Дир гьудул, ругьунаб чоца рехани...
Исанасеб сон сундалъун ракIалда чIарабин лъагIалил ахиралда гьикъани, дица абила чвахунцIадаздалъунги нухаздалъунги чIанилан. Гьеб кIиябго рагIиялда хадубцун бачIуна квалквалги, машинабиги, сапаразде рахъунез тIоцебе кьолеб суалги - БагIараб кьо жеги рагьун гьечIищ абун?
Магистралияб кьо
Июлалъул авалалда рарал гьалагал чвахунцIадаздаса хадуб нухалги хвечIеб, иххица кьоги хвезабичIеб районго хутIанадайин кколеб букIана. Гьел киназдаго гьоркьоб бищун аслияблъун ва бищунго кIалухъ бахъараблъун лъугьанин абизе бегьула гьанже унго-унгоги машгьурлъи щвараб БагIараб кьо.
Хьаргабиреги Унсоколорги нух бикьуда бугеб, АваргIорги КъаралгIорги журалеб бакIалда тIасан лъураб БагIараб кьодухъан хьвадула магIарулазул микьго районалде гIадамал. Чанго муниципалитеталъе кIвар бугеб, республикаялъул даражаялъул магистралияб шагьранух жинца цолъизабулеб, гьелъул щекъерилан абизе бегьула гьеб кьоялде. Щокъронисан гIадалнахудеги, гьенисан тIубараб къаркъалаялдеги би хьвадулеб гьечIони, гIадамасул гIумру чIолеблъи нилъеда лъала.
ТIубанго чIун гьечIониги, магIарухъеги нахъеги хьвадулезе гIураб квекIен буго, гъоркьан жагъаллъи ккун батун кьо къаралдаса нахъе. Гьеб къан бугелдаса моцIидасаги заман балеб буго. ГьабсагIат кьо цIигьабун къачIалеб буго. Гьениб гьабулеб хIалтIул щиб кколеб бугебали бихьизе щвана дагьал церегIан къояз.
ЦIияб щулалъи лъезе буго
Кьода тIад букIараб хъилги бухъ-бухъун, гьелда гъоркь букIараб биццатаб гъат нахъе бацIцIад гьабулеб бугоан бакIаб техникаялъ. Сверун чIахIиял бордюралги лъун, «туснахъ» гьабун бугоан БагIараб кьо.
ГьабсагIат гьениб хIалтIулеб буго бакIаб техникаги чанго хIалтIухъанги. Жеги тIадеги техникаги жеги хIалтIухъабиги рачIине ругин бицана кьода хIинкъи гьечIолъи цIуниялъул хъулухъалъул нухмалъулев Шамил Къурбаиловас:
- ГьабсагIат нижеца бакъвараб ракь балеб буго гъоркье, - ян, кьодул щулалъи эхетараб бакIги бихьизабун, абуна гьес. - Гьеб щулалъи гIордаса батIа гьабизе ккола. Цадахъго тIад бугеб гъатги бацIцIад гьабун, кьода тIад тIиритIун ругел риццатал къаналги росизе руго нахъе. Гьел нахъе росичIого кьодул швелеразул щиб хIал бугебали лъазе рес гьечIо. Амма щуго комиссияги бачIун, чанго нухалъ халгьабидал, бихьизабуна кьодуе жагъаллъи ккун букIин, - ан абуна гьес.
- Дида жакъа гьаниб бицана гъоркь чIвараб щулалъи нахъе биххизабун, цIияб базе бугилан.
- У, цIияб щулалъи букIине буго кьода гъоркь. Гьелдаго аскIор лъим жанисан ине рогIралги лъезе руго, - ян рогIразул гохIги, гьел лъезе кьоде гъоркье бахъараб нухги бихьизабуна гьес.
- ГIадамазе рилълъине санагIалъиялда нижеца къачIан буго гьаб кьо, - ян аскIоб бугеб гьитIинаб кьоги бихьизабуна гьес.
- Хунзахъ ва Шамил районазул чагIи, кьодул цояб кIалалдаги рещтIун, цоги машинаялде рекIине цояб рахъалде рачIунел рукIинги бихьана гьениве щведал.
- Мисалалъе, хунздерил таксистаз гьабулеб буго гьадин. КIи-кIи машина бугев таксист вугони, гьез цояб машина тола МахIачхъалаялде унеб нухда, цогидаб машина кьодул цояб рахъалда, ЧIалде унеб нухда. Гьединго гьабулеб буго Шамил районалдехун унезги.
Бигьалъи гьечIищха, Дарадасан, Лавашисан сверун инчIого, кIиго жоги хисун, кьурдасан лъелго гьанирехунги рачIун, хехго щвезе рес буго МахIачхъалаялде, гьединго магIарухъеги. ГIицIго гIадамазе бугеб гIунгутIи буго жидерго къайи-цIаги баччун, кьурдасан хьвадизе кколел рукIин. Щибха гьабилеб, гьеб гуреб захIмалъи баччичIищ нилъер умумуз.
- Шамил, кьода тIад хIалтIи байбихьидал абулеб букIана кIиго моцIидасан лъугIизе бугин гьеб къачIанилан. Бугищ гьединаб рес?
- Аллагьас хъван батани, гьединаб ният буго. ГьабсагIат бугелда тIаде жеги техникаги бачIине буго гьанибе, хIалтIухъабиги рачIине руго. Хьул буго октябралъул ахиралде киналго хIалтIаби рагIалде рахъинин, - ан абуна Шамил Къурбаиловас.
Гьадинабго хьул буго гIадамазулги. БагIараб кьодухъ кIиго машинаги хисун гуро киналго жакъа шагьаралдеги нахъеги хьвадулел. Руго Дарадасан тIаде унелги. Гьенибин абуни, кьин тIаде щведал цIерги чIван, расги лъикIаб хIал букIине гьечIо машинабазеги гIадамазеги.
Гьедин буго жакъа БагIараб кьодухъ ахIвал-хIал. Макъалаялъул ахиралда цIидасан ракIалде рачIунел руго ХIамзатил Расулица хъварал гьал мухъал:
«Дир гьудул, ругьунаб чоца рехани, Чодул мугъ бухуге, нухлул халгьабе. Гьеб гьетIараб букIин чол гIайиб гуро, ГIедегIуге, гьудул, чу хисизе мун».
Жакъа цIакъ рекъонкколел, халатаб сапаралда сабру цIунеян нилъеде балеб ахIилъун рихьула шагIирасул гьал рагIаби.
Гьелъухъего, гIедегIуге, гьудулзаби, чу хисизе нуж!
Ашахан Юсупов