Динияб форум: нилъер рукъалъе ва ракълие гIоло

12 сентябралда МахIачхъалаялда тIобитIана «Нилъер рукъалъе ре­къел» абураб халкъазда гьоркьосеб динияб форум. Гьелда гIахьаллъана Россиялъул регионазул ва цо-цо къватIисел улкабазул муфтиял, диниял гIалимзаби.

Форумалъул программаялда рекъон, тахшагьаралда бугеб 11 вузалда жакъа кIвар бугел масъалабазул бицана экспертазгун гьалбадерица. «Цолъи ва хIинкъи гьечIолъи», «ТIегьалеб регион», «Щулияб хъизам – сахаб жамгIияталъул аслу», «Социалияб квербакъи ва гуманитарияб кумек», «Патриотизм, исламалда ВатIаналде рокьи» ва «Динияб лъай кьей» абурал темабазда данделъаби тIоритIана МахIачхъалаялда ругел цIалул идарабазда. Форум гIуцIана ДРялъул муфтияталъ, исламияб маданияталъул, гIелмуялъул ва лъай кьеялъул фондалъул квербакъиялдалъун.

 

ТIолгороссиялъул пачалихъияб юстициялъул университеталъул Северияб Кавказалъул институталда студентазе жамгIияталда рекъел ва парахалъи цIуниялъулъ хъизамалъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ бицана Калмыкия республикаялъул муфти СултанахIмад-хIажи Каралаевас ва Чачан республикаялъул муфтиясул заместитель Ансар Хетиевас. Данделъиялда гIахьаллъана рехсараб институталъул директор ХIусен МухIамадов, ДРялъул Миллияб политикаялъул ва диниял ишазул министерствоялдаса вакилзаби. Данделъиялъул хIалтIи нухда бачана МахIачхъала шагьаралъул Шамил имамасул цIаралда бугеб мажгиталъул имам МухIамад Сулеймановас.

ХIусен МухIамадовас, данделъиги рагьун, абуна: «Жакъасеб данделъиялдаса лъикIаб пайда щвела гIолилазе. Нилъеда лъала ахираб заманалда республикаялда хъизамалъул къимат холеб букIин, ратIалъаразул къадар цIикIкIунеб букIин. Нилъер диналъ щулияб хъизан гIуцIиялъе щиб малъулебали бицине данделъун руго жакъа нилъ», — ан.

Калмыказул муфти С. Каралаевас студентазде хитIаб гьабун абуна: «Исламалда хъизамалъул хIакъалъулъ бицунаго, тIоцебе кIвар кьола лъималаз эбел-инсул адаб гьабиялде, хадуб рос-лъадиялда гьоркьоб букIунеб хьвада-чIвадиялде. ЦогIаги къануналда, кинабгIаги цивилизациялда бажаричIо исламалда гIадин хъизамалъул кIвар борхизабун. Исламалда гIадин хъизамалъулъ чIужугIаданалъул ихтиярал цIунулеб дин яги закон кибго гьечIо. Цо мисалги бачинин. Халиф ГIумарихъе хабар щола пуланав чияс лъадуда цIар тIамизехъин рагIулин абун. Гьев чиясда аскIовеги ун, халифас цIехола щай мун хъизангун ватIалъулевин абун. Гьес жаваб кьола жиндие гьей йокьуларин абун. Халифас гьи­къула: «Дуца гьей дуего йокьун ячун йикIанищ?» — ан. Гьес жаваб кьола йикIанин. Гьеб мехалда дур ихтияр гьечIин гьелда цIар тIамизеян ва хъизан цIунеян лъазабула гьесда халиф ГIумарица.

Гьанжесел хъизамалин абуни, бакътIерхьул улкабазда ругел къагIидабаздаса мисалги босун, гIумру гьабулел руго. Нилъерго диналъулъ ритIухълъиги сундуего рекъарал хIукмабиги рукIин кIочон тун буго гьезда. Лъазабе нилъерго дин. Нуж кире щваниги, кир хIалтIулел ругониги, рекIелъ иман гьечIони, исламги лъалеб гьечIони, хъулухъалъ цере аниги, талихI диналъулъ гурони батизе гьечIо», — ян.

Чачан республикаялъул муфтиясул заместитель Ансар Хетиевас бицана хъизам цIуниялъе жидерго республикаялда гьабулеб бугеб хIалтIул хIакъалъулъ:

«Ахирал соназда нижер республикаялда хъизамал ратIалъиялъул хIужаби цIикIкIунел рукIана. Республикаялъул бетIер Рамзан Къадировас тIадкъана рос-лъадуда гьоркьоб маслихIат гьабулеб, хъизамал ратIалъиялдаса цIунулеб комиссия гIуцIизе. Гьелда гьоркьоре уна гIицIго рухIиял хIаракатчагIи гурелги, министерствабазул, росабазулгун шагьаразул нухмалъулел. РатIалъиялде ккарал хъизамал цIидасан данде гьаруна гьеб комиссиялъул кумекалдалъун. Гьелдалъун бажарана хъизамал цIунизеги, ратIалъулезул къадар дагь гьабизеги».

Исламияб диналъул гIалимзабаз студентазул суалазе жавабалги кьуна. ГIолилаз рорхана ВатIан бокьиялде нилъер диналъул бербалагьиялъул, чIужугIаданалъул ихтияразул, никъабалъул хIакъалъулъ ва цогидалги суалал.

«Нилъер рукъалъе рекъел» абураб халкъазда гьоркьосеб форумалъул программаялда рекъон, терроризмалда, экстремизмалда ва радикализмалда дандечIеялъул хIакъалъулъ ДГУялъул студентазе бицана Иорданиялъул къираллъиялъул бетIерав муфтий, шайих, доктор АхIмад Ибрагьим аль-ХIасанатица.

Татарстан республикаялъул ДУМалъул председатель, муфтий Камил-х1азрат Самигулин гIахьаллъана регион цебетIезабиялъулъ лъай бугел гIолилазул кIваралъул хIакъалъулъ бицун ДГПУялда тIобитIараб данделъиялда.

Гьединго цогидал вузаздаги бицана ВатIан бокьиялъул, динияб лъай кьеялъул ва цогидалги кIвар бугел масъалабазул хIакъалъулъ.

Форумалде рачIарал гьалбал данделъана тахшагьаралъул аслияб майданалда тIобитIараб кIудияб мажлисалдаги. Диналъул рахъалъ лъагIалил бищунго аслияб рохалилаб тадбиралда кIодо гьавуна хирияв МухIамад авараг (с.гI.в.), битIана салават, ахIана мавлидгун нашидал.

ПатIимат СултIанмухIамадова