Рулалда нахъа чIужугIадан

 

        Гьаб заманалда шагьаразда жамгIияб транспорталъул шоферлъун хIалтIизе расги бигьаяб иш гуро. Хасго автобусгун троллейбус бачине. Гьеб иш жеги захIмалъулеб батила руччабазе. Масала, тахшагьарал­да жаниб хьвадулеб троллейбусалъул №6 маршруталъул шофер ккола БежтIа росулъа ГIумарова Ларисат. Гьелъулгун буго нижер жакъасеб гара-чIвари.

 

    БАЯН

    ТIоцебе троллейбус (токалдалъун хIалтIулеб транспорт) хIалтIизе биччана 1882 соналда, Берлиналда. Гьеб ургъарав чиги ккола немца­зул инженер Сименс.

     ХIалбихьи хIисабалда гьебго тайпаялъул транспорт пачаясул Рос­сиялда хIалтIизе байбихьана 1902 соналда. ГьабсагIаталда нилъ­еда лъалеб хIисабалъул троллейбусалъул мухъ СССРалда тIоцебе хIалтIана Москваялда, 1933 соналда. Гьединаб мухъ Дагъистаналда (МахIачхъалаялда) хIалтIизе биччана 1973 соналда.

    ГьабсагIаталда республикаялъул тахшагьаралда буго троллейбу­салъул 5 маршрут ва 50 троллейбус.

    ТIолабго дунялалда хIалтIулел троллейбусазул бищун халатаб марш­рут ккола Симферополь-Ялта (86 км.) Гьелъ нухда бала 2,5 сагIат, бел­тил багьа — 180 гъурущ.

 

 

     — Ларисат, гьеб хIалтIи тIаса би­щиялъе гIилла щиб ккараб?

     — Советияб заманалдаго троллей­бусал рачунел рихьулаан руччаби. Гьеб хIалтIи, щаялиго, дидаги бер­цин бихьана. Ригьалде яхиндал, ана цIализе ва лъугьана гьаб хIалтIуде. ХIалтIана 11 соналъ, гьелда гьоркьо­са 7 сон бана Москваялдаги.

    — Киданиги рекIекълъанищ гье­динаб махщел тIаса бищиялдаса?

     — Щибаб хIалтIулъ букIунеб ба­тила захIмалъи. Амма диего бокьун тIаса бищараб букIиналъ, дун кида­ниги рекIекълъичIо. Дида лъала ди­даса гIадамазе пайда букIин. Гьелъги базабула хIалтIуде жеги цIикIкIараб гъира.

      Пассажиразул жаваб кьезе кколеб хIалтIи бугелъул, тIадежоялъе 1000 вольталъул токги хIалтIизабулеб букIиналъ, захIмалъичIого букIунаро. ЦIакъ мухIканго цIунизе кко­ла низам. ЛъикIаб гьечIо нухазул ахIвал-хIал, хасго цIер къараб, гIазу бараб заманалда захIмалъула трол­лейбус бачине. Шагьаралда кута­калда гIемерлъун буго транспорт, гIолохъабаз цIунуларо правилаби. Амма гьелдаго цадахъ руго лъикIал рахъалги. Ниж 2 къоялъ хIалтIула, 2 къоялъ рукIуна хIухьбахъулел. ЛъикI хIалтIаразе щола премияги.

    — Кинаб бугеб дур хIалтIул къо?

     — ХIалтIул къо байбихьула радал сагIат 6-ялда, лъугIула къаси сагIат 8-ялда. Къаде кваназе бихьизабу­раб заман буго 40 минут. Пассажи­расул белтил багьа буго 15 гъурущ, аппараталъ банкалъул картаялдаса бахъулеб бугони — 13 гъурущ. Ни­жее чIезабураб къойил план буго — хIалтIул къоязда 5200 гъурущ, гIодоркъоязда — 4200 гъурущ. Дун ккола кIиабилеб классалъул шо­ферги. План тIубазабуни, дие щола моцIрой 29 азаргогIанасеб гъурущ.

    — Пассажиразда гьоркьор гIемер кколищ нужгун къацандулел, гIарац кьечIого лъутун унел чагIи?

   — Аслияб куцалда нижер пасса­жирал руго цIикIкIараб ригьалъул гIадамал. Цере цIалдохъабигун сту­дентал гIемер рукIунароан, гьанже гьелги гIезегIан рукIуна. ГIилла — би­лет учузаб букIин. Чорокаб мацI би­цунелги дагIба гьабулелги цIакъго къанагIат гурони данд чIваларо. Цере рукIунаан гIарацги кьечIого лъутун унелги, гьанже гьединал къанагIат гурони рукIунаро. Хисун буго бербалагьи, нечолел руго гIарацги кьечIого къватIире ине.

    — Анкьго соналъ хIалтIун йиго мун Москваялдаги…

   — Улкаялъул тахшагьаралда гIемерго бигьаги лъикIги букIана хIалтIизе. Дора руго цIиял, лъикIал троллейбусал. Нухал руго къачIарал, транспорталъе ва пассажира­зе чIезарун руго лъикIал шартIал. Мухьги буго гIемерго цIикIкIараб. Дун гIадинав шоферасе доба щола 70-75 азарго гъурущ.

   — ТIубараб къоялъ рулалда нахъаги йикIун, къаси рокъое щведал хинкIал гьаризе жанго хутIулищ?

   — Сундего ругьунлъула инсан. Ди­даса гIемерго захIматаб хIалтIиги гьабулел, гIемерго дагьаб гIарацги щолел руччаби гIемер руго. Дир­го эбелалъул, кIудияй эбелалъул, гьезул гIелалъул руччабаз бачча­раб захIматалда данде босизе рес­го гьечIо дида бихьулеб гIакъуба. Гьединлъидал рокъое щведал чIужугIаданалда тIадаб гьабизе за­ман кидаго букIуна.

    ГIабаш ГIАБАШИЛОВ