ТIоцебе, Политехникияб институтги лъугIизабун Дагъистаналде тIадвуссараб мехалъ, дида рагIана, умумузул росу Алмахъ цебе заманалъ шагьар букIанилан. Гьелъул дица гIемер кIварго гьабун букIинчIо, щайин абуни, ракIалде кколаан мугIрул ракьанда бугеб Алмахъ шагьар кинин букIунеб абун. Амма хадусан рагIулел, ратулел, рихьулел рукIана гIажаибал биценал, тIахьазда лъазабиял, архивазда документал, артефактал. ГIемераб хIалтIи гьабизе ккана нижеца, алмахъазул бакIалъул тарих бокьулезул къокъаялъ. Щай гьеб гьабизе ккарабин гьикъани, лъазабиял, хIужаби, документал, къанагIатал тIахьазда ратарал хъвай-хъваял, интернеталда къватIиса авторазул гIелмиял макъалаби ва цогидал тарихиял хIужаби ратулел рукIиналъ. ТIоцересел лъазабиял гIемер «гъваридго» гьечIоан. Цебе заманалъ шагьар букIараб Алмахъалъул хIакъалъулъ бицун лъана къватIисел баяназдасан. Амма Дагъистаналъул къанагIатал гIалимзабаз гурони кIвар кьолеб гьечIо Алмахъалъул хIакъалъулъ бициналде. Официалияб нилъер тарихалда (туристазухъе щолеб, гьезда рихьизе лъолел памяткабазда) хъвалеб буго Дагъистаналъул Дербент гурони некIсиял шагьарал рукIарал бакIал лъалел гьечIилан. ГIелмияб макъалаялда археолог, тарихиял гIелмабазул доктор ГIумар Давудовас хъвалеб буго Салатавиялдасан (Алмахъалда гIагардасан) «Чилайдул нух» букIанилан.

Нижеца гIемер хъвана гьелъул хIакъалъулъ, щибаб бицунелде ссылкаги гьабун. ТIоцебесеб иргаялда гьаниб хъвазе бокьун буго Алмахъалда кIудияб мажгиталъул къадалъ батараб, КIудияб гамачIалда гьайбатаб хатIалъ гIараб мацIалда гьабураб хъвай-хъвагIаялъул хIакъалъулъ. Гьелда хъван буго МухIаммад (с.гI.с) аварагасул цIар ва гьениб бихьизабулеб буго гьеб хъвараб заман гьижрияб 132-абилеб сон бугин (гьанжесеб 750-абилеб сон букIине ккола гьеб). ГьедигIан цудунаб гамачI гьеб мажгиталъул къадалъе ккей буго гIелмияб кIвар бугеб суал.

Изображение

1262 соналъул заманалда Дагъистаналъул тарих хъварав гIалимчи Р.М. МухIамадовас (Р.М. Магомедов «История Дагестана» Махачкала. Дагучпедгиз 1998) хъвалеб буго Анжи шагьаралъе кумекалъе рачIарал союзниказул «…Среди союзников названы горные районы вплоть до Грузии, а также Индир и Балх (район р.Акташ)».

ГIаркьухъа бакIалъул тарих лъалев вукIарав Маматов Маликица абулеб букIана Балхъ абураб цIар монголалгун татарал (Меседил урду) тIаде кIанцIилелде Алмахъалъул букIанилан. Гьес абулеб букIараб дандекколеб буго Р.М. МухIамадовас «Балх (р-н Акташ)» абун хъварабгун. Алмахъ тюрказ кьураб цIар букIин лъалеб буго нилъеда.

МугIрузда гIумру гьабулел гIада­мазул гIумруялда жаниб кIудияб кIвар букIана бича-хисиялъул, щайгурелъул гьениб букIана рикIкIадаса бачIун къватIибехун унеб бича-хисиялъул нух. Гьедин Северияб Кавказалда цIар рагIарал бича-хисиялъулгун устарлъиялъул централ рукIана – Дербент, Тарки, Алмахъ, Дедяков, Магас, Татартуп, Гъоркьияб Джулат, Капчигай, Маджары, Матрика, Мала, Копа ва цогидалги.

Северияб Кавказалъул базаргаби бича-хисиялъул ишаз Меседил Урдуялде ин гуребги, гьел гьенир гIумру гьабунги рукIана, гьезул авалалго рукIана гьенир…

Сарай, Маджар, ТIасияб ва Гъоркьияб Джулат шагьаразда гIумру гьабулел рукIана асал, кипчакал, черкесал, гIурусал, византиял ва цогидалги миллаталъул гIадамал…Гьезда гъорлъ рукIана базаргаби, гьел шагьарал тун, къватIирехун бича-хиси гьабизе унелги. Гьеб мухIкан гьабула гьадинаб лъазабиялъги: 1260 соналъ Египеталъул султIан Бейбарсица Берке ханасухъе битIараб кагъат щвана аланазул базарганасухъан.

Изображение

XIV гIасруялда Гъадар абулеб бакIалъул тарихалдаги рехсолеб буго гIалимзабаз Алмахъ.

Гъайтагъ босун хадуб, Тохтамышида (Тимурил тушман) хадув лъугьунев Тимур ана Северияб Кавказалдехун. 1336-абилеб соналъ гIасияб къагIидаялда тIаде кIанцIана Дагъистаналде ва рихха-хочиял гьаруна гьенир. Дагъистаналда гIемер рукIинчIо Тимурил балагьаздаса рорчIарал бакIал. МугIрул халкъазул гIадамал цоцае кумекги гьабулаго, кибниги букIинчIеб гIадинаб бахIарчилъи бихьизабун рагъана тушманасде данде. Гьелъие мисаллъун ккола гьадинаб лъугьа-бахъин - тумазулгун магIарулазул лъабазарго рагъухъанас гIуцIараб богун ана тушбабаз сверун ккураб гIахъушдерие кумекалъе. Тимурил аскаралъул хъвадарухъабаз тамашалъи гьабун хъвалеб буго, бусурбанал гъумек ва магIарулал кумекалъе рачIанила бусурбаби гурел даргиязе (гьеб заманалъ даргияз жеги ислам босун букIун батиларо – С.С.). Гьединабго цоцазул рахъкквей гьабун буго гьез ГьаркIасуни, Алмахъалда ва цогидал бакIазда ккарал гIасиял рагъазулъ.

Кавказалъул тарих хъварав Россиялъул империялъул заманалда вукIарав рагъулав офицер ва тарихалъул гIалимчи Бакихановасул тIехьалда хъван буго гьадин: «Эмир Теймур, Терекалда ва Сулахъалда гьоркьоб бакIазда рукIарал лъарагIалги мукIур гьарун, Мичихъичазул ракьалдасан ун, кIанцIана анкьазарго рукъ жаниб букIараб Алмахъ шагьаралде тIаде. КIудияб къуваталда дандечIей гьабуна гьез Тимуриде данде, ва хадусан гьес гьеб босана ва гьениб бихха-хочи гьабуна (гьанже гьениб Салатавия округалъул нусго рукъ жаниб бугеб росу буго)»...

Гьел тIадехун рехсарал хIужаби­гун данде ккола бакIалъул тарих лъалев вукIарав Гъазиев­ ГIу­марасхIабица (журналист ГIу­мар­асхIабов ГIалиасхIабил эмен) бицун тIехьалда лъураб. ГIу­мар­асхIабиеги гьеб бицун буго Алмахъалдаса гIараб гIелмуялъул гIалимчи ГIамиргIалихIажица. (Гьев гIалимчи вукIана Маккаялда, Мадинаялда гIалимзабазда лъалев, гьелгун хъвадарулев чи. МухIамад ХIамзаевас бахъараб цIияб гIелмияб тIехьалда руго рахъун Маккаялдаса гIалимзабаз ГIамиргIалихIажиде хъван рукIарал Россиялъул архивалда ратарал кагътал). ГIумарасхIабица хъвараб кагътида букIана – Ахъсахъ Тимурица босун, биххун ва бухIун хадуб 200 соналдасан Алмахъ цебего гIадин кIодолъанилан. Хадусан вабаалъул унти тIибитIун, гIемер гIадамал хун, хутIарал цогидал бакIазде гочун, гьениб росугIанасеб гурони бакI хутIичIилан.

Гьеб ГIамиргIалихIажица бицун ГIумарасхIабица хъван тараб дандеккола цебе заманалъ Италиялъул гIалимчияс Каспий свери - мухъалъул гьабураб картаялда бихьизабулеб кIвар бугеб информациялъ. Гьеб карта нижехъе щвезабуна тарихиял гIелмабазул кандидат ХIапизовас.

1741-1742 соназ Надиршагь Дагъистаналде тIаде кIанцIун ккарал рагъазул хIакъалъулъ тарихиял гIелмабазул кандидат, профессор Юсуп Дадаевас Алмахъалда, росдал 1000 сон тIубай кIодо гьабураб данделъиялда бицана, гьеб рагъулъ хваразулъ цIар рехсон бугин Алмахъалдаса ГIали абурав чиясул. Гьес бицана парс мацIалда гIемераб материал бугила архивалда, жеги нилъер тарихалъул гIалимзабазда лъаларел хIужаби гъорлъ ругеб. РукIинисел тарихалъул гIалимзабаз парс ва гIараб мацIал лъазаризе кколила, гьел мацIазда ругила Надиршагьасулгун дагъистаниязул ккарал гIемерал хIужаби. Цо Алмахъалдаса ГIали гьеб рагъулъ чIвай гуреб, цогидаб жо гьениб цIализе жинда лъачIилан. Цоги гьес бицана Надиршагьасде данде рагъизе, гьабураб ахIиялда рекъон, Салатавиялъул росабалъа рагъухъаби ракIаранила цо тIел Гертмаялъул магIарда, цогидал Алмахъалда тIадехун ва Кьохъ росулъ данделъун, Хунзахъе анилан ва гьенир хунздерил боде гъорлъе журан Надиршагьасде данде рагъизе анилан.

Гьеб буго нилъеда Алмахъалъул некIсияб заманалъул хIакъалъулъ документаздасан лъазе кIвараб жо.

СалихI СалихIов