Балагьал къояз къвал баниги, къвакIун чIана ПатIимат

 

   Халкъазда гьоркьосеб руччабазул къоялъе сайгъат гьабун къватIибе биччараб «ХIакъикъат» казияталъул номералда «Чаранги хIулиги цохIого рекIелъ» абураб бетIералда гъоркь бахъараб макъа- лаялда бицунеб буго мугIрузда гIурал гIемерисел руччабазул хасияталъулъ бессун батулеб къвакIиялъулги, къо хIехьеялъулги, гьелдаго цадахъ ракI биунеб недегьлъиялъулги хIакъалъулъ. Гьединалго рагIабазе мустахIикъай гIадан йиго Хасавюрт районалъул Октябрьское росулъа Баширова ПатIиматги.

  Щуго сон гурони цадахъ бачIого, лъабго лъимерги нахъе тун, тIа­бигIияб балагьалъул хIасилалда гIумруялдаса ватIалъана гьелъул рос. Балагь жибго цохIо бачIунарин абухъего, 1999 соналда вас МухIамадги щвана къадаралде. Гьединал къояз къвал баниги, къвакIун чIана ПатIимат.

   — Дун гьаюна чачаназул Ведено районалъул Къеди росулъ. Гьенире гочинарун рукIана ЦIумада районалъул нижер КIванкьада росдал гIадамалгун цадахъ къедисел, хъвайнисел, ангъидасел. 1957 соналда, цогидалго гIадин, нижги гочинаруна гIатIиракьалде. Гьелдаса нахъе нижер гIумру унеб буго Октябрьское росулъ, — ин бицана ПатIиматица.

   1959 соналъул 1 сентябралда берцинго ретIа-къан эбелалъ тIоцее школалде щвезаюраб къо жакъа гIадин ракIалда буго ПатIиматида. Школалда кIудияб хъулухъги кьуна гьелъие тIоцеесей учительница Заза МухIамадовнаялъ. Гьелъ ПатIимат тIамуна классалъул санитаркалъун. Жакъаги кIудияб рокьигун ракIалде щвезаюла гьелъ ЦIобокьМиякьое хъизангун гочарай Заза МухIамадовна.

   Микьго класс лъугIидал, инсуца гьей щвезаюна Каспийск шагьаралда бугеб медучилищеялде. Гьеб лъугIидал, тIад юссана Октябрьское росулъе.

   — Байбихьуда колхозиял лъимал гьарулеб рукъилан цIар лъураб бакIалда акушеркалъун хIалтIана. Гьенибго ясли-ахги букIана. Бажарухъе хIалтIи нухда бачана. Хадуб, рагъул ветеран СагIадула МухIамадов мустахIикъаб хIалхьиялде индал, гьесул бакIалда медпункталъул нухмалъулейлъун тIамуна.

   Лъидаха лъалареб кигIан захIмат букIунебали росдал гIадамазул сахлъи цIуниялъул хъаравуллъуда ругезе. Шагьаразда гIадин, росабалъ букIунаро ахIарабго бачIун рагьда чIолеб хехаб кумекги, хIалбихьи бугел тохтурзабиги.

   — Цо къоялъ Шумайсатил вас Билал унтун вугилан ахIи бахъана. Щвана унтарасухъе, балагьана, гIенеккана, унтараб бакIалъул хIакъалъулъ мухIканлъи лъазе Билалилгун кIалъа-басай гьабуна. Гьел киналго тадбиразул хIасилалда, щаклъи ккана унтарасул бакьазулъ онкологияб унти букIиналда. Хехаб къагIидаялда больницаялдеги щвезавун анализал гьаридал, дица абухъе ба- тана. Билалие операция гьабуна ва кватIичIого мадарги лъугьана. Жакъаги гьев сах-саламат вуго, — ян ракIалде щвезабуна ПатIиматица ккараб цо лъугьа-бахъин.

Гьединал ишалин абуни рукIана цIакъго гIемер. ХIатта, гьелъ бицухъе, яхъун чIунго кваназецин ругьунлъана гьей. Гужгатги, пухалъул кIазги тIаса бахъараб заман дагь букIана гьелъул гIумруялъулъ.

— БитIун рокъое щун гIака бечIчIизе лъугьиндал екерун ячIана Загьиратил яс СагIидат. Эбел квешго унтун йигин бицана гьелъ. Унтарай хехго щвезаюна Хасавюрталъул райбольницаялде. Руччабазул рахъалъ унти букIин дида лъалеб букIана, гьединлъидал гинекологиялъул отделениялда хехаб къагIидаялда Загьиратги егизаюн, гьелда аскIой гьелъулго яс СагIидатги тун, дун рокъое тIадги юссун дирго гIака бечIчIизе жуяна. Гьаб нухалъги течIо байбихьараб иш рагIалде бахъинабизе. Совхозалъул бухгалтер ПатIуч лъимер гьабизе мех щун унтун йигин ахIи бачIана. ПатIучги больницаялде щвезайизе ине ккана. Рокъое щведал, лъабабизеги гIака бечIчIизе жуярай дида якьад Марямица абуна: «ПатIимат, дир яс, дуца цояб гьабизе ккола. Ялъуни гIачиги хьихьун хIалтIиги тун гIодой чIа, ялъуни гIачи базаралдеги рачун риче», — ян. ГIачи ричана. Лъималазе рахьги мадугьалзабазухъа босулаан.

   Якьадалъулгун гьеб хабар ккун нахъисеб къоялъ ругьел бачIана больницаялъул тохтурзабигун Загьиратил яс ягъун йигилан. Жиндир эбел агъаз гьабичIого тун йигинги абун, кодобе щванщинабги босун кIанцIун йиго СагIидат гьезде тIаде.

   Гьединал хIужабиги хIисабалда росун, дица хIукму гьабуна районалъул данделъиялда цееги яхъун, депутатаздаги активалъул чагIаздаги бицине сахлъи цIуниялъул рахъалъ районалда бугеб хIехьезе кIолареб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ. Яхъана. КIалъана. Бицана туберкулез сах гьабиялъул больница- ялда тохтурзабаз ришватал ро- сиялъул хIакъалъулъги. Гьанире регизе рачIунел унтаразда жидерго бусен-къайиги босун рачIаян абиялъулги, дараби гьечIолъиялъулги, хехаб кумекалъул машина жиндир заманалда росабалъе бачIунарого букIиналъулги хIакъалъулъ. ТалихIалъ, гьеб данделъиялда вукIун вуго, гьеб дида лъачIо, республикаялъул сахлъи цIуниялъул министрасул заместительги. Гьеб цIакъ лъикIги ккана. Нахъисеб къоялъго, туберкулезалъ унтаразул баяназда рекъон, больницаялда ахIвал-хIал лъикIлъанинги абун, дие баркала загьир гьабуна хIинкъи гьечIеб кIалъай гьабуралъухъ районалъул депутатаз, — ан бицана ПатIиматица.

   Ункъоялда анцIабилел соназул авалалдайин абуни ПатIимат ахIана Хасавюрт райадминистрациялъул бетIер ГIабдурахIим Бексултановас жинхъего ва абуна дуца Октябрь- ское росдал администрациялъе нухмалъи гьабизе кколин. Гьейги разилъана.

   Хадусеб къоялъ росулъе вачIана райадминистрациялъул вакил, ракIарана росдал советалъул депутатал, тIоритIана рищиял. Гьезул хIасилазда рекъон, гьей йищана росдал бегавуллъун. Гьеб букIана 1990 соналъул ихдал заман.

   — ПатIимат, дир ригьалъул чагIаз рецц-бакъ гьабун, лъикIаб къимат кьолеб буго жакъаги дуца хIалтIулъ бихьизабураб бахIарчилъиялъе, гьекъел-мехтелалде данде рагъ бан гьабулеб букIараб хIалтIуе. Гьелдасанищ дурго хIалтIи байбихьараб?

   — Сундасанха байбихьизе кколеб букIараб? Бищун кIудияб малгIун, инсанасул гIумруялъе хвалил хIинкъи бугеб лъим чохьонибе тIолел магIна гьечIел гIадамал гIадлуялде рачине хIаракат бахъиялдаса гурони. Гьекъолеб жо сабаблъун къадаралде щвана гIемерисел. Амма кантIизаризе, битIун бицани, бажаричIо дихъа. Гьеб загьруман сабаблъун дица моцIалги цIан судалъул хIукмуялдалъун туснахъ гьаруралцин рукIана росулъ. Гьанже гьеб суал, гьекъолел чагIи цоцо ругониги, дагьаб гIодобе буссун буго. Аллагьасдехун руссаразул къадар цIикIкIана.

  Эбел-инсуца жидерго лъималазул гIадин тIалаб гьабулаан ПатIиматица росдал гIадамазул. Радал яхъун росу тирулаан, рокъорокъое яккун цIех-рех гьабулаан, барщарал рекъезарулаан.

   — Бикъизеги босизеги ресал доб мехалъ кигIанги рукIана. Амма дица гьабичIо гьеб хIарамаб жо, — ян ракIалде щвезабула ПатIиматица. — Доб мехалъ рукъзал разе ракьал ричун росиги жеги баккун букIинчIо, лъие цебе-нахъе хур кьелебали сияхIалги гьарулел рукIинчIо. Дида жакъаги бичIчIуларо щай гьел цIарал хъвазе кколел, щай рукъ базе бакIалъе ракь кьезе ирга чIезабизе кколебали. Лъеберго тIалаялъул зодобе бахараб лъабнусго хъизамалъе бараб мина бугони, батIияб иш буго. Гьениб ракь буго бикьун кьолеб. Хисун руго нухмалъулел. Хадубккунисеб иш жидее бокьухъе хIалтIизабулеб буго, — ян ракI унтараб хабар бицана ПатIиматица ва тIадеги жубана, — валлагь, хутIичIо гIумруялъулъ дида бихьичIеб чIегIераб-хъахIаб. Сундасаго рази йиго. АлхIамдулиллагь. ЦохIо хутIараб анищ буго хIежалда щвей. Гьебги Аллагьасул кумекалдалъун тIубазе хьул буго исана.

   Гирай ХIАЙДАРОВ