«Жаназабазда тIасанги ун, хъулухъ балагьулев чи гуро дун»

 

 

    ГIабдурахIман Даниялов гьавуралдаса 105 сон тIубаялда бан Дагъистаналъул ГIелмияб централда тIобитIана гIелмиябгун практикияб конференция. Гьелда гIахьаллъана Гъуниб районалъул бетIерги, Данияловасул гIагарлъиги, жамгIиял хIаракатчагIиги. ГIелмияб централъул хIалтIухъабаз тIадчIей гьабуна рагъул соназда Данияловасул хIаракатаб хIалтIуда.

 

   Асар гьабуледухъ, цоцо мисалалги рачун, гьев ракIалде щвезавуна ДАССРалъул культураялъул министрлъун вукIарав ГIабдулатIип ХIажиевас. Масала, нилъер мадугьалзабазда цадахъго Гьоркьохъеб Азиялде гочинариялдаса Данияловас нилъ цIунараб куцалъул.

    ГIабдурахIманил ясалъул яс Ума АхIмадовалъ машгьурав кIудияв инсул хIакъалъулъ бицунелъул, ракIалде щвезабуна, ахирал соназда кигIан унтуца кIвекIаниги, рокъо сезда гьес хIал лъазабизе то леб букIинчIолъи. Гьес абулаанила чиясда жиндирго гIузрабаздаги гIунгутIабазда тIад бергьенлъи босизе кIвезе кколилан.

   Гьес гIумру гьабулеб букIараб минаялъуб музей гьабизе ккеялъулги рехсана У. АхIмадовалъ.

   РакIалда чIана Данияловас Ахти районалъе нухмалъуде тIамун вукIарав, гьанже «ДагъистанАзербайжан» гIуцIиялъул президент ГIабдулгъафар АхIмадовасул кIалъайги.

   «Гьединаб кIудияб районалде нухмалъи гьабизе гьедигIан гIолохъанав мун витIизе барахщунги вуго дун, амма цо гьари буго: гIадамазда гъорлъ гIадатгоги хехго гьезул къваригIелал тIуралевлъунги вукIа. Щибаб жоялъе гIоло гIарзал рахъизеги вачIунге: гьеб я дие, я бюро ялъе бокьуларо»,-ян лъазабуна дида доб мехалда Данияловас.

Дун гьевгун гIезегIан бакIазда дандчIвазе ккана. Даниялов вукIана гIицIго жиндирго лъай гIакълуялдалъун цевехун арав чи.

  …ГIабдурахIманил кабинеталъур тIад хIур ккарал папкаби халлъулел рукIана дида. Имам Шамил ритIухъ гьавизе (реабилитация) хIадурулев вукIана гьев. Гьединлъидал жив го тIадчIун лъазабулеб букIана гьес гьеб суал (Имам Шамил 1950 соналда официалияб куцалда лъазавун вукIана «халкъалда данде чIарав чилъун», «турказулгун ингилисазул жасуслъун» – авт.).

  …Данияловасул бихьинаб хасияталъул цойги мисалги бачинин. Гьеб букIана 1937 сон. Нажмудин Самурскиясе вас гьавун вукIана. Обкомалъул кIиабилев секретарь Сорокинги цогидалги ана гьесда баркизе.

   Гьелдаса хадуб Сорокиница ГI. Данияловасда абуна чIайин, кIалъазе къваригIун бугилан. Цинги абуна мун росдал магIишаталъул суалазул рахъалъ Москваялде ине кколилан.

Гьев уна. Амма тIад вуссун вачIиналде Самурскийги, ТIалхIатги, Мамедбековги туснахъ гьарун ратула. Гьес абулаан Москваялде инчIого хутIаравани, жив гьел цIунун кIалъазегицин рес букIанила.

БитIун гьеб заманалда Сорокиница Данияловасе Дагъистаналъул Совнаркомасул председателасул хъулухъ кьолеб букIуна. Амма Данияловас инкар гьабула жив жаназабазда тIасанги ун, хъулухъ балагьулев чи гурилан.

    Доб заманалда гьеб кутакалда бахIарчияб иш букIана. Бокьараб лахIзаталда хисизе бегьулаан гьесул къисматги.

    1939 соналъул ахиралда Сорокин хъулухъалдаса инегIан, щибаб пленумалда, конференциялда Данияловас гIайибал чIвалел рукIана репрессиязда. Гьелъие нугIлъи гьабулел хъвай-хъвагIаялги руго архивазда.

    Гьеб гуребищ бихьинчилъи? 1937 соналда гьесул букIана гIицIго 29 сон. Амма гьеб мехалде Даниялов вукIана къвакIараб ракIалъул, цIубараб пикруялъул, цеветIурав чи».

   Данияловасул бицунаго, ГIабдулгъафар АхIмадовас чанцIулго тIад-тIад вуссун абуна жив гьабсагIаталда лезги миллаталъул чи хIисабалда кIалъалев вугилан.

  Данияловас магIарулалги цолъизарун, лезгиял рикьизарунин кьучI гьечIел кIалъаял гьарулел цо-цо чагIазда бичIчIизабизелъун, ГI. АхIмадовас цойги бачана лезги миллаталдехун Данияловас бихьизабураб бербалагьиялъул мисал.

   1952 соналда Дагъистан Азербайжангун цолъизабизе анищазда вукIарав азербайжаназул цевехъан Багиров сабаблъун лезгиял махIрумлъана Шахдагалдаги Магани абулеб бакIалдаги рукIарал мучIдузул 78 азарго гектаралдаса.

    Гьеб гIиллаялъ доб мехалда Дагъистаналъул бетIерлъуда вукIарав ГI. Данияловас Москваялде хитIаб гьабула гьел ракьал цо заманаялъниги республикаялда хадур теян. Амма Москваялъ букIахъего тана Багировасул хIукму. Прессаялдаги гIемер борхана гьеб суал.

    «Гьединлъидал дир кIудияб гьари буго гьанир ругел гIалимзабаздехун: Данияловасул гьеб хитIабги балагьун, гьаб конференциялъул материалалда гьоркьоб лъе гьеб»,  ан гьарана АхIмадовас.

    Конференциялъул хIасил гьабун кIалъана ДНЦялъул председатель Хизри ГIамирханов: «Гьаб ккола гIицIго ГIабдурахIман Даниялов ракIалде щун гуребги, цебе нилъеца тараб нухлул хIисаб гьабизелъунги тIобитIулеб тадбир. Данияловас лезгиял рикьизарунин, Самурскияс магIарулал тIагIинарулел рукIанин абураб пикруялда тIадчIей гьабизе лъугьани, нилъ гIисинлъула. Гьединал жал кIодо гьарулел гIадамал рукIуна яги лъай мукъсанал, яги зарал гьабизе къваригIарал чагIи. Жиндирго кIодолъиялда рекъараб жо гурони чиясги къватIибе загьир гьабуларо. Гьединлъидал гIатIидго балагьизе рачIа сверухъ лъугьа-бахъунелъухъ».

 

Зульфия ХIАЖИЕВА, («МК в Дагестане», 2013 сон)