Залму Батировалъул 85-абилеб их
Исана 85 сон тIубана Дагъистаналъул халкъияй шагIир Залму Батировалъ. Гьелда бан чанго тадбир тIобитIана республикаялда. ШагIиралъул байрам кIодо гьабуна гIагараб Хунзахъ районалдаги.
Р. ХIамзатовасул цIаралда бугеб Миллияб библиотекаялда гьелъие сайгъат гьабураб тадбир тIобитIана «ХIакъикъат» газеталъги. Гьаб нухалда дандеруссин тIобитIана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъ. Байрамалъе сценараий хъвана Дагъистаналъул халкъияй артистка Наира ХIабибулаевалъ. Гьеб нухда бачана Авар театралъул актерал МухIамад Дудуевасги Анисат Насрулаевалъги. Данделъиялде рачIун рукIана шагIиралъул пагьму-гьунар бокьулел дагъистаниял, гьелъул пишацоял, студентал, журналистал, «ХъахIал къункърабазул» байрамалде рачIарал Москваялдаса гьалбал.
Нужер чIвалеб хъаталъ къуват кьуна дий
Данделъиялъул байбихьуда кIалъазе яхъарай шагIиралъ абуна:
- ХIурматиял магIарулал, магIарул абадият бокьулел дагъистаниял! ТIоцебесеб иргаялда, ракI-ракIалъулаб баркала загьир гьабизе бокьун буго дир тадбир берцин гьабизе рачIарал нужее. Нуж, цIалдолел, рукIинчIелани, жакъа букIинароан дир шигIруги. Дир асаразе нужеца кьураб къиматалъги чIвараб хъаталъги гIумру тIегьазабуна дир шигIрияб дунялалда. Гьале жакъаги нужеда цее дун, доб кьогIаб рагъул лъимер. Дир лъимерлъиялда дандчIвай гьабуна рагъалъ. Гьелъ лъадарана дир хасият. Заман щвелалдего, кIудияй гIезаюна. Рагъда хадусел соналги захIматал рукIана. Росдал руччабазул магIугун цадахъ кIудияй гIун ячIана. Дун ккола КIудияб ВатIанияб рагъул гIахьалчи, Югославиялъул бахIарчи МухIамад Батировасул яс. Гьелъги батила дир хъвадарухъанлъиялъулъ аслияб бакI кколеб рагъул темаялъ. ГIагараб ракьалъул тарих лъайги - гьеб буго нилъер щивасда тIадаб иш. Чанго нухалда дирго асаралгун тIадюссана тарихалде. Гьедин бижана «Баху бика» трагедияги.
КIудияб ватIан бокьизе ккани, цин гьитIинаб ватIаналъе бетIер къулизе ккола. Гьелде бугеб рокьи цIалдолезе гьурщулаго, рижана ватIаналде рокьи куцалел кучIдул. СВОялъги хасаб бакI ккуна дир кучIдузулъ. ВатIаналъул унти рикIкIана дираблъунгун. Гьедин рижана ватIанги гьелъул бахIарзалги кIодо гьарурал шигIраби. ГIурабго заманалда хIалтIана гIагараб Хунзахъ росулъ учительлъун. Гьел рукIана дир гIумруялъул бищунго талихIал соназул цоял. ЦIалдохъабазда аскIоб дие дуниял дагьабги гIатIилъулаан. Гьезул хIикматаб дунялалъ дие рагьана гIумруялъул балъголъаби, гьезул гIумруялъул дарсалгун цадахъ гIун ячIана. Ва гьале жакъа нужеда цее яхъун чIун йиго дун, нужеца чIвараб хъаталъ къуват кьурай гIадатияй чIужугIадан-шагIир. ГIодое къулула дун нужер щивасда цее, - ян.

Залмул гьунаралъул хIакъалъулъ бицана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул председатель Марина АхIмадовалъ, «Литературияб Дагъистан» журналалъул бетIерав редактор Мурад АхIмадовас, Москваялдаса гьобол, шагIир Нина Поповалъ, Россиялъул мустахIикъай учитель Чакар Мажидовалъ ва цогидазги.
З. Батировалъул кучIдул цIалана Поэзиялъул театралъул артистаз, театралъул актер, Дагъистаналъул мустахIикъал артистал МухIамад ГIабдулатIиповас, ХирамухIамад ХирамухIамадовас ва Рамазан Халидовас. ШагIиралъул рагIабазда кучIдул ахIана Дагъистаналъул халкъиял артистал МухIамад ГIабасовас, Абакар ГIумархIажиевас, ГIабдула МухIамадмирзоевас, Дагъистаналъул мустахIикъал артисткаби Машидат ГIумарасхIабовалъ, Зубаржат МахIачевалъ Авар театралъул артист Салим Камиловас ва цогидазги.
Байрамалъул гIахьалчагIазе лъикIаб асар гьабуна шагIиралъул цIалдохъан, ТIанусиса Сайгид ГIалиевасул кIалъаялъ. Гьес ракIалдасан рикIкIана гьелъул «Авар мацI» абураб кечIги.
Тадбиралъул ахиралда Нина Поповалъ Залму Батировалъе кьуна «За заслуги в литературе» абураб орден. Залму ккола Дагъистаналда гьеб шапакъат щварай тIоцеесей шагIир. «ХIакъикъаталъги» баркула газеталъул цеегосей гьудул Залму Батировалда иргадулаб шапакъат.
* * *
Кинаб асарха, масала, дие гьабулеб ракьцояй Залму Батировалъул асараз. ЦIакъго хIикматаб, хIеренаб, недегьаб асар. Гьеб асаралде гьоркьобе уна магIуги. ШагIиралъул асарал цIалулаго, я магIу бачIуна дир, я рекIелъ кинабалиго рохел рещтIуна.
Щиб багьана батунги, бокьула шагIиралъухъе гьоболлъухъ ине. Нагагь дун кIалъазе яги ячIине кватIани, гьей жийгоги кIалъан ячуна дихъе, гьоболлъухъ ахIун. Ва Залму Батировалъул библиотекаялда байбихьула адабияталъул сагIат. Гьелъ дие бицуна доб заманалда рукIарал хъвадарухъабазул, шагIирзабазул, гьезул кколел рукIарал кепал лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ. Дидаго гьел лъалел рукIараб гIадаб асар гьабула дие Залмуца бицаралъ. ШагIиралъул цIиял кучIдул тIоцере дида рагIулин абуниги, мекъиги букIинаро. ГIемерал кучIдул руго Залмул гIурус мацIалде руссинаруралги. Гьезда гьоркьобги хасаб бакI ккола Марина Колюбакина-АхIмадовалъ гIурус мацIалде буссинабураб «Баху-бика» трагедиялъ. Автор ва таржамачIужу мустахIикълъана Россиялъул «Слово» премиялъе. Гьел ккола Дагъистаналдаса гьеб премия щварал тIоцереселги. Амма Залму Батировалъул асаразулъ дида даим рагIула, биценазда рекъон, рокьуе цIакъго ритIухъаблъун рикIкIунеб гIанса хIанчIил гьаракь. Гьеб хIинчI ракIалде щвезабураб лъебергоялдасаги цIикIкIун кечIги буго шагIиралъул. Биччанте гьеб хIанчIил ритIухълъигун рещтIине цIалдолезухъе шагIиралъул шигIраби.
Шамай Хъазанбиева