Гъансито – рукъалъул ракI, ицц – росдал ракI
МахIачхъалаялда, Сулейман Стальскиясул цIаралда бугеб ахикь, тIобитIана «Дир хъизам – Россия» абураб Россиялъул халкъазул форум-фестиваль. Гьеб гIуцIана ДРялъул Культураялъул министерствоялъги Халкъияб творчествоялъул республикаялъулаб рукъалъги.
Форумалъул тIоцебесеб къоялда рукIана халкъиял устарзабазул ярмаркаги, Дагъистаналъул художниказул выставкаги, «Дагъистаналъул халкъазул богорукъ» абураб фестивальги. Устарзабазул ярмаркаялда гIахьаллъана МахIачхъалаялдаса, Избербашалдаса, Унсоколо, ЧIарада, ГIахъуша, Дахадаев, Хайдакъ, Табасаран, Сулейман-Стальск ва Хасавюрт районаздаса махщелчагIи. ХIамзатил Расулил «ХъахIал къункърабазул» къоязде Дагъистаналде рачIарал гьалбадерида бихьана ансадерил ишан кьабулеб къагIидаги, хайдакъазул меседил куналъ угьариги, бархъалиселгун испикалъулазул ва сулевкенталъулазул щагIил цIарагIги, баргъичалгун кIилкIал ва курхьаби гьариги, тIанса бессигун щватаби хьухьинги ва цогидабги къанагIатаб, гIицIго дагъистаниязе хасиятаб устарлъи. Ярмаркаялда рукIана гьалбалги: Чачаналдаса устарзаби ва скульптор.
БатIи-батIияб техникаялда рекъон рахъарал суратал рихьизаруна МахIачхъалаялдаса, Каспийскиялдаса, Гъизляралдаса ва Буйнакск районалдаса художниказ. Гьезул суратазда букIана гIагараб ракьалъул тIабигIатги халкъиял байрамаздаса лахIзаталги. РукIана хъизамазулги, халкъазул гьудуллъиялъулги ва Россиялъул тIабигIаталъул берцинлъиялъулги рахъарал сураталги.
Авар театралда цере жидерго гьунар бихьизабуна палугьабаз. ТIоцеве квариде вахана МухIарамкент районалдаса Шагьбуба Казиев. Къанщун бералгун, гьаруна гьес кварида гьунарал.
Гьесда хадур квариде рахана Камил Къурбановасул цIаралда бугеб Дагестанские Огни шагьаралъул Циркалъул искусствоялъул школалъул цIалдохъаби. Рехсараб школалъул цIалдохъаби рахъана Сочиялда, Москваялда, Франциялда, Испаниялда ва Германиялда рукIарал фестивалазул лауреаталлъун.
Ахиралда церерахъана «Палугьан» абураб халкъияб циркалъул къокъаялъул вакилзаби. Гьезул нухмалъулев ккола Дагъистаналъул мустахIикъав артист, «Душа Дагестана» ва «Душа России» абурал премиязул лауреат АсхIабгIали ХIасанов. Гьесул палугьаби рахъана 2019 соналда Эр-Риядалдаги 2024 соналда букIараб ТIолгороссиялъулги фестиваль-конкурсазул лауреаталлъун.
Авар театралда цебе букIана фольклориял къокъабазул концертги. Гьеб байбихьана Унсоколо районалъул «Унсоколо» ансамблялъул кьурдиялдалъун. Концерталда гIахьаллъана Тарумовка районалдаса «Рыбачки» абураб ансамбль, МахIачхъалаялдаса – «Симург», «Асса» кьурдухъабазул къокъаби, Лаваша районалдаса «КечI ахIулел ракIал» абураб халкъияб хор, «Авадан» абураб халкъияб ансамбль, «Вайлар» - тумазул кочIохъабазул къокъа ва гь.ц.
Жидерго гьунар бихьизабуна республикаялде щварал гьалбадерицаги. Башкиразул кьурди гьабуна «Уфа» ансамблялъ, Йошкар-Олаялдаса «Эрвел Марий» абураб халкъияб кьурдулгун кочIол ансамблялъ ахIана кучIдул, «Сиверко» абураб Архангельскиялдаса ансамблялъ рачана севералъул бакънал ва кьурдул наку.
Концерталъул ахиралда букIана «Гьудуллъиялъул хоровод»: улкаялъул регионаздасаги къватIисел пачалихъаздасаги рачIарал киналниги коллективазул вакилзаби цере рахъана миллияб парталги ретIун ва, цоцазул квералги ккун, гьабуна кIудияб гор.
Кавсарат Сулейманова