tg  rss

КIочонареблъун букIина улкаялъего Расулил Сон

Араб соналъул хIасилалги гьарун, исана хIисабалде босараб хIалтIул бицана ДРялъул культураялъул министр Зарема Бутаевалъ, талат къоялъ республикаялъул журналистазулгун дандчIваялда. Жидерго идараялда тIобитIараб гьеб данделъи нухда бачана РИА «Дагестан» агентствоялъул нухмалъулев МухIамад МухIамадовас.

 

Миллияб проекталда рекъон, культураялъул бутIаялда гьарун рагIалде рахъарал чIахIиял хIалтIабиги рехсон, республикаялъул маданияб рахъ цебетIеялъе гьелъул хIажалъиялъул бицана министралъ.

 

Аслияб къагIидаялъ Зарема Бутаевалъ тIадчIей гьабуна Расул ХIамзатов гьавуралдаса 100 сон тIубаялда хурхун исана республикаялда ва улкаялда тIоритIизе хIисабалде росарал чIахIиял тадбиразда:

 

- Расулил Соналъе гвангъараб байбихьи лъуна 1 марталъ республикаялъул ГIурустеатралда, хадубккунги гьеб тIадегIанаб даражаялда тIобитIизе буго Россиялдаго. Расул ХIамзатов ракIалдещвеялъул хасаб программагун нилъер искусствоялъул гьунарчагIи, театразул коллективал щвезе руго республикаялъул районаздегун шагьаразде, улкаялъул регионазде, хIатта къватIисел улкабаздецин. Тадбиразул программа цIакъ бечедаб буго, гьеб гIуцIизе нижее кIудияб квербакъи буго «Росконцерт» федералияб идараялъул.

 

Зарема Бутаевалъ загьираб пашманлъигун ракIалдещвезавуна, дагьалъ Аллагьасул къадаралде щварав, Дагъистаналъул хъвадарухъабазул союзалъул нухмалъулев МухIамад АхIмадов:

 

- РакIал унтараб, ками ккана нилъее исана лъагIалил байбихьудаго. Хасго гьадинаб кIваралъул хIалтIи гьабулаго хьолбохъ МухIамад АхIмадов гьечIолъи - гьеб нижее буго квербекараб чIобоголъи.

 

Жиде-жидер миллаталъул маданияб ирс цIуниялда хурхарал суалал рорхана гьенир республикаялъул газетазул вакилзабаз. Шамил районалъул къелдерил фольклор цIуниялъе, гьезул маданияталъун мина цIигьабиялде кIварбуссинабураб букIана «ХIакъикъаталъул» рахъалдаса министралъе кьураб суал.

 

- Нилъер халкъазул хаслъи, рухIияб ирс цIуни - гьеб цIакъ кIварбугеб суал буго, - ян абуна министралъ. - Гьал ахирал соназ гIемераб хIалтIи гьабун рагIалде бахъана миллияб «Культура» проекталда рекъон республикаялъул райцентразда, росабалъ анцI-анцI клубалгун искусствоялъул школал къачIана, цIидасанги гIезегIан рана. Рагьулел руго заманалъул тIалабалда рекъарал библиотекаби, цогидал культураялъул идараби, гьеб хIалтIи тартибалда унебги буго жеги. Жидер районалда ва росулъ гьединаб хIалтIи рагIалде бахъин, бакIалъулал нухмалъулезул хIаракаталда, законалъул тIалабазда рекъон жиндир заманалда документал хIадуриялда бараб буго, - ян абуна Зарема Буттаевалъ.

 

Ахиралдаги министр тIадюссана пресс-конференциялъул аслияб тема-Расулил Соналде, щаклъи гьечIого, гьаб тIубараб лъагIелго нилъее киназего ракIалда чIолеблъун букIинин абуна гьелъ.

 

Расул ХIамзатовас 100 сон тIубаялда хурхун тIоритIулел тадбиразул мухIканлъи лъазе бокьаразе, хIажатал баянал руго культураялъул министерствоялъул сайталда.

КIочонареблъун букIина улкаялъего Расулил Сон
Прочитано 161 раз Последнее изменение Четверг, 09 марта 2023 13:36
Другие материалы в этой категории: « РухIиялде цIайи цIикIкIунеб буго

Оставить комментарий

Убедитесь, что Вы ввели всю требуемую информацию, в поля, помеченные звёздочкой (*). HTML код не допустим.

 

ХIакъикъаТ 

Республиканская общественно-политическая газета на аварском языке.

 

Исполняющий обязанности главного редактора:

Зульфия Багатаровна Гаджиева

_____________________________

 

in1  rss1

_____________________________

 

Рейтинг@Mail.ru

Яндекс.Метрика

 

СМИ

Учредитель сетевого издания ГБУ РД "Редакция республиканской газеты "Истина".
Зарегистрирован Федеральной службой по надзору в сфере связи , информационных технологий и массовых коммуникаций .
vozrastРегистрационный номер: Эл № ФС77-73996 от 19 октября 2018 года.

 

 

Фото

Настройка сайта

Цвет темы

Cyan Red Green Oranges Teal

Макет

Шир. Рам. Обрамл. Округл.
Изменение фонового рисунка
Вверх