Ахираб кIиго соналда жаниб тахшагьаралда гьабуна цебеккун киданиги гьабун букIинчIебгIан гIемераб хIалтIи
Тарихалъ нугIлъи гьабула
Биценалда рекъон, жакъа МахIачхъала бугеб бакIалда анкьабилеб гIасруялда хазаразул Семендер абулеб шагьар букIун буго.
МахIачхъалалъул тарих бухьараб буго гIурусазул пача Петр ТIоцевесесул цIаралдаги. 1722 соналда гьев щун вуго гьениве, ва жакъа маяк бугеб бакIалда гьес лъун буго гамачI. Цадахъ рукIараздеги амру гьабун буго гьедин гьабейин. Гьедин гьениб лъугьун буго щулалъи.
1857 соналъул 24 октябралда Порт-Петровск щулалъи лъугьана Порт-Петровск шагьарлъун. XIX гIасруялда гьениб гьабуна гумузе чIезе санагIатаб бакI, хадуб лъуна Владикавказалъулгун ва цогидал шагьаразулгун бухьен гьабизе маххул нух. 1876 соналда бана пивзавод, 1878 соналда – типография, хадуб тамахьо гьабулеб фабрика. XX гIасруялъул авалалда рагьана кагъат гьабулеб «Каспийская мануфактура» фабрика. 1914 соналда — нартил завод. Гьебго соналъ, Каспиялда ччугIа гIемер букIиналдаса пайдаги босун, хIалтIизе лъугьана ччугIил нигIматал гьарулеб промышленность, хадуб – чирмакъалал гьарулеб завод.
1921 соналъул маялда тахшагьаралъе кьуна МахIач Дахадаевасул цIар.
Рагъда цересел соназда МахIачхъалаялда рана заводал, фабрикал, рагьана социалиял объектал: школал, библиотекаби, больницаби, культураялъул кIалгIаби, рагьана пачалихъияб педагогикияб институт.
Байрамал ва нахъеги байрамал
24 сентябралда МахIачхъалаялда тIобитIана тахшагьаралъ 160 сон тIубаялъул юбилей. Байрамалъул тадбирал унел рукIана тахшагьаралъул лъабабго районалъул батIи-батIиял майданазда.
Байрам байбихьана ГIурус театралда цебе тIобитIараб «ЦIамаури» фестивалалъул тадбиралдасан. Гьелда гIахьаллъана машгьурал кочIохъабиги кьурдухъабиги.
Тахшагьаралъул бетIер Муса Мусаевгун цадахъ махIачхъалаялъулазда байрам баркизе лъабабго районалъул майданазде рачIана МахIачхъала шагьаралъул депутатазул собраниялъул председатель Абулмуслим МуртазагIалиев, МахIачхъалаялъул Советский районалъул бетIер Пахрудин Залибеков, Ленинский районалъул бетIер МухIамад Алхасов ва Кировский районалъул бетIер СалихI Сагидов, Россиялъул субъектаздаса ва къватIисел пачалихъаздаса рачIарал гьалбал.
Шагьаралъулазда юбилей баркана МахIачхъалаялъул бетIер Муса Мусаевасги нилъер тахшагьаралда вацлъи рагIизабураб турказул Ялово шагьаралъул мэриялъул вакил Мехмет Биролица Озсюмер. Гьес абуна ахирал соназда МахIачхъалаялъул сипат-сурат лъикIлъун бугин, божулила гьеб тIегьазеги бечелъизеги букIиналда.
Родопалъул бульваралда бугеб шахматазул клубалда делегация дандчIвана халкъазда гьоркьосев гроссмейстер Жакай Жакаевас тIобитIулеб шахматазул къецалъул гIахьалчагIигун.
Авар театралда цебе бугеб майданалда букIана культуриябгун спортивияб байрам. Шагьаралъул бетIерас абуна:
«160 соналда жаниб нилъер шагьаралъ нахъа тана кIудияб тарихияб нух. Ахираб кIиго соналда жаниб МахIачхъалаялда гIемерал хIалтIаби гьаруна. ГIуцIана цIияб форматалъул анкьго паркалъулаб зона. Авар театралда нахъа исана хIалтIизе буго цIияб фонтан. БачIунеб соналъ цIигьабун къачIазе буго Родопалъул бульвар. Федералияб программаялъул кьучIалда цохIо исана МахIачхъалаялда къачIазе буго 60 къватI ва шагьранух, 50 азбар», — ан.
МахIачхъалаялъул пляж сверизабун букIана рагьараб музеялде. Байрамалъул хIурматалда гIолохъанал скульптораз, ай МахIачхъала шагьаралъул художествиял школазул цIалдохъабаз салул батIи-батIиял суратал ва сипатал гьарулел рукIана.
Юбилеялъул хIурматалда ПатIимат ХIамзатовалъул цIаралда бугеб Дагъистаналъул изобразительниял искусствабазул ва МахIачхъалаялъул тарихалъул музеяз, жидерго коллекциялги цолъизарун, байрамалъул къоялъ тIобитIана «Гьайбатаб МахIачхъала» абураб выставка. Гьенир рихьизе лъун ругоан Дагъистаналъул художниказ 1950 соналдаса жакъа къоялде щвезегIан рахъарал шагьаралъул гIумруялъул бицунел суратал.
Юбилеялъул къоялъ МахIачхъалаялъул «Устарзабазул шагьар» паркалда тIобитIана халкъиял художествиял тIагIелазул ярмаркаги.
Байрамалъул киналго майданазда лъималазе гIуцIун рукIана батIи-батIиял къецал, хIаял, фестивалал, суратал рахъиялъул ва расанкIаби гьариялъул мастер-классал.
Гьеб къоялъ байрамалъул аслияб тадбирлъун лъугьана МахIачхъалаялъул аслияб майданалда тIобитIараб «Дир тахшагьар» абураб гала-концерт. Гьенир данделъаразе саламги кьун, юбилей баркана МахIачхъалаялъул бетIер Муса Мусаевас. «Ралел руго школал, лъималазе ясли-ахал, медучреждениял, нухал, рукIалиде ккезабулеб буго инфраструктура. Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповасул кумекги халкквейги букIинчIебани, гьадигIан кIудияб хIалтIи гьабун лъугьинароан»,- илан абуна М. Мусаевас.
Республикаялъул бетIерас бицана шагьаралъул тарихалъул хIакъалъулъ ва абуна жакъа МахIачхъала сверун бугин гьаб заманалъул мегаполисалде. «Шагьаралъулазда бихьулеб буго ахираб заманалда гIемераб хIалтIи гьабулеб букIин. Нужееги къваригIун буго тахшагьар рукълъун бихьизеги гьеб бацIцIадго цIунизеги. Араб соналъул хIасилазда рекъон, МахIачхъалаялъул предприятияз 10 млрд гъуршил багьаяб къайи гьабуна. Инвестициязул къадар бахана 41,3 млрд гъуршиде. Республикаялъул инвестициялъулаб программаялда рекъон, МахIачхъала къачIаялъе гъоркьиса биччан букIана цо миллиардгун 700 миллион гъуруш», — ан кIалъана Р. ГIабдулатIипов.
КIалъаяздаса хадуб, тахшагьаралъул аслияб майданалда тIобитIана кечI-бакъаналъулабгун театралияб шоу. Гьенир церерахъана жалго ругьунлъарал ва Россиялдаго машгьурал артистал.
Халкъалъул кIалдиса
Юбилейги баркун, байрамалде рачIарал цо-цоязулгун мухбирас гара-чIвари гьабуна ва гьезие кьуна гьадинал суалал:
1. Кинаб къимат кьелеб тахшагьаралъул архитектураялъе, экологиялъе ва санитарияб ахIвал-хIалалъе?
2. МахIачхъалаялъулазе щиб гьарилеб?
ХIажи ХIажимухIамадов, захIматалъул ветеран:
— Дун щвана Россиялъул ва Венгриялъул гIемерал шагьаразде, амма МахIачхъалаялдаса санагIатаб бакI къанагIатги батичIо. ТIадехун мугIрул, цебе ралъад, сверун гIатIилъи. Кинабго кьун буго Аллагьас барахщичIого. Квеш ккараб жо буго нилъеда гьеб бечелъиялъул къимат гьабизе лъангутIи. Шагьаралда гIемер гIунгутIаби руго. Масала, жамгIияб транспорталъул рахъалъ. ЖКХялъул багьаби руго хIехьезе кIвеялдаса арал. РацIцIа-ракъалъиялъул рахъалъ лъалеб мадар лъугьана, амма кьишни камулеб гьечIо.
Киназего гьарула сахлъи, рохел, халатаб ва талихIаб гIумру.
Милана Юнусова, ДГМУялъул стоматологиялъул кафедраялъул ординатор:
— Соналдаса соналде лъикIлъулеб буго шагьаралъул архитектураги, экологияги, къачIалел руго паркалги.
ЦIалдохъабазги студентазги жигараб гIахьаллъи гьабула кьишниялдаса шагьар бацIцIад гьабиялъул мурадалда тIоритIулел гваязулъ. Санитарияб рахъалъ къимат кьолеб бугони, жакъа МахIачхъалаялъе дица хIалакъабго ункъилаб лъела.
Медик хIисабалда, киназего гьарула щулияб сахлъи, гьуинлъи ва вацлъи.
Элеонора ГIалиева, республикаялъул сахлъицIуниялъул централъул бетIерав тохтурасул заместитель:
— 160 сон бараб шагьар «хераблъун» рикIкIине бегьуларо. Гьеб буго гьелъул унго-унгояб завал. Шагьаралъул архитектураги экологияги хIехьезе кIолеб хIалалдаса ун букIана, баркала Рамазание ва цIияв мэрасе, гьезул чIаголъиялдалъун МахIачхъалаялъул гьумер лъикIлъулеб буго.
Советазул заманалда шагьаралда букIана анцIгоялдасаги цIикIкIун фабрик-завод, гьез биччалеб продукция унаан улкаялъул киналго республикабазде гуребги, къватIисел пачалихъаздеги. Гьанжейин абуни гьеб гьечIо.
МахIачхъалаялъулазе гьарила щулияб сахлъи.
МухIамад МухIамадгIалиев, ДГМУялъул педиатрияб факультеталъул лъабабилеб курсалъул студент:
— Шагьар берцинлъулеб буго. Квеш ккараб жо буго цо-цо чагIаз гьеб чорок гьабулеб букIин. Масала, парказда чIучIараб семечкадул хъал гIемерисез гIодобе бала ва гьеб гIадлу хвезаби полициялъулазда «бихьуларо».
Нижер факультеталъул студентазул рахъалдаса баркула киназдаго юбилей. Гьарула гIаданлъи, лъикIлъи ва талихI.
Ибрагьим-хIажи Якъубов, захIматалъул ветеран, техникиял гIелмабазул кандидат:
— Дир минаялда аскIоб хIалтIизе байбихьана генерал Халиловасул цIаралда бугеб парк, гьениб буго цIакъ берцинаб лъималазул майдан. Шагьар бацIцIад гьабиялъул иш квеш гьечIо, амма гIадамазул гIадлу гьечIолъи буго квеш ккараб жо.
Диана Айвазова, МахIачхъалаялъул финансазулгун экономикияб колледжалъул студентка:
— ХIажат буго шагьаралда гIурччинлъи цIикIкIун чIезе, цIиял паркал гьаризе. Нилъер буго гьайбатаб тахшагьар. Дие гьаниб лъикIги буго. Дун цIакъ йохана, «Устарзабазул шагьар» абураб ахил берцинлъи бихьидал.
ГIумар МухIамадов, МахIачхъалаялъул финансазулгун экономикияб колледжалъул директорасул заместитель:
— Шагьаралда хьвадун, сураталги рахъун, нижер студентаз хIадурана «Дир МахIачхъала» абураб конкурс. Гьелда бихьизабулеб буго тахшагьаралъул кIодолъи, берцинлъи ва гьеб цебетIолеб букIин. Киназего бокьана «Устарзабазул шагьар», гьениб бихьулеб буго нилъер устарзабазул гьунар.
Шагьаралъулазе гьарула халатаб гIумру.
ГIунайзат Къурбанова, «МагIарул годекIан» гIуцIиялъул хIаракатчIужу:
— Нилъер гIадинаб берцинаб бакI дида кибго батичIо, амма лъалеб гьечIо гьелдаса пайда босизе. Нилъецаго хвезабулеб буго тIабигIат, чорок гьабулеб буго сверухълъи. Шагьар берцин гьабиялъул иш кинавго чияс жиндасанго байбихьизе ккола.
ГIадатияв чиясе цIакъ захIмат буго гIумру гьабизе, хIалтIи гьечIолъиялъ, гIолилал ине кколел руго къватIире.
Нури Нуриев