Россия – дир тарих

Республикаялъул бетIерас халгьабуна цIибалеб музеялъул

 

Тахшагьаралъул мэр Муса Мусаевгун ва ДРялъул ЖКХялъулгун бакIал раялъул министр Ибрагьим Казибеговгун цIибалеб музеялъул комплексалда гьабулеб хIалтIухъ балагьана Рамазан ГIабдулатIипов.
Гуманитариял проектазул фон­далъ ритIун рачIарал мультимедиялъулаб къайиялъе хIа­жа­тал алаталги лъун руго му­зея­лъул минаялда. Гьениб гьаб­сагIаталда хIадурулеб буго цIа свинабиялъеги, ток бачина­лъеги, жаниб бацIцIадаб гьава бу­кIинабиялъеги ва цогидалъеги санагIатал системаби. Бачунеб буго лъимги, лъолел руго лифталги.
Музеялда хIалтIизе ругел лекторалги, экскурсоводалги, цогидалги профилиял махщелчагIи ритIун руго цIализе Ставрополалде.
Музей рагьизе ракIалда буго тIоцебесеб сентябралда.

 

*** 

ГЛОНАССалъул къуват

28 августалда МахIачхъа­лая­лъул аслияб майданалде бачIун букIана 50 цIияб автобус. Гьезул халгьабуна ДРялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас.
ГIазухъахIал ПАЗазул хважаин ккола Санкт-Петербургалъул «Лъабабилеб парк» АОялъул Дагъистаналда бугеб филиал. Гьелъул нухмалъулев МухIамад Булатхановас бицана автобусал хIалтIизаризе ругел маршрутазул хIакъалъулъ. «2018 соналъул лъабабилеб кварталалде жеги 350-ялдаса цIикIкIун автобус щвезе ккола нилъее. Жакъа гьанир ругел автобусал хьвадизе руго 125, 125 «а» ва 146 маршрутазда. Ленинкенталъул гIадамазул гIемерал гIарзал руго гьенисан хьвадулел маршруткабазул рахъалъ. Шоферзабилъун рачине руго, тIоцебесеб иргаялда, рехсарал маршрутазда хIалтIулел рукIарал гIадамал. Гьелъие ихтияр кьолеб документ букIине ккола гьезухъ.
Автобусазда хIалтIизабизе буго ГЛОНАСС-системаги. Смарт­фон бугев чиясул рес букIине буго, гьабсагIаталда автобус щиб бакIалде щун бугебали халгьабизе. Гьелда рекъон автобус чIолеб бакIалде рачIине бегьула пассажирал», — ан бицана гьес.
Шагьаралъул гIадамазе са­на­гIа­лъи гьаби лъикIаб иш кколин абуна Рамазан ГIаб­дулатIиповас. Рес бугебани, Ма­хIачхъалаялъул автопарк тIуба­н­­го цIигьабилаанинги бицана ва гьеб ишалъе кумек гьабулел инвесторазе баркала кьуна гьес.

 

*** 

Къо-мехлъикI, «Каспий-2017»

Каспиялъул хаслъи цIуниги, регионалъул гIораздагун лъаразда рацIцIалъи чIезабиги, Дагъистаналъул къанагIатаб тIабигIат машгьурлъизабиги гIолилазухъа тIуразарун бажарулел масъалаби кколин абуна ДРялъул бетIерас данделъиялда.
«Гьеб рахъалъ нижеца кумек гьабизе буго. Гьанир ракIарун руго жигарал, цогояб пикру бугел, гьудуллъиялъе хIадурал гIолилал. Дир ракIчIола регионазда гьоркьосеб гара-чIвари камиллъизе букIиналде. «Каспий-2017» гIолилазул церехъабазул саммит Дагъистаналда тIобитIи ккола цогидал регионазулгун гьудуллъи гьабизе нилъер гIолеб гIелалъул гъира букIиналъе, улкаялъулги, республикаялъулги, щибаб хъизамалъулги букIинеселъул тIалабалда гьел ругеблъиялъеги нугIлъун», – ан бицана Рамазан ГIабдулатIиповас.
РакIалдещвезабуна гьес Да­гъис­тан гIолилазул республика бу­кIинги, бицана ахирал соназ­да гьезул масъалаби тIуразаризе гьабулеб бугеб хIалтIул хIа­къа­лъулъги. Гьеб хIалтIул аслиял рахъаллъун республикаялъул нухмалъулес рехсана «ДРялда гIолилазул политикаялъул хIа­къалъулъ» закон къабул гьаби­ги, ватIанбокьиялъул тарбия кьей­ги, гIолилазул предприни­мательство цебетIезабиги, пачалихъиялги муниципалиялги идарабазда гIолохъанал махщелчагIи хIал­тIизе росиги.
ДРялъул бетIерасулги хIукуматалъулги
администрациялъул пресс-хъулухъ