Сайпудин Идрисов гьавуна ЦӀунтӀа районалъул НахӀада росулъ Зайнабилги Идрисилги хъизамалда. Росдал школалда лъабго классги лъугӀизабун, эбел-инсуца гьев витӀана Гуржиялде. Гьениб Къварели районалъул Сарусо росулъ гӀумру гьабулеб букӀана имгӀаласул хъизамалъ. Гьелъул бетӀер, Расулов МухӀамад, хӀалтӀулев вукӀана школалда учительлъун. Гьесул кьварараб бербалагьиялда гъоркь Сайпудиница лъугӀизабуна 4-5 класс.

ЦIалуде рокьи куцараб Сарусо росу

1978 соналда НахӀада росдал байбихьул школалъул кьучӀалда рагьана микьгосонилаб школа. Сайпудин тӀадвуссана росулъе. «Дие кутакалда бокьун букӀана Сарусоялдаго чӀезе. Гьенив дун ругьунлъана цӀалдезе, лъана лъаялъул гьуинлъи, бичӀчӀана гьелъул букӀунеб пайда. ГӀагараб росулъ лъаялде кӀварго кьоларин кколаан дида ракӀалде. Сарусоялда М. Расулов вукӀана дие сундулъго мисаллъун: гьевго гӀадин цӀалани, школалъул директорлъун вахъина дунгиян анищалцин гьарулаан дица. Амма, НахӀада микьгосонилаб школа рагьидал, эбел-инсуца жидедаго аскӀове вачана», - ян бицана Сайпудиница.

Росулъе щведалги цӀали рехун течӀо гьес. Школа, рукъ, цӀали ва спорт - гьединаб букӀана гӀолиласул гӀумру. «Росулъе тӀадвуссиндал, шко­лалъул директорлъун ватана Рама­зан Абулмуслимов. Гьесго кьолаан нижее математикаялъул дарсалги. Гьеб букӀана дие захӀматаб дарс, бичӀчӀулароан, ботӀролъего унароан гьеб. Директорасухъа бажарана, мисалалгун масъалаби гьариялъул къагӀидаби нижеда малъун, математикаялде рокьи куцазе. КӀиго моцӀидасан математикаялъе ункъил къиматал росизе байбихьана дица», - ян бицана Сайпудиница, учителасул кӀваралъул хӀакъалъулъ пикру загьир гьабулаго.

Сарусоялда Сайпудин машгъуллъана спорталдеги. «Дица байбихьана футбол, волейбол хӀазе, гугаризе. МагӀарухъалде дандеккун, Сарусоялда гьелъие лъикӀал шартӀал гӀуцӀун рукӀана. Гугарухъабиги гӀе­мер рукӀана гьенир. ГӀагараб росулъе щведал, дикьа кидаго бергьунев вукӀарав кьерилав бигьаго гӀодов лъуна дица», - ян ракӀалде щвезабуна Сайпудиница.

Микьго классги лъикӀал къиматазда лъу­гӀи­забун, С. Идрисов ана Буйнакскиялъул педучилищеялда цӀализе лъугьинеян абун. Амма, гӀурус мацӀалда хъвараб диктанталъухъ кӀийилабги щун, росулъе тӀадвуссине ккана. «ЦӀализе ворчӀичӀилан ракӀхун вукӀинчӀо дун - вохун вукӀана. Дие бокьун букӀинчӀо гьоркьохъеб хасаб лъай босизе. Бокьун букӀана тӀадегӀанаб цӀалул идараялде лъугьине. Инсуца абулаан, вузалде инчӀониги, пед­училище лъугӀизабуни гӀелаян. Инсул амру тӀубазе тӀадаб букӀана дида. ЦӀализе ворчӀунгутӀи – гьеб Аллагьасул хъвай бугилан тана инсуцаги», - ян бицана Сайпудиница.

ИчӀабилеб классалда цӀализе ине ккана аскӀоб бугеб Кьадал росулъе. Гьениб гъира бана магӀарул мацӀ лъазабиялде. МагӀарул мацӀалъул дарсал кьолев учитель Жамал ГӀисаевич лъугьана гьанже гьесие сундулъго мисаллъун. «НахӀада росдал школалда магӀарул мацӀалъул дарсал кьолаан Рамазан Тукъуевичас. Гьеб мехалдаго бижун букӀана миллияб мацӀалъул адабияталде рокьи. Жамал ГӀисаевичас кьолел дарсаз гьеб рокьи жеги камил гьабуна, байбихьана тӀадчӀун тӀахьал цӀализе. Жакъаги кӀудияб рекӀел хинлъигун ракӀалде щвезарула дица Кьадал росдал школалда дие дарсал кьурал Арбули МухӀамадович, Жамал Рамазанович, Жамал ГӀисаевич, Нажмудин МухӀамадович. Гьезул дарсалги малъа-хъваялги киданиги ракӀалдаса унаро», - ян бицана Идрисовас.

1984 соналъул августалда С. Идрисовас лъу­гӀиза­­буна гьоркьохъеб школа ва хӀалтӀизе лъугьана ЦӀунтӀа районалъул рохьил магӀишаталъул НахӀада росдал рохьихъанлъун.

1985-1987 соназда вукӀана рагъулаб хъулухъалда, старшиналъун ва взводалъул командирасул заместительлъун, кӀудияв телефонистлъун.

Черхалда цадахъ лъадарана гIамалги

Армиялдаса вуссиндал, цебечӀана махщел щвеялъул, ай цӀализе лъугьиналъул масъала. Рокъове щведал, Сайпудиница гӀуцӀана жиндиего кабинет. «Стол цӀезабун букӀана тӀахьаз. Радал анлъгоялда унаан векеризе. Дун вукӀана тӀадагьаб атлетикаялъулги, эркенаб гугариялъулги, самбоялъулги тӀоцебесеб разряд щварав чи. Хадубккун Самараялда щвана гьебго разряд дзюдоялъулги», - ян бицана гьес.

Радал сагӀат ичӀгоялда Сайпудин гӀодов чӀолаан цӀалдезе. Цере­лъун букӀана институталде лъугьине хӀажалъулелщинал дарсазул программаги. СагӀат щуго тӀубазегӀан цӀалдолаан. Щибаб тема лъазабун бахъиндал, жиндиего экзамен гьабулаан. Билеталги рукӀана цере­лъун. Босулаан билет ва 10 минуталда жаниб жавабал кьезе кколаан гьелда хъварал суалазе – гьединаб масъала лъун букӀана гьес жиндаго цебе. Гьедин хӀадурлъана ва ана Свердловскиялда бугеб Уралалъул пачалихъияб институталда цӀализе лъугьине. Дора ругел экзаменаторал хӀикмалъун рукӀана тарихалъул рахъалъ гӀолиласул бугеб лъаялда, кинго божулел рукӀинчӀо Дагъистаналъул мугӀрузул росулъ цӀаланин абураб жоялда. КӀиабилеб экзамен букӀана гӀурус мацӀалъулгун адабияталъул. «Миллияб школалда цӀаларавилан абун, дица гьеб кьуна кӀалзул къагӀидаялда, ай сочинение хъвачӀо. Доб заманалда щибаб вузалъул рукӀана абитуриентазе бигьалъаби гьариялъул рахъалъ батӀи-батӀиял къагӀидаби, хасго миллияб школалда цӀалун рахъаразе. Школалдацин лъабилал щолел рукӀарав дица гьеб экзамен кьуна ункъилалда. Дунгоцин хӀикмалъун вукӀана гьелда. Гьединаб щулияб лъай кьуна дие Кьадал росдал школалда», - ян ракӀалде щвезабуна Сайпудиница.

Кьуна гӀурус мацӀалъул ва адабияталъул кӀалзулаб экзаменги. Амма сочинениялъухъ кӀийилаб щвана ва цӀализе ворчӀичӀо. Гьебмехалда, армиялда цадахъ вукӀарав Болъихъ районалдаса Зикрулаев Зикрулагьил квербакъиялдалъун, С. Идрисов цӀализе лъугьана Куйбышевалъул (гьанжесеб Самара) пединститута­лъул историялъул факультеталде ва гьеб лъугӀизабуна, пачалихъиял экзаменазда цониги лъабилаб гьечӀого.

ЖамгIияб хIаракатчилъи

Институт лъугӀун хадув Сайпудин хӀалтӀана Самара областалъул ЦӀех-рехалъул комитеталда. Гьабуна хъизамги, амма Аллагьас лъимал кьечӀо гьезие. ГьабсагӀаталда С. Идрисов хӀалтӀулев вуго чӀегӀернартил компаниялъул хӀинкъи гьечӀолъи цӀуниялъул хъулухъалда. Гьев ккола Пачалихъияб Думаялъул депутат, генерал Владимир Шамановасулги СВОялъул БахӀарзазул ассоциациялъул президентасулги кумекчилъун.

СВО байбихьаралдаса нахъе, хас­го гӀагарав вас, гвардиялъул кӀу­дияв сержант, саперазул ротаялъул командир Анвар Расулов гьенив чӀваралдаса хадуб Сайпудинил гӀум­руялда жанир гӀемерал хиса-басиял ккана. Гьес хӀаракат бахъана рагъухъабазе кумек гьабизе, араб бакӀ лъачӀого тӀагӀарал ралагьизе, рагъда ругезе гуманитарияб кумек битӀизе. Гьесул хӀаракаталдалъун НахӀада росдал гьоркьохъеб школалъе 2023 соналда кьуна СВОялъул бахӀарчи Анвар Расуловасул цӀар. «Гьелъие квербакъарал ДРялъул Миллияб политикаялъул ва диниял ишазул министерствоялъул хӀалтӀухъабазеги БежтӀа участокалъул НахӀада росдал гӀадамазеги кӀудияб баркала буго», - ян абуна С. Идрисовас.

Гьес ралагьула араб бакӀ лъачӀого тӀагӀаралги (5-6 рагъухъанасул жаназа эбел-инсухъе щвезабуна гьесул хӀаракаталдалъун). «Рехсараб ассоциациялъул президентасул ку­мекчи вукӀиналъ, дие рес кьола РФялъул Оборонаялъул министерствоялъул­гун ва СВОялда ругел рагъулал бу­тӀабазул штабазулгун бухьен гьа­бизе. Гьединго тӀуразарула ра­гъу­хъабазул рахъалъ ритӀухълъи цӀунунгутӀиялъул масъалабиги. Цо къоялда жанир 30-40 чи кӀалъалеб мехги букӀуна, жидерго суалалги рицун. КӀалъала Самара, Оренбург ва цогидал областаздаса, Татарстаналдаса, Дагъистаналдаса, ай улкаялъул бокьараб регионалдаса», – ян бицана Сайпудиница.

ГIагараб ракьалъул масъалаби

Самараялда гӀумру гьабулев вугониги, Сайпудин санайил щола жиндирго росулъе. Исана гьес байбихьана чӀунтизехъин бугеб инсул мина къачӀазе. Кутакалда лъикӀ лъала гьесда гӀагараб халкъалъул рахӀат хвезабулел масъалабиги. «ГьечӀо гӀатӀидаб шагьранух. КьватӀун руго 2003 соналда бараб росдал школалъул къадал (бачӀинахъего гьеб бан буго ччукӀун иналъул хӀинкъи бугеб ракьалда). ГьечӀо спортзал – цӀорораб хасало дарсал тӀоритӀула азбаралда. ГьечӀо Культураялъул рукъалъе бараб мина - гьеб хӀебтӀун буго басрияб минаялда жаниб. Бугин абиялъе эхетун буго ФАПалъул минаги, амма гьеб 10-ялдаса цӀикӀкӀун соналъ хӀалтӀулеб гьечӀо: санитариял шартӀал гьечӀолъиялда бан.

Гьединабго хӀал буго Гьунзиб ва Гъарбулъ росабазул школаздаги. Гьанжезаманалъул минаби разе заман щун буго цебего. Гьениреги гьечӀо санагӀатал шагьранухал. Бокьилаан гьел масъалаби тӀураялде кӀвар кьуни БежтӀа участока­лъул бетӀер Шамил Арадаховас. Гьел тӀу­рачӀого, лъикӀлъиларо бакӀалда гӀумру гьабулеб халкъалъул гӀумру», - ян абуна С. Идрисовас.

Амма бищунго ракӀунтизабураб суаллъун гьес рехсана рахьдал ва магӀарул литературияб мацӀал цӀуни. «ГӀурус мацӀалде дандечӀарав чи гуро дун: гьеб буго нилъер пачалихъияб мацӀ. Амма щибаб росдал лугъат, халкъалъул мацӀ тӀагӀунеб бихьидалги, ракӀ унтичӀого хутӀуларо. Билана мацӀ – билана халкъалъул генетикияб код», - ан пикру загьир гьабуна гьес.

Кавсарат Сулейманова