ДРялъул вице-премьер ГIабдул-муслим ГIабдулмуслимовас тIоби-тIараб данделъиялда бицана ихдал гIорал щвеялъул хIасилалда зарал ккунгутIиялъул мурадалда гIуцIизе кколел тадбиразулги 2019 соналда гьеб рахъалъ гьабураб хIалтIул хIасилазулги хIакъалъулъ.
28 декабралда тIобитIана ДРялъул бетIерасда цебе бугеб Херазул советалъул данделъи.
Гьал къоязда республикаялде вачIун вукIарав РФялъул Северияб Кавказалъул ишазул рахъалъ министр Сергей Чеботаревги ДРялъул бетIер Владимир Васильевги гIахьаллъана МЧСалъул ситуативияб центр рагьиялъул тадбиралда.
Исана ноябралда байбихьун букIана тахшагьаралъул аслияб майдан къачIазе. ЦIияб сон тIаде щвелалде, гьеб къачIанги бахъана. ЦIигьабун къачIараб майдан рагьиялъул рохалилаб тадбирги тIобитIана ва гьебги байбихьана…
19 декабралда Москваялъул халкъазда гьоркьосеб дармилаб централда улкаялъул президент Владимир Путинил гIахьаллъигун тIобитIана кIудияб пресс-конференция. Гьелда гIахьаллъана Дагъистаналдаса 9 журналистги.
О редакции I Рекламодателям I Контакты