Умумуз нилъее гӀасрабаз цӀунараб ва аманатлъун нилъехъе кьураб рахьдал мацӀ кӀочонеб букӀиналъул хӀакъалъулъ гӀемер хъвана нижеца. Гьеб мацӀалъухъ рухӀдаллъарав кӀиго магӀарулав щвана редакциялде гьоболлъухъе. Гьел ккола Турциялда гьарурал ва гӀурал, амма магӀарул мацӀалъухъ бугеб рокьуца умумузул ватӀаналде сапаралъ рахъарал МухӀамад Йилдизги СагӀадутдин Чинарги. Гьезул кӀудиял умумул кколаан Гумбет районалъул МелъелтӀаса. ГӀумру гьабулеб буго Турциялъул Кагьраман-Мараш вилаяталъул Гоксун районалда бугеб Киреч абураб росулъ. Берцинаб магӀарул мацӀалда сагӀаталдасаги цӀикӀкӀараб заманалъ гьезулгун гьабураб гара-чӀвари кьолеб буго гьаниб.

Кьер-кьерал тIугьдузул квацIи - мацIал гIемераб Дагъистан

Дагъистаналде тӀоцебесеб нухалда вачӀун вуго СагӀадутдин. «Ниж рукӀана цо кафеялда кваналел. Гьений хӀалтӀулей гӀаданги йикӀана магӀарулай. ТӀаде рахъиндал, гьей МухӀамадида гӀурус мацӀалда кӀалъана. Дида гьеб квеш букӀана. «ПатӀимат, мун - Дагъистаналдаса магӀарул яс, гьавги - Турциялдаса вачӀарав магӀарул чи. Нуж данделъун руго Дагъистаналда ва кӀалъалел руго гӀурусалъ. КигӀан талихӀ гьечӀебха бугеб гьаб дир мацӀ!» - ан абуна дица гьелда.

Гьанже гьеб - рахьдал мацӀги добегӀан къазабун, чияр мацӀалда кӀалъай - киназулго ботӀрол унтилъун лъугьун буго. Чанги сон буго, Турциялдаги магӀарул мацӀалда кӀалъалев чи дандчӀваларого. Гьанибги батана гьебго унти. Хадуб гӀолеб бугеб наслуялда гьеб тӀубанго кӀочонеб буго. Гьаб дунялалъул хӀисаб гьабидал, батӀи-батӀиял мацӀал руго Дагъистаналда. Гьеб буго цо батӀияб, кьер-кьерал тӀугьдузул квацӀиялъул букӀунеб гӀадаб берцинлъи. Гьел кьерал рилизе тани, нилъее кӀудияб мунагь буго. ГӀайибги нилъедаго буго. БатӀияб миллаталъул гьудулгун дандчӀвайдал, гьесулгун гӀагарлъи гьабидал, чанцӀулго гьевгун гӀодов чӀезе ккела, гьесул тухум-кьибил цӀехезе ккела. Нилъерго миллаталъул чигун гӀагарлъи гьабулеб бугони, хъизамалъул кӀудияв цо чи лъаниги, гьесде божилъи цӀикӀкӀараб букӀина.

Дирго мацӀалда кӀалъалев цо чи вихьани, гьев диравлъун къабулги гьавула. Дов нилъер чиянги абула. Нилъер батула цо тухум, гӀаммаб цо тарих, цадахълъиги, камичӀого, чӀаго хутӀулеб буго. МацӀ билун хадуб, гьеб цадахълъиги тӀагӀунеб буго.

Гьел жал рицунев дур лъималазда лъалищ мацӀилан гьикъани, - лъаларо. Нижер доба бугеб хӀал гьаниб бугелдаса гӀемер батӀияб буго. Дир росулъ хасало хутӀула щуго цӀараки - киналго уна цӀализе, хӀалтӀизе, ай чед-хинкӀалда хадур шагьаразде. Риидал данделъула 100-130 цӀараки. ХӀалтӀуге, кванагеян гьукъизе бегьуларелъулха. Росу тун араз къватӀиса ригьнал гьарулел руго. БатӀи-батӀиял миллатазда гьоркьосел ригьнал ругеб хъизамалъул рокъоб цо магӀарул рагӀи абичӀого, моцӀал ун ратула. Гьеб рахъалъ гӀемераб хӀаракат гьабуна дир вац АхӀмадица. Гьесул хъизанги йиго магӀарулай, амма, къватӀий гӀурай йигелъул, гьелдаги мацӀ лъаларо. ХӀалтӀудаса рокъове вачӀиндал, лъимал кодоре рачун, гьезда магӀарул мацӀалда кӀалъалаан вац. КӀудиял гӀедал, магӀишаталда хадур къватӀире рахъиндал, гьесул лъималаздаги магӀарул мацӀ бицунев чи дандчӀвачӀо. Бицунеб жо бичӀчӀаниги, кӀалъазе гьездаги лъаларо.

100-200 соналдасан дунялалда мацӀал гӀемерго дагьлъизе руго. МагӀарул мацӀалъул гӀумру кигӀан халалъизе бугеб - гьеб буго нилъеда бараб иш. Нилъеца цӀунизе ккола аманатлъун умумуз нилъехъе кьураб мацӀ, лъималазда гьеб малъизе тӀадаб буго нилъеда», - ян бицана гара-чӀвариялъул байбихьуда СагӀадутдин Чинарица ва цӀалана рахьдал мацӀалде гьабураб шигӀру.

Цересел соназда газеталда рахъун рукӀана Турциялдаса АхӀмад Чинарилги гьесул эбелалъулги шигӀраби. Гьез турк мацӀалда хъварал гьел АхӀмад МуртазагӀалиевас магӀарул мацӀалде руссинарун рукIана. СагӀадутдиница кучӀдул хъвала магӀарулги туркги мацӀазда. Гьел кагътиде росизе гьес жинцаго рекъезабун буго латин алип. «Дица кучӀдул цӀалана эбелалъеги вацазеги. Гьезие гьел рокьана, ва гьез абуна, жидехъа бажаричӀин гьедин берцинго рахьдал мацӀалда рагӀаби херхинарунин абун», - ан бицана СагӀадутдиница.

МахӀ батӀияб, мацӀ батӀияб чияр бакӀ

Баччизе кӀоларо, рихана, эбел.

Лъимал-хъизаналъе чедалъе гӀоло

Киналго цо рахъалъ рехана, эбел.

МацӀ кӀочонеб буго, харбий чи гьечӀо,

Дирго лъималазда малъизе кӀвечӀо.

ЦӀалун, хъвазе лъугьун - гьебги бегьичӀо,

Нужгун кӀалъазецин урхъана, эбел.

ХинкӀ-панкъ квинчӀогоги, чехь гӀорцӀуларо,

КъватӀир ругеб мехалъ кодор щоларо.

ГӀатӀ гьечӀел квеналги дий рокьуларо -

Цадахъ кваназеги урхъана, эбел.

Кванхигун лъугьуна раса хачазе,

Гьелдаса хадубги - ханжу цӀалкӀизе.

ТӀаде ражи бухун, нахги къвакӀизе,

Ражи бацӀцӀинецин урхъана, эбел.

КечӀ хъвазе лъугьана, дунго гуккизе,

Чи ватичӀо, кивго авар мацӀ лъазе.

Бокьун буго дирго росулъ вукъизе,

Ракьул махӀалдацин урхъана, эбел.

ГӀун-гӀечӀого уна лъимал цӀализе,

РатӀалъигун ракӀ лъугьуна гьализе.

Квешаб талихӀ бажаричӀо хъамизе,

Нилъерго хӀалалда гурхӀана, эбел.

Ракь-ракьалде рикьидал,

рахьдал мацI билана

СагӀадутдинил росуцоял-умумул рахъ-ра­хъал­де рикьун руго, Турциялде гочараб заманалда: цоял рещтӀун руго Карсалда, цогидал - Мушалда, лъабабилел - Сивасалда, Яловоялда ва гь.ц. «Бищун гӀемерал нижер росуцоял ругел росаби рукӀана Мушалъул рахъалда: Токат, Сивас, Ялово, Кагьраман-Мараш. Гьел росабалъ буго нижер гӀагарлъи гьабсагӀаталдаги. Рехсарал росабазда гьоркьоса цо росу билана. ХутӀарал росабалъ гӀурал наслабазда мацӀ лъаларо: гьел журан руго батӀи-батӀиял миллаталгун ва кӀалъала турк мацӀалда. Дир кӀудияй яцалъул росасда лъаларо магӀарул мацӀ, эбел МелъелтӀаса йигониги», - ян бицана гьес.

РакӀалде щвезабуна жиндирго инсул кӀудияв инсул къисматги. «ГӀурус революция бергьун хадуб Дагъистаналдаса гочунелъул, кӀудияв эмен вукӀана гьитӀинав чи. КӀицӀул-лъабцӀул гӀаздакьеги ккун, хвасарлъун вуго гьев. ГӀемераб гӀакъубаги бихьун, тӀарамагъада, кьун гӀарацгун ракьалги росун, жидерго росабиги ран, чӀун руго гьел Турциялда. Гьанже маргьаби рицуна, турказ чӀобого ракьал кьунилан абун. Инсул кӀудияв эмен гӀахьаллъун вуго Ататюркица эрмениязде данде гьабураб рагъулъги.

Умумузул кӀудияб хӀасрат букӀана ватӀаналде тӀадруссине. Гьезие КагӀбаялдасацин цебесеб букӀана Дагъистан. Жидерго ватӀан, гӀагарлъи бихьизе урхъун рукӀунаан гьел. Гьанже цо бакӀалда 100 магӀарулавцин вихьулареб хӀал буго доба. Гьаниве щведал - тӀолабго шагьар магӀарулазул бугилан ккана дида. КигӀан берцинго гьеб бугеб! Шагьарго дир бугоян ракӀалде ккана», - ян бицана С. Чинарица.

Хъизамалъул хӀакъалъулъ гьикъидал, СагӀадут­динил берал магӀил цӀуна. «Цо ясги васги рукӀана дир. Балагьизе барахщарай, берцинай яс йикӀана. Гъоркьиса Кагьраман-Марашалда ракь багъаридал, минаги биххун, ясги дурцги хвана. Къогониги къо бана, гьел рахъизе бажаруларого.

Дир хъизаналъул эмен магӀарулав вукӀана, эбел - чергесай. Дир кӀудияв инсуца чергесазул росулъ дибирлъи гьабулеб букӀана. Гьениса ячарай йикӀана хъизан. КӀиго лъимерги гьабун, гьей унтана ва къадаралде щвана. Вас хӀалтӀулев вуго генералияв директорасул заместительлъун», - ан бицана гьес.

2008 соналдаса нахъе С. Чинар пенсиялда вуго. Гьелдаса хадуб, Евросоюзалъ Анкараялда рагьарал курсаздаги цӀалун, цӀияб махщелалъе ругьунлъана гьев. ТӀадвуссана Гоксуналде, машина бачине ихтияр кьолеб кагъатги босун. Анлъго соналдасан хӀалтӀизе лъугьана Чанаккалаялда бугеб фабрикаялда. Гьенисаги тӀадвуссана Гоксуналде ва анлъго соналъ хӀалтӀана лъим баччулел машинабазул гаражалъул нухмалъулевлъун. Ракьги багъарун, минабаздаса махӀрумлъарал гӀадамазе бана ва бикьана 85 мина.

- Умумуз бицанихъе, берцинаб бакӀ бугоанищха Дагъистан?

- Цевеккун Дагъистаналде ун вукӀана дир вац АхӀмад. Гьес рачӀун рукӀана росдалги цогидал бакӀазулги рахъарал суратал. Гьезухъ валагьун, тамашалъун вукӀунаан, хаган хутӀулаан, гьадинабги ракь букӀунищан абун. Дирго беразда бихьидал, жеги хӀикмалъана дун! Маргьаялда букӀунеб гӀадаб тӀабигӀат буго гьаниб. Гьанир рагъизе туманкӀ хӀажалъиларо - кодобе босун, гамачӀ речӀчӀани гӀола.

- Щаллъун рукӀарал дур умумул?

- Дир инсул цӀар ГӀабдулкъадир, гьесул инсул цӀар - МухӀамадгъази, гьесул эмен - Ногъай-МирзахӀажи. Гьаниса гочунаго, МухӀамадгъазица росулъ тун йиго йокьарай яс. Эбел-инсуца хӀалица вачун вуго живгоги. Гьаниса унаго, цо хӀобода таманча речӀчӀун буго гьес. Гьеб хӀуби жеги бугин бицана росулъ. Инсул вукӀана ункъо вац: Гъайирбег, МухӀамад, ХӀажидада, ГӀабдулкъадир (дир эмен вукӀана бищун гьитӀинав).

Дир эбел йикӀана гӀакъилай, хӀалимай, кӀалъазе лъалей гӀадан. Гьелъ хъвалаан турк мацӀалда шигӀраби. Инсуцаги хъвалаан. Эбелалъул эмен ГӀабас, гьесул эмен - ГӀалисултан. Гьелги Мелъел­тӀаса.

Дир руго кӀиго яц (Жейзан ва Хайрия) ва лъабго вац: дун, Сайпуддин (бищунго лъималазе вокьулев, хӀалимав чи) - гьес рахъула суратал, АхӀмад (бищунго гӀакъилав). Ниж ругеб росулъ гӀумру гьабула МелъелтӀаса, ИчичӀалиса, Сивухъа, ГӀободаса, Анцухъа магӀарулаз.

Бизнес - Дагъистаналда,

хъизам -Турциялда

МухӀамад ккола СагӀадутдинил гӀагарав чи. Гьев цевегоялдаса нахъе хьвадула Дагъистаналде. ГӀемерисеб гӀагарлъиги буго Сивухъ росулъа. Гьез гӀумру гьабулеб буго Бабаюрталда. Дагъистаналда МухӀамадил буго бизнес - гьес Хасавюрталъул базаралда ричула гордабигъал. Гьесда лъала гӀурус мацӀги.

- Умумул Турциялде кин ккарал, МухӀамад?

- Дир кӀудияв инсул микьго сон букӀана, гьесул эбел-эмен Турциялде гочараб мехалда. СагӀадутдинил кӀудияв эмен МухӀамадгъазиго гӀадин, дир кӀудияв эмен ГӀабдулкъадирги эбел-инсуца цадахъ вачун вуго. Щуго сон барав гьесул цояв вац Пахрудин гьанивго хутӀун вуго. Бабаюрталда бугеб гӀагарлъиялда цӀехана дица, тухумалъул тарих лъалищан. Гьедин баянлъана 18 вацгӀал вукӀаравлъи. Рагъда киналгоги хун, гьитӀинал хутӀун рукӀун руго. Дир эмен вуго магӀарулав, эбел - чачанай.

- МагӀарул мацӀ кин лъараб дуда?

- 18 сон бан хадуб лъазабуна дица гьеб. Гьаркьал рахъулеб къагӀида лъазабиялъе кӀудияб кумек гьабуна Зайнаб Махаевалъул кучӀдузул дискалъ. Гьелъухъ гӀенеккулаан, хъвалаан рагӀаби кагътида ва, мацӀ лъалев чиясда аскӀовеги ун, гьикъулаан, гьаб рагӀул магӀна щибан абун. Рокъоб, хъизамалда жанив магӀарул мацӀ бицунев чи гьечӀо: бичӀчӀула - кӀалъазе лъаларо. СагӀадутдинил заманалда (гьев дидаса кӀудияв вугелъул) росулъ гӀемер рукӀана магӀарул мацӀалда гаргадулел гӀадамал. КӀудиял чагӀазда, хасго руччабазда, турк мацӀ лъалароан, ва гьел кӀалъалаан рахьдал мацӀалда. Дие гьел щвечӀо, хутӀичӀо.

Хадубккунги дие квербакъана Аллагьас. Бизнесалъул ишаз дун ккана Россиялде, Краснодар краялде. Майкопалда бизнес гьабулаго, лъазабуна гӀурус мацӀ. Гьениб хӀалтӀи тӀагӀиндал, вуссана Истамбулалде. Гьебмехалда байбихьана Дагъистаналъулгун цадахъаб бизнес гьабизе. Гордабигъал ричулеб фирмаялъул менеджерлъи щвана дихъе. 15 соналъ хьвадулев вуго дун Дагъистаналде. Лъабго моцӀида жаниб кӀиго анкь бала дица гьаниб. Гьедин унел руго сонал.

- Дагъистаналда ругел цо-цо магӀарулаз абула, гьеб мацӀ кибниги хӀажалъуларин, гьеб лъачӀониги бегьулин абун. Дуе къваригӀанищ магӀарул мацӀ?

- ГӀемер бигьалъи щвана дие мацӀ лъалеб букӀиналъ. Дун Турциялдаса фирмаялъул вакил вугин гӀурус мацӀалъ абидал, базаргабазул бербалагьи гьедигӀан лъикӀаб букӀунаро. Ассаламу гӀалайкум, щиб хӀал бугебан магӀарулалъ абидал, гьав нилъерго чи вугилан, роха-хинлъун лъугьуна гӀадамал. Турказда релълъарав вугониги, магӀарул мацӀалда гаргадулев вугоян разиго къабул гьавула гьез дун. Киса кколеван гьикъула, дицаги бицунаха.

- Россиялъул батӀи-батӀиял регионазда бу­кӀана дур бизнес. Гьелъие бищунго санагӀа­таб бакӀ кинаб бугеб?

- Дагъистан лъалев чиясе гьаниб буго, лъалеб гьечӀони - бищунго захӀматаб буго Дагъистан. Северияб Кавказалда, Пятигорскалда бугелдасагицин, кӀудияб базар буго Хасавюрталда. Гьаниб даран гӀуцӀун буго божилъиялда. Дун магӀарулав вукӀинги дие пайдаялъе буго: къайи цогидазухъа босизегӀан, нилъерго МухӀамадихъа босилаян абула гӀемерисез. Цебе кутакалда лъикӀ унеб букӀана бизнес, гьанже тӀолго Россиялдаго экономика «гьаргьадилеб» бугелъул, цодагьаб хӀинцлъун буго даранги.

Хираго бугониги, лъикӀаб къайи босула дагъистанияз, гьездаса хадуб - чачаназ. Гьедин хираго, кигӀан лъикӀаб бугониги, къайи босуларо, масала, Турциялъул Гюнеялда.

- Лъимал чан ругел дур?

- КӀиго яс йиго. Цо дагьаб заманалда гьанире рачунги рукӀана гьел. ГӀисинал руго жеги.

- Гьаниб рукъ босунищ бугеб?

- Аслияб къагӀидаялда дун вукӀуна Хасавюрталда. Гьениса гӀагарда буго МахӀачхъалаялде, Гъизляралде, Гудермес-Грозныялде ва цогидал бакӀазде ине. РещтӀуна гостиницаялда. Цого бакӀалде рещтӀунелъул, дие дагьаб учузгоги кьола гостиницаялда рукъ. ШартӀал квешал гьечӀо гьенир. Турказе багьа батӀияб букӀуна.

- Хасавюрт шагьаралъул хӀакъалъулъ кинаб пикру бугеб дур?

- Северияб Кавказалдаго гьечӀо Хасавюрт гӀадаб баракатаб шагьар. Амма гьениб бугеб чороклъи! Гьениб пачалихъго гьечӀин ккола ракӀалде. Северияб Кавказалъул финансазул центр ккола гьеб. Гьениб буго лъабго гостиница. ГьечӀо санагӀатал нухал, чуруларо къватӀал, нахъе баччуларо рищни. Аслияб кӀиго къватӀ къачӀана дагьалъ цебе. Гьениб дагьа-макъабго рацӀцӀалъиги гьабула. Ихдал чвахунцӀадал рараб мехалдаги, дун гьанив вукӀана. МоцӀидасан щвана - добго хӀалалда буго биххараб кьо, балагьалъукье ккарал гӀадамазе гьабулеб гьечӀо кумек.

Ана Грозныялде. Гьезулги лъабго росу лъелъ гъанкъана. МоцӀида жанир гьезие рана цӀиял минаби. Дагъистаналда харбида хутӀун буго. Шагьаралъул къватӀал рацӀцӀине гӀарац гьечӀогойищ бугеб? Россиялъул гӀемерал шагьаразде щвана дун: Астрахань, Москва, Ростов, Краснодар. Доба кибго гьабула рацӀцӀалъи. Гъизляр, Хасавюрт, МахӀачхъала, Дербент - туристалги гӀемер рачӀунел шагьарал руго, гьениб щай букӀине кколеб чороклъи? Дагъистаналда рекъон гьечӀо гьеб.

Кавсарат Сулейманова