Низам хвезабиялъул хIужаби кквечIо
21 сентябралда «Дагъистан» РИАялда тIобитIана 2026 соназул рищиязул хIасилазул хIакъалъулъ бицараб пресс-конференция. Гьелда гIахьаллъана ДРялъул ЖамгIияб палатаялъул председатель Амирхан МухIамаддадаев, гьесул заместитель Эдуард Уразаев ва Рищиязда хадуб халкквеялъул республикаялъулаб штабалъул председатель Динислам Дадаев.
Гьезул баяназда рекъон, тIолабго улкаялдаго гIадин, Дагъистаналдаги рищиял тIоритIана лъабго къоялъ ва низам хвезабиялъул рахъалъ гIочIоде чIвазе мустахIикъаб цониги хIужаги ккечIо. Партиязда гьоркьоб бергьенлъи щвана «Цогояб Россиялъе». Щварал гьаркьазул процентазул рахъалъ гьезда хадур гIунтIарал партиязул хIисабги гьабун, Дагъистаналъул парламенталда рукIине руго «Цогояб Россиялъул», «КПРФалъул» ва «ЦIиял гIадамал» партиязул вакилзаби.
«Ростелеком» ПАОялъул Дагъистаналда бугеб филиалалъул хасаб рокъоб гIуцIун букIана Рищиязда хадуб жамгIияб халкквеялъул республикаялъулаб штаб. ТIадегIанал технологиязул алатаздалъун хьезабураб штабалда лъабго къоялъ хIалтIана 20 эксперт. Гьезда гьоркьор рукIана журналистал, политологал, экономистал ва волонтерал. Республикаялда рагьун букIана 700-ялдаса цIикIкIун рищиязул участок. Гьезул щибалда бугеб ахIвал-хIал бихьулаан хасаб экраналда онлайн къагIидаялдалъун. Нагагь пуланаб бакIалда ток свани, ай экраналдаса гьеб бакI тIагIани яги низам хвезабиялъул хIужа тIатани, гьебсагIатго кIалъалаан бакIалда вугев жамгIияв халкколесухъе. Гьеб параялъго битIизабулаан кинабго, ай рекъезабулаан чIезабураб низамалда рекъон.
Баркала буго киназего: лъабабго къоялъ, бер тIаса босичIого хIалтIарал волонтеразеги, гIадлу-низамалда рищиял тIоритIизе квербакъарал комиссиязеги, низам цIуниялъухъ халккуразеги. РакIчIун абила: Дагъистаналда рищиял ана гIуцIадго, низам хвезабиялъул хIужа биччачIого ва гьеб ккола халкъазул гъункиялъе, улкаялъул президентасда хадур нилъ рилълъиналъе нугIлъи. Кидаго гIадин, букъараб зар гIадин цадахъ нилъ ругеблъи бихьизабуна Россиялде данде къеркьолел къуватазда, нилъер улка хIабургъинабизе гъира бугел тушбабазда», - ян бицана А. МухIамаддадаевас.
Халкквеялъул къокъаялъул хIалтIул хIакъалъулъ бицана Д. Дадаевас. Гьесул баяналда рекъон, рищиязул къоязда штабалде гьабуна микьазаргоялдаса цIикIкIун хитIаб. Гьел хитIабал рукIинчIо низам цIунунгутIиялъул, хъачIаб гъалатI биччаялъул хIакъалъулъ. ЦIикIкIарасел хитIабазул мурад букIана рищиязул участок рагьиялда, гьел тIоритIиялъул къагIида мухIкан гьабиялда яги рищиязе квалквал гьабулел хIужабазда хурхарал. «Цадахъго гIемер бюллетенал рехизехъин ругин яги фейк (гьересияб хабар) тIибитIизабизехъин бугин абурал баяналги щвана нижехъе. ГьебсагIатго бакIалда ругел юристалгун дандги бан, халгьабизе тIамулаан ва къиматги кьун, суал хехго роцIинабулаан. Амма цониги хIужа букIинчIо, пуланаб участокалда тIоритIарал рищиязда божунгутIиялъе рес кьолеб.
Рищиязда хадусел къоязда ниж гIахьаллъана СКФОялъул регионазул дандеруссиналда. ВидеокъагIидаялда гьеб тадбиралда нижергун бухьен гьабуна улкаялъул 70 регионалдаса ЖамгIиял палатабазулги Халкквеялъул штабазулги вакилзабаз. Бицунеб букIана щибаб регионалда рищиязда букIараб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ. Кьурал суалазе ракIбацIцIадго жавабал кьуна нижеца гьенирги», - ян бицана Д. Дадаевас.
Бищун гIемер чи рищиязде вачIун вуго шамат къоялъ. «Ниж дагьал рихха-хочана, Дербенталъул рищиязул участокалде полициялъулазул къокъа жанибе лъугьунеб бихьидал. ТIасан борчIараб хIалдай бугебан ракIалде ккана. Амма гьел рукIун руго полициялъул цо участокалъул хIалтIухъаби: байрамалъулаб парталги ретIун, гьаркьал кьезе рачIарал», - ан бицана Динисламица.
Пачалихъияб Думаялде депутатал рищиялъулъ гIахьаллъана Дагъистаналъул избирателазул 91,69%. Официалиял баянал жеги мухIкан гьарун гьечIониги, цебеккунисеб хIасил гьединаб бугилан бицана рищиязул политикиял хIасилал гьарурав Э. Уразаевас. «ТIолабго Россиялдаго гIадин, Дагъистаналдаги политикиял партиязул букIана жигараб гIахьаллъи. Цо мандаталъулал киналниги округазда бергьенлъи щвана «Цогояб Россиялъе». Республикаялъул цогояб округалда рищиял гIуцIун рукIана партиязул сияхIазда рекъон. Цереккунисел баяназда рекъон, ккана гьадинал хIасилал: «Цогояб Россиялъе» щвана гьаркьазул 74-гIанасеб процент, «РитIухъаб Россия» – 12%, КПРФ – 11%. ХутIарал партиязухъа бажаричIо гьаркьазул кIиго проценталдаса тIаде рахине. Гьединлъидал республикаялъул парламенталда рукIине гьечIо гьезул вакилзаби», - ян бицана гьес.
Дагъистаналъул парламенталда (Халкъияб Собраниялда) вукIуна 90 депутат. «Россиялъул цогидал субъектазде дандеккун, бищун гIемер депутатал руго нилъер. Гьедин гьабуна, щибаб миллаталъулги муниципалитеталъулги вакилзаби парламенталда рукIине кколин абураб пикруялъул кьучIалда», - ян баян кьуна Э. Уразаевас.
Партиязул сияхIазда гъорлъ гьечIел, ай цо мандат кьолел округаздаги рищана Пачалихъияб Думаялде депутатал. МахIачхъалаялъул №10 округалда ругел избирателазул 82,37 проценталъ божилъи гьабуна лъабцIул «Орден Мужества» абураб шапакъаталъе мустахIикълъарав СВОялъул гIахьалчи, ДРялъул сахлъи цIуниялъул министрасул заместитель МухIамад Валиховасде. Буйнакскиялъул №11 округалда вищана НурбахIанд НурбахIандов (гьесие щвана гьаркьазул 82,53%) ва Дербенталъул №12 округалда – Хизри Абакаров (89,80%).
Макъала хIадурулаго, республикаялъул Рищиязул комиссиялъ загьир гьаруна гьадинал хIасилал. Пачалихъияб Думаялде кандидатура лъурал депутатазда гьоркьор, гьаркьазул 92,22 процентги щун, бергьана «Цогояб Россия». Гьелда хадур руго: «РитIухъаб Россия» (2,69%), КПРФ (2,45%), ЛДПР (1,45%), «ЦIиял гIадамал» (0,37%), «Россиялъул коммунистал» (0,13%), «Социалияб ритIухълъи цIуниялъе гIоло Россиялъул пенсионеразул партия» (0,11%), «ВатIан» (0,11%), «ГIурччинал» (0,11%) ва «БитIахъеяб демократиялъул партия» (0,08%).
Кавсарат
Сулейманова