Умумузул ирс — наслабазе дарс

 

 

 

 

 

 

 

 

   РекIелъго миллияб накъищгун вижула цо-цо чи. Гьеб тIокIлъи кверзул устарлъиялдалъун загьир гьабулез наслабазе нахърателги тола. ГIолилазда гьоркьор гьединал гьунарал тIатиндал, цIакъго ракI бохула.

Шамил районалъул Гьоори росу буго гьунаразул гъамас гIадаб бакI. Кьурди-кечIалъе гуребги, цIар рагIарал къадахъабиги цIулал устарза- биги гIемер рахъана гьениса.

Халкъалъе загьираб гьунаралъул чи вуго гьаниб гъоркьехун бицен гьабулев Гьоориса гIолилав ХIасанов МухIамадги.

 

   ХIебда, Авар гIурул рагIалда буго гьезул мина. Азбар-къоного буго гьезул музей гIадаб бакIа-бахариялъул бакI. Бахчагун ахгицин къачIан буго щибаб бокIоналда цIулалгун ганчIил ва тIугьдузул композициял- ги гIуцIун. Гьеб хъизамалъего кьун буго БетIергьанас тIабигIаталъул берцинлъи халлъулеб, гьеб хаслъи цогидазеги тIатинабун бажарулеб дуниял бихьи. Хъизамалъул бетIер ХIасан вуго махщел камилав цIулал устар. Гьединазул хIакъалъулъ халкъалъ абула « Аллагьас меседил кве- рал кьун ругинги». Хъизан -Марина лъебергоялдаса цIикIкIун соналъ хIалтIулей йиго районалъул фоль- клор цIунулезул, гьелъул берцинлъи халкъалъухъе кьолезул мухъилъ. Шамил районалъул «Дагъбаш» ансамблялда гьоркьой умумузул кьурдабазул расенгун гьей цее яхъуна къватIисел улкабазда, Россиялъул шагьаразда тIоритIулел чIахIиял тадбиразда. Гьединал, ракьалда берцинлъи бекьулел эбел-инсул ро- хелги чIухIиги буго жидедасаги цIикIкIараб гьунар бугеб лъимер лъугьин.

   Кодобе щвараб хъарщи-цIулалъул кесек рухI лъураб гIадин батIи- батIиял сипатаздалъун чIаголъизабулеб гьунар буго гьезул вас МухIамадил. Канлъукълъиялъул сакъатлъи бугониги, гьитIинаб мехалдаса нахъего суратал рахъулев вукIунаан гьев.

    Васасул гьунар камиллъана Дагъистаналъул М. А. Жемалил цIаралда бугеб художествияб училищеялда щвараб лъаялъги. Гьенив цIалулаго гьарурал умумузул рухIияб ирсалъул, бахIарчилъиялъул, ватIан бокьиялъул темаби рагьулел хIалтIабигун МухIамад ХIасанов гIахьаллъулаан тахшагьаралъул ва республикаялъул даражаялда тIоритIулел батIи-батIиял къецазда. ГIасрабазул нугIзаллъун ругел жидерго некIсияб Гьоори росдал сиязул, гьезул ганчIазда рикIарал накъищазул хIисаб гьабун хIадурарал хIалтIабаз хасаб бакI ккола гьесул творчествоялда. МухIамадил гьунаралъе мустахIикъаб къиматги шапакъаталги кьуна гIемерал конкурсазда. Щибаб гьединаб гIахьаллъиялдаса хадуб гьесул гъира цIикIкIунеб буго жиндирго анищал, пикраби хIалтIабазулъ рихьизаризе.

   «Умумузул ирс» абураб цIаралда гьесул хIалтIабазул выставка букIана гъоркьиса Буйнакск шагьаралъул музеялда. ГIемерав чи гIахьаллъараб гвангъараб тадбир лъугьана гьеб выставка рагьулеб къоялъ. Искусство бичIчIулез цIакъ тIадегIанаб къиматги кьолеб букIана гIолохъанав художникасул гьунаралъе.

   Гьанже МухIамад хIалтIулев вуго Шамил районалъул искусствоялъул школалда художник-мугIалимлъун. Заочно цIалулев вуго ДГПУялъул худграфалда. Гьес гъираялда ругьун гьарулел руго хIебдасезул лъимал жиндирго махщалиде, тIатинарулел руго гIисинал гьунарал. ЦIалдохъабазул бажариялдаса лъимер гIадин живгоги вохула гьев.

   Гьев цIакъго кIвар кьун хIалтIулев вуго махщел камил гьабиялда тIад, лъикIаб къимат жиндиего кьурабгIан жавабчилъи цIикIкIунеб буго гьесулъ.

    ХIасановасул хIалтIабазулъ такрарлъула бахIарчилъиялъул ми- саллъун ругел хIайваназул сипатал, гьайбатаб тIабигIаталъул бутIаби, некIсияб архитектураялъул хутIелал. Цебесебги цIунараб, цIиябги бихьизабулеб хасаб хатI буго гьесул.

    РекIелъ бугеб миллияб накъищ, гьунар загьир гьабизе хIаракат бахъизе кколин рикIкIунеб буго гIумруялъул 22 сониде вахарав художникас.

   ПатIимат ГЬИТIИНОВА