIатталдаса ун чIухIараб минаги гьеб букIинчIо. Ругъеждерил цIулал устарзабаз гьарурал полкабазда лъурал тIахьазул цIезабун букIунаан жанисан.

     Дир кIудияй яц, мунагьал чураяй Даният йикIана ГIабдурахIманил вас МахIачил лъади. ХIамзат абун васги вуго гьезул гьабсагIаталда Москваялда. Амма къисматалъ хъван букIун гьечIо гьел халатккун цадахъ рукIине. РатIалъун хадув, МахIач унтана, цинги хвана.

     Дир кIудияй яц, мунагьал чураяй Даният йикIана ГIабдурахIманил вас МахIачил лъади. ХIамзат абун васги вуго гьезул гьабсагIаталда Москваялда. Амма къисматалъ хъван букIун гьечIо гьел халатккун цадахъ рукIине. РатIалъун хадув, МахIач унтана, цинги хвана.

     МахIачида тIад букIана гьеб мина. Гьев хун хадуб гьесул вас ХIамзатие хутIизе ккелароанищха гьеб. Гьанже нужер заман анин, щвезе течIо гьесие гьеб. Гьелъ ракIги бекун, Москваялда ХIамзатги чIана. МагIарулаз гьанже музейниги гьабизе бегьилаан гьениб. Амма архиваздаса гьелъул документалги тIагIинарун руго.

 

 

     КЪУН ЩВАРАБ БЕРГЬЕНЛЪИ

 

 

     Дица цо нухалда классцояв вухун вукIана. ГьитIинай гIаданалда, дида гьесул миллатги-жоги щибха лъалеб. Министрасул ясалъ, магIарулалъ, жугьутIазул вас вухун вугилан Данияловасде щвараб кутакаб ахIи-хIур бахъана. ГIабдурахIманица дида берцинго бичIчIизабулеб букIана дуца гьев Еремеевасда тIаса лъугьаян абизе кколин, гьел таталги нилъер мадугьалзаби ругин. Гьединлъидал нилъеца жугьутIаздехун кIудияб хIурмат бихьизабизе кколилан.

     Ругъеждерилабги гьабун, тIирун чIеларищха дунги – гъов мекъав вукIанин, вихьулеб бакIалда ватани, цоги нухалда чухIулин дица гъовилан. Цинги ГIабдурахIманица абуна мун жиндие цIакъ йокьулей ясги йигила, амма мун сабаблъун жинде гIайиб гьабизехъин бугила. Дуца политический поступок гьабун бугила.

       Гьанже ургъана дун, тIаса лъугьин гьарани, къурайлъун ккеларищ абун. Гьеб мехалда ГIабдурахIманица абуна бергьараб къеялдаса къураб бергьенлъиго лъикIилан. Хадуб рокъоб инсулгунги ккана гьелда тIасан хабар. Инсуца абуна мун ягъугейила, амма ягъани, къезе чIогейила.

 

Зульфия ХIАЖИЕВА