Анкьил хIасилал

ДРялъул бетIерасул сапарал ва дандчIваял

 

ЦIияв инспектор

21 ноябралда Дагъистаналде вачIун вукIана РФялъул президентасул СКФОялда вугев вакил Олег Белавенцев.
Олег Белавенцевас Дагъистаналъул нухмалъиялъулгун лъай-хъвай гьабуна федералияв инспекторлъун республикаялде тIамурав Алексей Горловасулгун.
Белавенцевас бицана Алексей Горловас хъулухъ гьабулеб букIанин хIинкъи гьечIолъи цIуниялъул федералияб хъулухъалъул идарабазда ва абуна Дагъистанги гьелъул масъалабиги гьесда лъикI лъалинги.
Горловасда цеве гьеб хъулухъалда вукIана Василий Колесников. Пайдаяб ва бадибчIвай щвечIеб хъулухъ гьабуралъухъ гьесие кьуна РФялъул президентасул администрациялъул ХIурматалъул грамота.
Алексей Горловас рагIи кьуна, республикаялъулги федералиялги идарабазулгун лъикIал бухьеналги гьарун, жигар бахъизе бугин Дагъистаналъул социалиябгун экономикияб цебетIеялъул мурадал тIуразе.

КЭМЗалда

21 ноябралда РФялъул президентасул СКФОялда вугев вакил Олег Белавенцевги ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевги щвана Гъизляралде.
КЭМЗалъул генералия­в директор Ибрагьим АхIма­тIовас гьалбадерида рихьизаруна цехал ва гьениб гьабулеб МАИ-411 самолетги. Гьелъул проект хIадурун буго Москваялъул авиациялъул заводалъул конструктораз.
Заводалда церечIарал масъа­лабазул бицунаго, ге­не­ралияв директорас абуна, Москваялда хIалбихьиялъул рорженазе кумек хIа­жат бугин. Олег Белавенцевас рагIи кьуна заводалъул проект гIумруялде ба­хъиналъе квербакъизе.
Гьелдаса хадуб Олег Белавенцевги Владимир Васильевги щвана Гъизляралъул коньяк гьабулеб заводалдеги, «Гъизлярагрокомплекс» – «Дарман» ОАОялдеги.

Тохтурзаби хIажат руго

Олег Белавенцевги Владимир Васильевги щвана Гъизляралъул централияб больницаялдеги.
Гьез гара-чIвари гьабуна унтаразулгунги больницаялъул хIалтIухъа­ба­зулгунги. СКФОялда вугев РФялъул президентасул вакил Олег Белавенцевас тохтурзабазда гьикъана харжаздаса рази ругищинги.
Больницаялъул бетIерав тохтур Ибрагьим ГIалиевас бицана, гьоркьохъел харжал рекъонккезарун ругин киналго больницабазда къабул гьарурал роценазде. Гьес абуна, хIалтIи камилго гьабулел чагIазе гъирабазабиялъул бутIаялдасаги тIаде жубалинги.
Хирургиялъул отделениязда регарал унтаразда Олег Белавенцевас гьикъана квенги дарабиги заманалда щолищан. Гьезги жаваб кьуна, больницаялда гIуцIарал шартIаздаса жал рази ругин. Амма Ибрагьим ГIалиевас абуна тохтурзаби гIолел гьечIолъи бугин аслияб масъалайилан.

Транспорталъул инфраструктура

Владимир Васильев дандчIвана СКЖДялъул начальник Владимир Пястоловгун.
ДандчIваялда гIахьаллъана ДРялъул бетIерасулги хIукуматалъулги администрациялъул нухмалъулев Владимир Ивановги, рехсараб администрациялъул гIуцIиялъулгун проектазулаб управлениялъул начальникасул ишал тIуралев ГIабулмуслим ХIаниповги, ДРялъул тарифазул хъулухъалъул нухмалъулесул ишал тIуралев ГIумахан Амирхановги, Северияб Кавказалъул маххул нухазул (СКЖД) начальникасул заместитель Сергей Дмитриевги, «РЖД» ОАОялъул СКЖДялъул МахIачхъалаялъул территориалияб управлениялъул филиалалъул начальникасул заместителасул ишал тIуралев Муфридин МухIамадовги.
Данделъиялда бицана РЖДялъул цебетIеялъул хIакъалъулъ. Хасаб кIваркьуна поездал цIигьариялдеги, шагьаразда гIагарлъухъе поездал хьвадизариялдеги, тарифал рекъезариялдеги.

Бухьеназул кьо

Владимир Васильев дандчIвана инсанасул ихтиярал цIунулей вакил Уммупазил ГIумаровагун. ДРялъул нухмалъулесул ишал тIуралес кIудияб къимат кьуна омбудсменасул хъулухъалъе ва абуна инсанасул ихтияралги эркенлъиги цIуниялъул кIудияб кIвар бугилан.
Уммупазил ГIумаровалъги бицана ихтиярал цIуниялъе гIемераб хIалтIи гьабулеб бугин ва гьадин абуна: «Нижер жамгIияб институт унаро цониги власталъул бутIаялде гъорлъе. Гьелдаго цадахъ, гьеб буго гражданаздаги власталъул идарабаздаги гьоркьоб бухьен гьабулеб кьолъун», — ан.

Нухазул карта

20 ноябралда ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Владимир Васильевас тIобитIараб данделъиялда.
ГIахьаллъана ДРялъул хIукуматалъулги министерствабазулгун ведомствабазулги вакилзаби.
Данделъиялъул хIасил гьабулаго, Владимир Васильевас хIакимзабазда тIадкъана республикаялъул транспорталъул рахъ камил гьабиялъул хIакъалъулъ «нухазул карта» хIадуреян ва гьеб жинда цебелъеян.

Инвестициязул проектал

ДРялъул хIукуматалда бицана республикаялъе кIвар бугел масъалабазул хIакъалъулъ.
Гьелда рукIана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул нухмалъулелги, ДРялъул хIукуматалъулги ДРялъул бетIерасулги хIукуматалъулги администрациялъулги вакилзаби. ГIахьаллъана гьелда МахIачхъалаялъул мэриялъул хIалтIухъабиги.
Данделъиялда бицана, «2025 соналде щвезегIан СКФОялъул цебетIей» абураб федералияб программаялда рекъон, федералияб бюджеталдаса гIарацги кьун, гIумруялде рахъинарулел инвестициязул проектазул хIакъалъулъ.
ДРялъул хIукуматалъул председателасул ишал тIуралев ГIабдусамад ХIамидовас ракIалдещвезабуна, 2017 соналда, рехсараб проекталда рекъон, гIумруялде рахъинаризе кколел рукIарал инвестициязул проектал. Гьес абуна, гьел проектал кидаго рукIунин РФялъул Северияб Кавказалъул министерствоялъул берзукь.
«Россиялъул Северияб Кавказалъул министерствоялъул инвестициязул проектазул рахъалъ гIуцIараб Ведомствабазда гьоркьосеб хIалтIул къокъаялъ тIасабищана Дагъистан Республикаялъул лъабго проект: МахIачхъалаялда “АгроМир” ООО абураб теплицабазул магIишат баялъулги, “Югагрохолдинг” ООО абураб теплицабазул магIишат Ленинкенталда баялъулги, Капир-Гъумухъ росдада гIагарлъухъ гипс ва гипс гъорлъ бугел материалал хIадурулеб завод (ООО “Матис”) баялъулги проектал. Гьел проектал заманалда гIумруялде рахъинаризе абун, гIуцIун букIана хасаб ведомствабазда гьоркьосеб къокъаги», – ян абуна гьес.
ДРялъул предпринимательствоялъулги инвестициязулги агентствоялъул нухмалъулев Башир МухIамадовас бицана проектазде биччан букIараб гIарцул хIакъалъулъ. Гьес абуна федералияб бюджеталдаса кьунин 500 млн гъуруш ва лъагIалил ахиралде гьелдаса пайдаги босизе кколин.
ДРялъул бетIерасулги хIукуматалъулги
администрациялъул пресс-хъулухъ