Цого хIалтIухъ — цого харж
«ДРялда «Лъайкьеялъул хIакъалъулъ» закон гIумруялде бахъинабиялъул хIакъалъулъ»
абураб суал цебелъуна миллияб библиотекаялда тIобитIараб данделъиялда
Данделъи нухда бачана Халкъияб Собраниялъул председателасул заместитель Елена Ельниковалъ. Гьелда гIахьаллъана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутаталги, ДРялъул хIукуматалъул членалги, министерствабазулгун ведомствабазул ва ЖамгIиял палатабазул вакилзабиги, жамгIиял гIуцIабазул нухмалъулелги, журналисталги.
Республикаялъул лъайкьеялда, хасго школаздагун лъималазул ахазда, бугеб хIалалъул хIакъалъулъ бицана Елена Ельниковалъги, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул лъайкьеялъулги, гIелмуялъулги, культураялъулги, гIолилазул ишазулги, спорталъулги ва туризмалъулги комитеталъул председатель Мурад Пайзулаевасги, ДГУялъул ректор МуртазагIали Рабадановасги ва цогидазги. Аслияб кIалъай гьабуна ДРялъул вице-премьер – ДРялъул лъайкьеялъул министр Уммупазил ГIумаровалъ. Гьелъул пикруялда рекъон, цин учителасул букIине ккола лъикIаб квалификация, хадубккун гьеб камил гьабизе ккани. «Гьесие гIуцIизе ккола лъикIал шартIалги кьезе ккола мустахIикъаб, гьабулеб хIалтIуда рекъараб харжги. Лъайкьеялъул идараби рукIине бегьуларо жагъаллъараллъун. Щибаб школалъул минаялда жанибго букIине ккола хинаб хIажатханаги. Щибаб соналъ Дагъистаналда гьарула гIемерал лъимал. Масала, исана 1462 школалда вуго 405 азарго цIалдохъан. Лъималазул ахикье хьвадула 100 азаргоялдаса цIикIкIун лъимер», — ан бицана министралъ. Гьезул лъай мукъсанаб бугинги абун, гьелъ рачана гьадинал хIужаби: ичIго класс лъугIизабула гIага-шагарго 35 азарго цIалдохъанас. Гьезда гьоркьоса 11 класс лъугIизабула 13 азаргогIанасев чияс. Дагьлъун руго аттестат гьечIого хутIулел цIалдохъаби (гьединазул буго кIиго процент) ва цIикIкIунел руго 80-ялдаса цIикIкIун балл щварал лъималги. Амма меседил медалал щварал цIалдохъабазул киназухъаго бажаричIо тIадегIанал баллазда ЕГЭ кьун.
Бицана гьелъ министерствоялъ гьабураб школазул паспортизациялъулги, автобусазул халгьабиялъулги, цIалулгун методикиял тIахьал росиялъулги, рахьдал ва ингилис мацIазул учительзаби гIолел гьечIолъиялъулги ва цогидалги масъалабазул хIакъалъулъ. ЦIиял школал раялъул хIакъалъулъ бицунаго, масала, министралъ абуна кIинусгогIан гурони цIалдохъан гьечIеб бакIалда 400 чиясе бакI бугеб школа бай битIараблъун рикIкIунарин абун.
ДРялъул Халкъияб Собраниялъул лъайкьеялъулги, гIелмуялъулги, культураялъулги, гIолилазул ишазулги, спорталъулги ва туризмалъулги комитеталъул председателасул заместитель ХIамидулагь МухIамадовас бицана Халкъияб Собраниялъ тIоцебесеб цIалиялда тасдикъ гьабунин учительзабазул харж цIикIкIинабиялда бан хIадурараб законалъул проект. Гьелда аслияб кIварбуссинабун буго учителасул харж цIикIкIинабиялде. «Харжалъул 80 процент букIине ккола базаялъулаб оклад ва 20 процент – гъирабазабиялъул бутIа. Гьедин гурони бажаризе гьечIо учителасул къадру борхизабизеги, гьеб махщалие цIализе ине гIолилазулъ гъира бижизабизеги, хасго учительлъун хIалтIизе ине бихьинчиясул пикру ккезеги», — ян бицана гьес.
Табасаран районалъул бетIер ГIалавудин Мирзабалаевас бицана районалъул бюджеталде бачIараб ва лъайкьеялде биччалеб гIарцул хIакъалъулъ: щибаб гъуршил мухIканаб «сапар» бихьизабуна гьес ва бичIчIизабуна, гьабсагIаталда лъайкьеялде кьолеб гIарац цIакъго дагьаб бугеблъи. Северияб Кавказалъулги Россиялъул цогидал регионазулги учительзабазул харжазде дандеккун, Дагъистаналъул учителасе кьолеб харж цIакъго дагьаб бугин абураб пикру загьир гьабуна ДРялъул лъайкьеялъул хIалтIухъабазул профсоюзалъул комитеталъул председатель МухIамад Амиродиновасги. Гьебго пикруялъул рахъккун кIалъана школалъул директорзабазул вакилги. «Москваялдаги, Владивостокалдаги, Грозныялдаги ва цогидал бакIаздаги хъулухъ тIубалев аскариясе яги низам цIунулел идарабазул хIалтIухъанасе харж кьола цого къагIидаялда. Щай учителасе гьедин кьолареб? Гьесги гурищ цого масъала тIубалеб бугеб, кинаб регионалда хIалтIулев ватаниги?» — ян суал кьуна гьес.
Кавсарат Сулейманова