Чаранги хIулиги цохIого рекIелъ

БетIергьанас кинабго

Бижун бугеб камилго

 — Мунги, дунги, дунялги,

 Зобги ракьги, рокьиги.

Расул ХIАМЗАТОВ

 

    МугIрузда гIурал гIемерисел руччабазул хасияталъулъ бессун батула лъадарараб чаранги, ракI биунеб недегьлъиги. Жидеда бихьулеб къоялъул пикру гьабичIого, бихьинчиясул къадру борхизабулеб, цо батIияб пахрулъиги букIуна гьезулъ. Мисалалъе букIине гьаниб бицина Шамил районалъул ГьентIа росулъ ккараб гьитIинабго лъугьа-бахъиналъул хIакъалъулъ.

    Дадинибе тIун щарги тун ун йиго чIужу магъилъе. «Жакъа чIужу йохизаюн лъикI», — инги абун, копоего чIван, буссинеги гьабун тола росас щар. Къаси рокъое щведал рукъалъул ишалги тIуран, чIужу жуяла щар чIвазе. «ВахI, гьалъул сас буссараб гIадаб гурищ бугеб?» — инги абун, дадиние як- кидал, тIад нахги ккун батула щар. «Вай, щийгIаги ячIун йикIарай жакъа нилъехъе гьадигIан лъикIаб иш гьабизе», — йин гьикъула гьелъ росасда. Гьесги, велъулаго жаваб кьола, щийниги ячIун йикIинчIин, чIалгIадего чIван жинца буссинабунин. «Ия, щибжо-я? Унго, батиларо?! Росас чIвалеб жойищ щар, росдадаго суриларищ нилъ?! Цеве чIезавеха щар чIвалев бихьинчи! Валлагьги хIалтIизабиларо дица гьаб кваниеги, хIайваналъецин кьеларо!» — ян ахIулаго, къвалакь дадги ккун, рагьдухъе уна гьей.

   «Йо, чIужу, мун гьаглъунищ? Нахцин тIаса босичIеб щар кибе дуца тIолеб?» — ин ахIула росас.

    «Гьале гьанибе, мичIчIилъе! Нах бокьун букIун батани чIвачIого тезе кколеб букIана. Киндай вукIана дадида нахъа, ва-гьа-гьай».

    Гьале гъой чаранги хIулиги рекIелъ бугей магIарул чIужу­ гIадан. Гьединал улбуз гIе­зарурал васалги пахруял рукIи­нарищха.

 

    ЦОЦАЙ КЪУВАТ КЬОЛЕБ ЗОБГУН РАКЬ ГIАДИН

 

     Цо нухалъ ГьентIе щварав чи, макъратIисалъ махх гIадин, кIиабизеги цIцIала гьениве. Жалго рокьизарулеб гIаданлъиги, гIадатлъиги, рекIел гIатIилъиги буго гьезул гIадамазулъ. Бищунго тату кьола гьезул харабазулгун накъиталъ.

     Гьалбал тIаде рачIун бугеб рохел загьир гьабулаго щобил бакъан биччана нижее цо нухалъ, ункъоялда анкьилъе яхарай Дабдил АхIматIил ПатIиматица.

    — Ворея, тIадчIвая мунги, — ян абуна гьелъ, къан дир кверги ккун.

  Бажари бугей гIадай жо йихьулей йигин мунилан т1адеги жубана.

    -Эбел, гьай гьоболалъ кечI ахIуларо, ахIулезе хъвала, — инги абун, дун хвасар гьаюна гьелъул кIудияй яс ПатIиматица. – Ва, гьеб жеги цIакъаб гьунар, — инги абун, дир квер кIобокIана гьелъ.

    Ригь арай ПатIиматица биччалеб бакъан камилаб бугониги, рагIабазул мухIканлъи гьечIоан. Цо чанго соналъ цебе ккараб инсульталдаса хадуб, лъимер гIадин цIидасан кIалъазе, галаби тIамизе ругьунлъана гьей. Какилъ къосинчIого йикIине дугIа-алхIамги бугоан чIахIахатIалъги хъван, ПатIиматида цебе къеда седон. Унтун хадуй ПатIимат лъималазухъ чIечIо, росасде, мина-къаялде мугъ рехун шагьаралда йикIине бокьичIолъиялъ.

    — ТIад абизе рагIи гьечIеб, росуго берцин гьабулеб хъизан буго Магьдилазул ГъазимухIамадил, — ин абула гьентIасез.

    ГьитIинго Чачаналде гочинарун, гьениса магIарухъе тIад руссарал, рагъул заманалъул хъачIлъи лъимерлъудаго лъарал, анкьго лъимер гIезабулаго гIемераб гIетI тIун магIишат гIуцIарал гIадамал руго гьел.

    Намусав, калам дагьав ГъазимухIамадги аваданай, рагIи бегIерай ПатIиматги цоцае къуват кьолеб зобгун ракь гIадин руго.

    Берцинго къачIараб ахгун бахча, узданго сокIкIарал найил тIалаби — бахилаб чIаголъиялда цIунун буго магIишат, ункъоялда щуйилъе вахарав ГъазимухIамадица. МагIарухълъиялдаса тIун рукIине кIоларел, росу-ракь къиматал гьезул лъималазги ризго бухьуна сапар эбел-инсухъе.

 

     ЖАЛГО ХЕРЛЪАНИГИ, РАКIАЛ ТIЕГЬАРАЛ

 

    Иргадулаб нухалъ гьезухъе гьаболлъухъ уней дихъ буго ахикьа бакIарараб гьайбатаб тIогьол квацIи. Жалго херлъаниги, ракIал тIегьарал рос-лъади данделъаралдаса 60 сон тIубай барки буго гьаб нухалда дир мурад.

    Гьезул авал-къоноялдаса буго берцинго ахIулеб мавлидалъул сас. Радалго райцентралде-нахъе гIедегIун хьвадулеб, росдал щибаб авалалде щун кинабго кавудахъ лъалхъулеб бихьулеб буго ГъазимухIамадил хъахIаб «Нива» машина. Мавлидалде рачIине бажаричIел росуцоязул щибаб гъасде жинцаго щвезабулеб буго гьес садакъа.

    — Гьадинаб къагIидаялъ гьабун лъикIин ккана дида ниж данделъиялъул юбилей, — ин абуна ГъазимухIамадица дир баркиялъе жавабги гьабулаго.

    Бечедаб тIутI буго рокъоб гьалбадерие тIибитIун, нух битIулаго щивасул кодоб лъолеб буго нигIматазул къвачIа. КигIан ресалда ругониги, лъималазул гъурущ гъорлъ жубазеги биччан гьечIо гьез.

    — Жакъа гIемерал гIадамал рихьана, ракI цIилъана, рохел буго кIудияб, — ин абулеб буго гьалбал къиматай ПатIиматица разиго. – Гьалбал кваназаре, кодобе садакъа кье, — ян киназулго рагъа-ракариялда хадуб халкквейги бугоан гьелъул.

    ГIемер захIмат бихьун берцинаб яшав гIуцIарал гIадамал руго гьел. Лъималги куцана захIмат бокьулеллъун. ЧIужуялъе недегьав вугониги, лъималазе ГъазимухIамад вукIана кьварарав. Гьесул васаз гьанжеги бицуна рукъалъул къед гьабулеб гамачI лъарахъ чуризе инсуца жалго тIамиялъул. Школалдаса рачIун хадув щивав васасда тIад лъураб къадар ганчIил щибаб батIа-батIаго чурун инсуда аскIобе щвезабулаан.

    Гъоб заманалда росабалъ къанагIатаб маххул кварил хьури (сетка) хьухьунеб станок букIана ГъазимухIамадил рокъоб. Ясал, васал батIалъи гьечIого, киналго лъималазда тIад лъураб план букIунаан сетка хьухьизе. Школалдаса рачIингун гьеб тIадкъайги щивас тIубалаан.

    — Бищун чIахIиялги рукIун, сетка хьухьиялъул цIикIкIун хIал МухIамадидеги дидеги кколаан, — ин ракIалде щвезабула ГъазимухIамадил кIудияй яс ПатIиматица. — Дирго планги тIубазабун, магъилъе, колохъе ине гъира балаан.

    ЗахIматалъ черх лъадарарав ГъазимухIамад пашманго валагьулев вуго гьанжесеб гIелалъул гIунгутIабазухъ.

   — Телефоналде руссун лъимал рихьидал цIакъ ракI унтула дир. ХIалтIизе ругьун гьарулел гьечIо гьел эбел-инсуца. Щиб малъунги гIадада тезе бегьуларо лъимал. ГIолилал лъугьунел руго къо хIехьоларел, захIмат баччуларел. Гьелъ цIикIкIунел руго гIуцIун рахъиналде риххулел хъизамалги. Гьаб гьарзалъиялъул къимат лъаларел наслаби гIолел руго. Нижер гIелалъул гIумру захIматаб бугониги, рекIелъ цIа, чорхолъ жан, жавабчилъи бугеб букIана.

   Армиялда хъулухъ гьабизе Украинаялде ккарав кIудияв вас МухIамад, цIализеги Одессаялъул университеталде лъугьана. Гьес хадур цIан хутIарал вацазги тIадегIанаб лъай Украинаялда босана. Гьенир цIалулаго, къецазда гIахьаллъун, Магьдиевазул васаз росана спорталъулъ чIахIиял бергьенлъаби. Вацазул лъабгояз яшав Украинаялдаго гIуцIана. Гьезул кIудияв, халкъазда гьоркьосеб «Мангуст» спорталъул премиялъул учредитель МухIамад Магьдиев цIар рагIарав чи вуго. Гьесул хъулухъалъул, машгьурлъиялъул бажариялъул хIакъалъулъ хадусеб нухалъ бицине тела. Къокъго абуни, эбел-инсул рокъор кьварараб низамалъ лъадаризарурал лъималаз жалго ругеб бакI берцин гьабулеб буго нилъер улкаялдаги гьеб бахун къватIибги. Гьеб буго эбел-инсул анищ тIубай. МагIарухъ гьединал хъизамал гIемер дандчIвала. Кинаб заман бачIаниги, как течIел, жидер ракьалъул бакънал кIочонарел, годекIаниб гьуинаб накъит цIунарал — гьединал гIадамал ругебгIан мехалъ букIина росдал гIумруялъул тату.

 ПатIимат ГЬИТIИНОВА