Дагъистан: къватIисел бухьенал ва жанисел захIмалъаби
КъватIисел улкабазулгун бухьенал гьари буго нилъер республика цебетIеялъе хIажатал шартIазул цояб. Гьел гIатIид гьариялъ рес кьола экономикиялгун социалияб рахъалъул суалал тIуразаризе. Гьеб цIакъго хIажалъула рес бугел гIадамаз нилъерго магIишаталде инвестициял кьолел гьечIеб заманалда. Ахираб 15-20 соналда жаниб Каспиялъул жаниблъиялда жиде-жидер мурадалгун дандчIвалел руго батIи-батIиял пачалихъазул бутIрул ва жамгIиял гIуцIабазул нухмалъулел. Гьелъ, цо рахъалдасан, рес кьолеб буго гьезул ругел сурсатаздаса Дагъистан цебетIеялъе ресал ратизеги.
КъватIисел бухьенал щула гьариялъул аслияб масъала ккола Дагъистаналъул экономика Россиялъул ва тIолгодунялалъул экономикаялда цадахъ цебетIей. Дагъистаналъ, цогидал республикабазго гIадин, гьел гIумруялде рахъинарула Россиялъул «Халкъазда ва регионазда гьоркьосел экономикиял бухьенал рекъа-решон ккезариялъул хIакъалъулъ» абураб, 1999 соналда бахъараб федералияб законалда рекъон. Жакъа къоялде Дагъистаналъ 60-ялдаса цIикIкIун Россиялъул субъектазулгун къотIи-къаял гьарун руго.
Гьеб хIалтIи тIубазабулаго, кIварбуссинабула экономикияб, социалияб, лъайкьеялъул, сахлъицIуниялъул, спорталъул рахъал церетIезариялде. Республикабазда, краязда, областазда гьоркьор гьарурал къотIаби гIумруялде рахъинариялъул мурадалда, батIи-батIиял министерствабазул, комитетазул ва магIишатиял гIуцIабазул даражаялдаги, кIиябго рахъалдасан, гьарун руго гьединалго къотIи-къаял. 2017 соналда цогидал пачалихъазулгун, Россиялъул субъектазулгун Дагъистаналъул букIараб бича-хисиялъул къадар бахуна 648 млн долларалде. Хасго гьеб цIикIкIунеб буго Иран, Азербайжан, Гуржистан, Китай, Турция гIадал улкабигун цадахъаб хIалтIиялъул хIасилалда. ГIицIго Ираналъулги Дагъистаналъулги къотIи-къаялъул кьучIалда гьабураб дармил хIисаб бахуна 135 млн 817 азарго, Гуржистаналъулгун — 28 млн 35 азарго, Китаялъулгун — 8 млн 150 азарго доллар.
Дагъистаналъ гIахьаллъи гьабула Россиялъул регионазда гьарулел батIи-батIиял тадбиразулъги. Аслияб куцалда гьел ккола оборудованиялъул, батIи-батIияб къайиялъул, росдал магIишаталъул культурабазул ярмаркабиги выстакабиги. Бугеб ахIвал-хIал загьир гьабизе, баянал кьезе, жидерго къайи бичун иналъе ресал ратизе гIоло тIоритIула данделъаби. Исана республикаялъул бетIерасул ишал тIуралев В. Васильевас гъолбас гьабуна Дагъистаналъгун Татарстаналъ «Бича-хисиялъулгун экономикияб, гIелмиябгун техникияб ва культурияб рахъалъ цадахъаб хIалтIи» абураб къотIи-къаялда гъоркь. Гьелда рекъон нилъер республикаялъул магIишаталда хурхарал гIуцIабазул кIудиял ресал руго инвестициялги цогидал экономикиял тIокIлъабиги Дагъистаналде рачIинаризе.
Жакъа Каспиялда руго «Дагъистан» ва «Татарстан» абурал рагъулал гуми. Дагъистаналъул бетIерасул ишал тIуралев В. Васильевас абухъе, нилъер республикаялда планалде босун буго татаразул хIалбихьи бугел махщелчагIазул гIахьаллъиялдалъун гуми къачIалеб завод базеги, гьабсагIаталда гIицIго 20 проценталъ гурони хIалтIулеб гьечIеб «Дагъдизель» заводалъул ругел ресалги хIалтIизарун.
Дагъистаналъул культуриял гIуцIабаздаги ракIалда буго Татарстаналъулгун гьабулеб цадахъаб хIалтIи лъикIлъизабизе. Гьал къоязда ДРялъул Журналистазул союзалъул председатель ГI. Камаловасги Татарстаналъул Журналистазул союзалъул правлениялъул председатель Р. Ратниковалъги дандбана исана кIиябго республикаялде, хIалбихьи гIахьал гьабиялъул ва гьудуллъи щула гьабиялъул мурадалда журналистазул гIахьаллъигун сапарал гьаризе.
Дагъистан бахун къватIир руго нилъер шагьаралгун ва районалгун вацлъи лъазабурал шагьаралги районалги. Масала, МахIачхъала шагьаралъул гьединал гьоркьорлъаби руго Ялова (Турция), Сливен (Болгария), Ольденбург (Германия), Спокан (США) шагьаразулгун.
КъватIисел экономикиялгун культуриял бухьенал щула гьариялъулъ кIудияб кIвар буго республика бахун къватIир ругел вакилзабазулги. Гьезул къадар кIикъоялда анцIгоялдасаги цIикIкIараб буго. Гьоркьорлъаби лъикIлъизари мурадалда жигараб хIалтIи гьабулеб буго Адыгея, Калмыкия республикабазда, Ставрополь, Краснодар краязда, Свердлов, Ярославь, Ростов областазда, Санкт-Петербургалда ругел Дагъистаналъул вакилзабаз.
Амма, кигIан нилъеца инвестициязул бицаниги республикаялъе къватIиса кумек щвезе лъикIанилан анищал гьаруниги, ракIунтун гьелде тIаде руссинчIони, хIасил кколаро. Миллияб политикаялъул ва къватIисел ишазул министерствоялда хIалтIулаго, чанго соналъ дун дандчIвана, Россиялъул малъичIого, къватIисел пачалихъазул вакилзабигун, гIахьаллъана халкъазда гьоркьосел дандчIваязда. Дида бихьана нилъер хIакимзабазда гьоркьоб гьеб суалалде ракIунтун бербалагьи бугел чагIи къанагIат гурони гьечIолъи. Республикаялъул экономикаялда бутIа лъезе лъикIал проекталгун рачIараздаса, тIоцебесеб иргаялда, нилъер министерствабазул, заводазул, муниципалиял гIуцIабазул нухмалъулезе бокьулаан жидеего щиб хайир щвезе букIинебали лъазе. Гьелдаса хадуб ракIбуссун, гьалбал-бизнесменал нахъе арал хIужабиги дагь рукIинчIо. Гьединаб бербалагьи гьанжеги бугони, нилъехъе кумекалъулаб квер битIулел гIемер рукIине гьечIо.
27 марталда республикаялъул хIукуматалъул председатель А. Здуновас тIобитIана Дагъистан Республикаялдаги Татарстаналда бугеб А. М. Горькиясул цIаралда бугеб «Зеленодольский заводалъулгун» гамул раялъул суалалъул халгьабиялда бан. Гьелъ рес кьезе буго Каспиялда туристазул круизал гьаризе, учузго кколеб гумузда гIадамал раччулеб къагIида чIезабизе.
Божилъи буго республикаялъул цIиял нухмалъулез гьединал хIужабазе букIине кколеб къимат кьелилан.
Зикрула Илясов